МагъчIваялъе рес

МугIрузул гIадамазул мина

«ГIучIалтIан, бухча ва чирахъ» - гьеб цIаралда гъоркь бугеб экспозиция унеб буго «Вагидат» абураб галереялда. «МаугIрузул гIадамазул мина» абураб проекталъул кIиабилеб экспозиция кколеб буго гьеб. ГIучIалтIан – магIарулаз аслияб куцалда богорукъоб хIалтIизабулеб, жаниб гъуд-гIучI, цIам ва цогидаб хIажатаб лъолеб алат.
Бухча - рукъариялъул алатал лъезе хIалтIизабулеб, гьитIинабго хасиятаб ххамил таргьа. Гьединго рукIунел рукIана чIахIиял бухчаби, гьел къеда ралаан жанир къуранги лъун. Чирахъ – магIарулазул рокъоб чара гьечIого хIажалулеб алат. Нахул чирахъал хIалтIизарулел рукIана 20 гIасруялъул авалалде щвезегIанги, хIатта электричество баккизегIан.

Цойги

XS
SM
MD
LG