МагъчIваялъе рес

Президентлъиялде хьул лъурай Хиллари Клинтон

2016-леб соналда Америкаялъул Цолъарал Штатазда тIоритIине ругел президентасул рищиязда гIахьаллъи гьабизехъин йиго Хиллари Клинтон. Юристлъун ва ихтиярал цIуниялъул профессорлъун йикIарай Хиллари ХъахIаб рукъалде ккана 1993 соналда – гьеб мехалда гьелъул рос Билл Клинтон вахъана штатазул президентлъун. Нью-Йорк штаталдаса сенаторлъун йикIана гьей ва 2008-леб соналда тIоритIарал президентасул рищиязда гIахьаллъана (амма бергьана доб мехалда Барак Обама). Обамаца пачалихъияй секретарлъун йосана Клинтон. ГIумруялдехун ва политикаялдехун Клинтонил кинал бербалагьиял рукIарали рехсон буго гьаб фотогалереялда.

Цойги

XS
SM
MD
LG