МагъчIваялъе рес

Армениялда протесталъул акциял

Армениялда Ереваналда бугеб Россиялъул вакиллъиялда, Гюмри шагьаралда аскIоб бугеб рагъулаб базаялда ва цоги административиял минабазда цебе гьал къоязда тIоритIулел рукIана аза-азар чи гIахьаллъарал протесталъул акциял. Гьез тIалаб гьабулеб букIана Россиялъул солдат Валерия Пермяков Армениялъул диванханаялъухъе кьезе. Полициялъулгун гьезул ккарал тунка-гIусиязда руго зарал ккарал. Цо-цоял полициялъ ккунги рукIана. Пермяковасда гIунтIизабулеб буго Гюмри шагьаралдаса Аветисяназул цо хъизаналдаса анлъго чи чIваялъул гIайиб. Гьеб гIайибалъе гьев мукIурлъунги вуго.

Цойги

XS
SM
MD
LG