МагъчIваялъе рес

Наталья Эстемирова гьечIого щуго сон

Россиялъул журналист ва инсанасул ихтиярал цIунулей хIаракатчIужу Эстемирова Наталья йикIун йикIана 2009 соналъул 15 июлялда Грозный шагьаралда. Хадуб гьелъул жаназа батун буго мадугьаллихъ бугеб Гъалгъастаналда. «Мемориал» абулеб централъул хIисабалда Эстемирова чIваялда гIадлу-низам цIунулел гIуцIабазул хIалтIухъаназул хурхен буго. Н.Эстемирова чIван хадусала цониги чи жеги ккун гьечIо.

Цойги

XS
SM
MD
LG