МагъчIваялъе рес

Живго - къватIив, ракI - Дагъистаналда

МахIачхъалаялда Экспозициязул залалда лъун руго Рассо МахIамадовас хъварал сураталги гьарурал гобеленалги. Авторас гIумру гьабун буго Санкт-Петербургалда. Гьесул лъимерлъи ун буго Ташкенталда «лъималазул рокъоб». Рассо МахIамадов гьавуна ТIасияб Убекиялда. ГьитIинаб мехалда гьев эбелгун цадахъ Чачаналде гочинарун руго, гьенисанги, мекъи ккун, чачаназда цадахъ Гьоркьохъеб Азиялде ритIун руго. Гьений хун йиго эбел. Суратал рахъулелго гIадин, Рассоца кучIдулги хъвала.

Цойги

XS
SM
MD
LG