МагъчIваялъе рес

​ТIахьазул экспозициялда

МахIачхъалаялда тIобитIулеб буго «Тарки Тау» абураб тIахьазул экспозиция. Исана гьеб тIобитIулеб буго ункъабилеб нухалда. Экспозициялда лъун руго 15 басмаханаялдаса тIахьал (Дагъистаналдаса гурелги, Москваялдасагун Нальчикалдасаги). ТIахьазухъ балагьизе рачIарал чагIазе кучIдул цIализе цере рахъунел руго студенталги школлъималги. ТIахьазул базаралде жидерго гIарцул тIагIалабигун щагIил къайиги босун рачIун руго гьединго бархъалиселгун кубачиялги. 27 сентябралда тIахьазул базар ине буго Дербенталдеги. Базаралде щвана нижер мухбир Зульфия ХIажиева.

Цойги

XS
SM
MD
LG