МагъчIваялъе рес

Вацлава Гьавелил цIаралда бугеб премиялъе мустахIикълъана Анар Мамедли

Страсбургалда итни къоялъ тIобитIана Вацлав Гьавелил цIаралда бугеб шапакъат кьеялъул тIадбир. Гьеб премия кьола инсанасул ихтиярал цIунулев вищун жигарав хIаракатчиясе. Исана гьеб премиялъе мустахIикълъана азербажаналъул хIаракатчи Анар Маммадли. Гьев ккола рищиязул ва демократиялъул мониторинг гьабулеб Централъе кIучI лъурав. Рехсараб Центр Азербажаналда рагьун букIана 2001 соналда. Гъоркьиса декабрь моцIалдаса байбихьун Маммадли туснахъалда жанив вуго.

Цойги

XS
SM
MD
LG