МагъчIваялъе рес

Дунялалъул тIоцебесеб рагъ


2012 соналъул 26 декабралда бахъараб «Россиялъул рагъулаб реццалъул ва ракIалдещвезаризе кколел заманабазул хIакъалъулъ» федералияб къануналда рекъон, 1 август лъазабуна ТIоцебесеб дунялалъул рагъулъ чIварал ракIалдещвезарулеб къолъун. 2013 соналъул 1 августалда Россиялда гьеб къо официалияб къагIидаялъ кIодоги гьабуна.

1914 соналъул 28 июлалдаса 1918 соналъул 11 ноябралде щвезегIан халатбахъараб ТIоцебесеб дунялалъул рагъ рикIкIуна инсанияталъул тарихалда жанир ккарал бищунго чIахIиял рагъазул цояблъун. Рагъулъ гIахьаллъана Ункъоязул цолъи (Германия, Австро-Венгрия, ГIусманиязул империя, Болгария) ва Антанта (Россия, Франция, Великобритания). Антантаялъул рахъккуна къогоялдаса цIикIкIун пачалихъалъ, гьезда гьоркьор рукIана США, Япония, Сербия, Италия, Черногория, Бельгия, Египет, Греция, Бразилия, Китай. Гьеб гIасияб рагъул хIасилалда щущахъ биххана ункъо империя: Россиялъул, Австро-Венгриялъул, ГIусманиязул ва Германиялъул. Рижана цIиял пачалихъал: Австрия, Венгрия, Югославия, Польша, Чехословакия, Литва, Латвия, Эстония ва Финляндия.

Исана нусго сон тIубала ТIоцебесеб дунялалъул рагъ байбихьаралдаса. 1914 соналъул 28 июлалда Югославиялъул Сараево шагьаралда анцIила ичIго сон барав сербав Гаврила Принципица Австриялъул эргерцог Франц Фердинанд чIваялъул хIужа, къокъаб заманалда жаниб сверана ункъо соналъ халат бахъараб дунялалъул питнаялде. Европаялъул, Азиялъул, Африкаялъул, Америкаялъул, Австралиялъул - киналго континентаздаса гIемерал пачалихъал, батIи-батIиял халкъал цIана гьелде гъорлъе. Гьелъул балагьаб сурат цебечIезабула гьадинал тарихаз: гьеб рагъулъ гIахьаллъарал пачалихъаздаса камуна I0 млн. чи солдатазул, I2 млн. гIанасев чи чIвана ракълил гIадамазул, 55 млн. гIанасев чи лъукъун вукIана.

Совет хIукуматалъул заманалда ТIоцебесеб дунялалъул рагъул хIакъалъулъ бицине гIемер беццараб букIинчIо. Бицаниги, гьелъие кьолаан квешаб къимат. Щайгурелъул официалияб пикруялда рекъон, гьеб букIана империалистияб, хъачагълъиялъулаб рагълъун. Гьединлъидал гьечIо нилъер улкаялда гьеб рагъги, гьенир гIахьаллъаралги ракIалдещвезарулел памятникал, тарихал, байрамал. ГьечIо гьел Дагъистаналдаги. Амма Дагъистаналдаса гьеб рагъулъ, жидеего бокьун, гIахьаллъана гIемерав чи, аслияб куцалда гьел рукIана Дагъистаналъул полказул рекIараллъун.

Нусго соналъ цебе байбихьараб дунялалъул рагъул хIакъалъулъ жакъасеб гIелалда гIемераб жо лъачIониги, амма буго цо хIужа, жиб киназего баянаб: гьеб рагъда машгьурлъана ХъахIабросулъа МахIмудил цIарги шигIруги!

Карпаталъул мугIрузда рижана гьесул ботIролъ бищунго пасихIал шигIриял асарал: «Хиянатай гьудул», «РекIел бухIиялъул хIакъикъат бицун», «Почтовой кагътиде керенги чучун», «Марям».

ТIубараб гIасру ана бицен гьабулеб рагъ байбихьаралдаса, амма, гIумруялъ бихьизабухъе, инсанияталъ цIалун гьечIо гьелъул дарсал, лъугьун гьечIо гьеб гIадамазе насихIатаб гIибратлъун. Жакъа цIидасан хIалуцунеб буго дунялалда ахIвал-хIал: цин гьанир, цин дора – батIи-батIиял бакIазда раккулел руго гIисиналги чIахIиялги рагъал, кьалал, тунка-гIусиял. Жакъа хIинкъи буго ГIиракъалда, Кавказалда, Ливиялда, Палестинаялда, Сириялда, Украинаялда ва цогидалги регионазда кколел ругел бидулал лъугьа-бахъинал тIолгодунялалъул питнаялде свериялде.

XS
SM
MD
LG