МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул журналист чIвалъул ишалде кIвар ООНалъги буссинабулеб буго


Цолъалараб миллатазул гIуцIиялъул данделъиялда халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб «Артикль-19» абураб идараялъ тIалаб гьабуна журналист АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваялъул ишалъул цIех-рех халат бахъинаби. Гьеб идараялъул вакилзабаз кIвар буссинабулеб буго Россиялда журналистал чIваялда хурхун цIех-рех тIаса-масаго унеб букIиналде. Гьединазул цояблъун рукIкIунеб буго гьединго АхъIмаднабиев чIваялда хурхун рагьараб ишги.

Гьал къоязда Швейцариялъул Женева шагьаралда унеб буго цолъарал миллатазул идараялъул инсанасул ихтиярал цIуниялда хурхун тIобитIулеб бугеб данделъи. Гьеб тадбиралда хасаб бакI кколеб буго журналистал цIуниялъул суалазги. Гьел суалазул бицунаго англиялъул «Артикль-I9» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъаздагьоркьосеб идараялъ тIалаб гьабуна заманалъ гьоркьоб къотIизабун бугеб Дагъистаналдаса журналист АхIмаднабиев АхIмаднаби чIваялъул иш цIидахъан байбихьеян. Гьеб иш жеги журналист чIварав чи чIезавун гьечIолъиялда бан исана августалъул ахиралда гьоркьоб къотIизабуна. Гьелда рази гьечIо «Артикль-I9» вакилзаби, гьез лъазабулеб буго Россиялда журналистал чIваялъул ишал рагьиялде кIвар кьолеб гьечIилан. Гьеб кIваргьечIолъиялъе мисаллъун рачана гьез журналистал Анна Политковская, Наталья Эстемирова, Тимур Куашев, ХIажимурад Камалов ва АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваялъул ишал. Гьезул цохIониги ишалъул рагIа-ракьанде щун букIине кколедухъ халгьабулеб гьечIин лъазабуна гьез.

Халкъазда гьоркьосеб журналистазул идараялъул баяназда рекъон I0 соналда жаниб дунялалда чIван вуго 500 журналист. Россиялъул журналистазул цолъиялъул баяназда рекъон ахираб къого соналда жаниб Россиялда чIван вуго 35I журналист. Гьезул гIемерисезул букIине кколеб цIех-рех гьабичIилан бицана Россиялъул журналистазул цолъиялъул жавабияй хIалтIухъан Надежда Ажгихиналъ.

Ажгихина Надежда: «Журналистал чIвай гьеб буго жакъасеб къоялъ гIадатлъун билълъараб иш. Ниж цIалулеб мехалда журналистасул хIалтIи захIматабги, хIинкъи цIикIкIарабги букIин лъалаан, нижее бицунаан чIварал журналистазулги, амма нилъер пачалихъалда гьедин букIинин кидаго кколароан. Дун мекъи йикIин бихьизабулеб буго 20 соналда жанив Россилда 35I цо журналист чIваялъ. Гьезда гьоркьоса I5 яв ккола Дагъистаналъул журналистал. Гьеб сияхIалда гьоркьоб ахирисеб бакIалда вуго АхIмаднаби АхIмаднабиев. Цойгидал гIемерисезулго гIадин гьев чIваялъул ишалъулги ахир бихьулеб гьечIо. Россия ва хасго Кавказ журналистазе хIалтIизе хIинкъицIикIкIараб бакIлъун хутIулеб буго. Гьединлъидал журанлистал цIуниялъул суалал нижеца гIемер рорхула, рорхизеги ккола гьел. Журналистал хIинкъизари, рухи, гьезде тIадецуйгьаби, гьел диваналде кьей гьеб гIадалъун лъугьараб жо буго Россиялъул киналго региоанзда».

Гьединго Ажгихиналъ абуна кинаб идараялъ щиб данделъиялда журналистал чIваялъул ишазул букIине кколеб халгьабеян тIалаб гьабуниги, жамгIияталъ гьезул рахъ кколеб гьечIони хIасил кколарилан. ЖамгIият бахъун цадахъ рекъон тIалаб гьабизе кколила хасал идарабаздаса цIех-рех букIине кколедухъ гьабейилан. Щай гурелъул, журналистал ругила халкъалъул вакилзаби, гьелъул суалал роцIцIинариялъе гIоло хвезеги холила гьел гIемерисеб мехалдайилан.

Дагьаб цебегIан «Черновик» газеталъул бетIергьан Камалов Магьдилгун букIараб гара-чIвариялда гьес «Эркенлъи» радиоялъе бицун букIана пачалихъалда бугеб коррупциялъулаб система хисун хадуб гурони, гьел журналистал чIваялъул ишазул букIине кколеб цIех-рех гьабизе гьечIила. КигIан гIемер митингалги пресс-конференциялги, тIалабалги гьаруниги, кагъталгун хитIабал хъваниги тIалъиялъ букIине кколеб кIвар кьечIони хасал идарабаз гьеб иш рагIалде бахъинабизе гьечIилан.

Исана июль моцIалда Нальчикалда чIварав журналист Тимур Куашевасул сверухълъиялъ лъазабулеб буго гьев чIваялъул иш рагьиялда жидер божилъи гьечIила, амма гьедин букIаниги жидеца гьеб ишалде кIвар кьечIого тезе гьечIилан. Тимур чIван хадуб цIех-рех гьабизе хасал идарабазе кIиго моцI кьун букIанила жидеца, амма гьез гьабураб хIалтIул кинабгIаги хIасил бихьулеб гьечIила, гьединлъидал жидеца гьеб ишалъул цIех-рех букIине кколедухъ гьабеян абун тIалаб гьабун акциял тIоритIизе ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Куашевасда цадахъ цIалулей йикIарай, гьесул гьалмагъ Лиза Тхалагоевалъ.

Лиза Тхалагоева: «Цойгидал журналистал чIвачIого рукIиналъе, яги гьаб шагьаралъе лъикIлъи гьабизе къваригIун батани нижеда тIадаб буго гьеб ишалда хадуб халкквезе. Гъабардиязул цIех-рехалъул идараялда хIалтIилев вугев дида лъалев чияс абун Тимур чIваялъул иш цойгидал гьединалго ишалго гIадин цояб идараялдаса цойгиялъухъеги кьун хутIизе бугила. Гьеб такъсир гьабурав ва гьабизе тIамурав чи валагьизе кIвей щакаб иш бугилан. Гьедин батаниги нижеца гьеб ишалдаса тIасан квер босун тезе гьечIо. Нижеца бажарулебщинаб жо гьабизе ккола гьел чагIи ралагьиялъе ва гьезие тамихI гьабиялъе».

ЦIех-рехалъул идарабазул баяназда рекъон Тимур Куашев рекIел унтиги бачIун хун вуго, гьесул сверухълъиялъ гьеб мекъаб баян бугин рикIкIунеб буго. Гьезул пикруялда рекъон жураналист рекIел унти бачIинабулеб хасаб даруялъул уколги гьабун чIван вуго.

XS
SM
MD
LG