МагъчIваялъе рес

Хайир балъго гьабулеб буго


Dagestan / police
Dagestan / police

МахIачхъалаялъул прокуратураялъ Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасухъе гIарза хъван буго нухазда транспорталда хадуб халкколеб полициялъул 21 хIалтIухъанасда тIасан.

Прокуратураялъ рикIкIунеб буго полициялъулаз балъго гьабун бугин жидеего щолеб хайирги, мал-мулкги, жидеца гьарулел харжалги. Гьедин гьезие тамихI гьабизехъин буго. Гьезул цо хIалтIухъанин абуни хъулухъалдаса вахъунги вуго.

ЭР-сан жиндирго цIар рехсезе бокьичIев полициялъулас абуна балъго гьабулелин рукIун ратиларин гьел, лъачIого ккезеги рес бугин. Масала, жиндирги букIанин гьединабго гъалатI борчIун.

Жиндие ячIунеб мехалда лъадуе инсуца кьураб рукъ букIун бугин, лъазеги лъачIого жинца гьеб бихьизабун букIинчIин документазда. Амма киналго баянал ракIарараб базаялдасан загьирлъанин гьеб.

Гьев полициялъулас гьединго абуна иш батIайисан букIун батизеги рес бугила, масала, даран-базар гьабулеб букIун батилила гьес. Полициялъул хIакъалъулъ бахъараб къануналда рекъон, жидее гьединаб изну кьун гьечIила.

Полициялъул хIалтIухъан: «Шагьаралда кIуди-кIудиял тукаби, дармилал комплексал жал рукIинеги рес буго тIадбалагьун гIадатиявин ккаравги полициялъул хIалтIухъанасул. Гьединлъидал гьез гьеб буголъи жидерго хъизаналъул чагIазда тIад хъван букIуна.

Гьедин бахчунги букIун, гьанже тIатинабун батизе бегьула цо-цоязул гьеб. Масала, полициялъул хIакъалъулъ бахъараб къануналда рекъон, нижее изну букIунаро даран-базар гьабизе. Гьеле гьелда релълъараб жо батизе рес буго гьел тамихIалде цIалел ругел полициялъулазулги».

Болъихъ мухъалдаса юрист МухIамадгIалиев МухIамаднабица гьеб хIужа гьедигIан кIвар кьезе кколеблъун рикIкIунеб гьечIо. Щайин абуни гIадатиял полициялъулал гурелги, Дагъистаналъул хIакимзабазда гьоркьор гIезегIан ругила документазда жидер буголъи бихьизабуларел чагIи.

МухIамадгIалиев МухIамаднаби: «Гьеб буго жинца хIалтIи гьабулеб бугилан бихьизабизе хIукуматалъул идарабазе бокьун букIин. Дагъистаналда бащадалниги хIакимзаби рекIун руго чияр цIаралда ругел машинабазда (жалго бетIергьанал машинаби гьел рукIаниги).

Гурони гьадаб буго ххвалие гIадаб халгьаби. Килищги битIун бокьарав прокурор вихьизавизе кIола дида, жидедаго тIад хъвай-хъвагIай гьабичIел машинабазда рекIунел. Цо анцIго, къого чиясул халгьабунинги абун, дора Москваялда ругел хIакимзабазда жалго рихьизаризе гьарулел хIалтIи буго гьезул гьеб.

ТIаса рищун гурел, цересан халгьабизе лъугьани, хIакимзабазул 70 проценталда тIад хъван ратуларо машинабиги, рукъзалги, цогидабги. Киб бугеб гьениб рацIцIалъи? Кибниги гьечIо. РацIцIалъи букIарабани, Дагъистан гьадин букIунароан. Гьале гьал чIахIиял минабазухъ кьезе кколебщинаб магъало щиб?

Гьеб кьолеб букIарабани, гьез гьел киданиги ралароан. Гьенир жанир гIумру гьабулел рукIаниги, гьел минабазул квадратураги, багьаги, къадарги бихьизабулебищ бугеб? 90 проценталъ мискин чияс гурони, бечедал чагIаз къанагIатги бихьизабуларо документазда жидерго мал-мулк. Гьедин батани, босеха Амировасул (гьабсагIаталда туснахъалда вугев МахIачхъалаялъул экс-мэр – авт.) мина – буголъиялда тIаде кколеб магъало кида гьес кьурабали бихьизе».

Жидеего щолеб хайиралъул декларация бихьизабизе тIадаблъун гьабун буго Россиялъул президент Владимир Путиница. Амма Дагъистаналда республикаялъул нухмалъулесги хIукуматалъул нухмалъулесги, жеги цо чанго тIадегIанав хIакимасги гурони, министраз сан гьабулеб гьечIин Путинил тIадкъаялъулин бичIчIизабулеб букIана исана сентябралда «Первое Антикоррупционное СМИ» абулеб порталалъ.

Масала, республикаялда вугев 18 министрасда гьоркьоса анлъгояз гурони кьун гьечIо декларация.

Гьезда тIадеги гьеб кьун гьечIо щибаб министрлъиялда рукIунел 4-5-6 министр хисулезги.

Декларациялда жидерго мал-мулк бихьизабурал министразда гьоркьоб бищунго Зейдула Юзбековасде кIвар буссинабулеб буго цебехун рехсараб порталалъ. Пачалихъияб буголъиялъул министрлъиялда вукIун, исана риидал нахъе вахъана гьев.

Жинцаго квералъ хъвараб декларациялда Юзбековас бихьизабун бугила 2013 соналда жиндие цо млн. гъурщидаса цIикIкIараб гIарац щванин. Амма гьеб министерлъиялъул сайталдайин абуни хъван гьечIила министр хисулезе щолеб хайир.

Декларациялда рекъон, бищун дагь хайир щун буго Дагъистаналъул росдал магIишаталъулгун продовольствиялъул министр БатIал БатIаловасе – лъагIалие – 274 азарго гъурущ, гьелда гьоркьоса 114 азарго гъурущ ккола пенсия.

XS
SM
MD
LG