МагъчIваялъе рес

Сочи: Олимпиял хIаязда хадуб – казиноялъул хIаял


Сочиялда Олимпиялъул хIаязде хIадурлъи унеб мехалда гьенир рукIа-рахъин гьабулел гIемерал гIадамал захIматаб хIалалда хутIана. Цоязул рукъзал риххун, цогидазул минаби ругеб бакIалда тIабигIаталъе зарал щун буго. Олимпиада тIобитIун хадуб, цIакъ къиматал спортивиял бакIал чIорого хутIана. Амма гьелда балагьичIого шагьаралъул администрациялъул хиял буго цIиял объектал разе ва гьаб нухалъги гIадамаз зигардулел руго.

Шапи Манаров ккола «Лодочный кооператив» абулеб гIуцIиялъул бетIергьан. 1990 соналдаса байбихьун гьес жиндирго ишцоязулгун цадахъ кIудияб хIалтIи гьабуна, гIисинал гумил станция бан.

Амма ракIалдаго гьечIого шагьаралъул нухмалъулез хIукму гьабуна гьес рарал объектал гьениса тIагIинаризе. Щиб гьелъие гIиллалъун ккун бугебали – Шапида лъалеб гьечIо.

Шапи Манаров
Шапи Манаров

Шапи Манаров: «Дир хIисабалда шагьаралъул администрациялъ къануналде данде кколареб къагIидаялда ралъдал рагIаллъи бацIадгьабулеб буго, гьенир ругел минаби риххун ва тIагIинарун.

Гьелъул мурад щиб? Гьел минабазул бакIалда щиб букIине бугеб? Дида гьеб лъаларо. Гьадинаб иш диде данде гуребги - гIемерал цогидал гIадамаздеги данде гьабулеб буго администрациялъ, диваналде гIарз битIун.

Диваналъги хехаб къагIидаялда хIукму къотIулеб буго изну, гьечIого рарал минаби риххизаризе.

Жидеца махIкамаялъул киналго инстанциязде хIитаб гьабуна. Гьанже цониги махIкамаялъ жиндир гIарз гIадахъ босулеб гьечIин, абулеб буго Манаров Шапица.

Россиялъул Конституциялда рекъон тIоцебесеб иргаялда гражданинасул ихтиярал цIунизе кколин пачалихъалъ. Аммаила гьаб нухалъ диваналъ администрациялъул ихтиярал цIунулел руго гIадамазул тIалаб-агъаз гьабичIого.

Гьанже тIокIаб чара гьечIого Шапица Страсбургалъул диваналде гIарз битIун, ритIухълъи тIалаб гьабулеб буго.

Гьадинал гIадамал дагьал гьечIин Сочиялда, ян абулеб буго Шапиц. ГIемерал соназ Сочиялда гIумру гьабулеб буго Къурбанов Олегицаги. Гьесдеги данде данде шагьаралъул администрациялъ ишал гьаризе байбихьана.

Олег Къурбанов: «1994-95 соназда нижеца байбихьана гумузул ангарал разе. РукIана нижер киналго хIажатал документал. Ангарал разе изнуги, ракьул бутIаги кьун букIана нижее.

Нижеца Россиялъул ракьул саниметрцин бахъун букIинчIо, гIаксалда - нижеца гьеб ракьалде цIияб бащдабчIинкIиллъи жубана, чабхил 32 азарго кубометр бан, ралъдал рагIаллъи гIатIилъизабуна нижеца.

Доб мехалъ нижер хIалтIуе лъикIаб къимат кьуна администрациялъ, гьанжейин, гьеб кинабго хIалтIи рукIалиде ккезабураб мехалда, гьеб ракь нижехъа бахъулеб буго цо-цояз, пачалихъалъ кьолел ихтиярал гIорхъолъа борчIараб хIалалда хIалтIизарун».

ЭР: - КIолищ дуда мухIкан гьабизе – хасго щиб гьабураб администрациялъ?

Олег Къурбанов: «Дун вуго Россиялъул гражданин. ГIажаибаб ищ гурищ - жиндирго ватIаналда вукIаго, къватIисел улкабаздаса ритIухълъи тIалаб гьабулеб буго дица! Щай? щай гурелъул гьениб дида кIоларо жаваб батизе.

Амма кIудияб баркала дир пачалихъалъе, гьелъ,Украиналдаго гIадин, нижеде данде танкалги, авиацияги хIалтIизарун гьечIолъиялъухъ. Ракълилаб къагIидаялда бульдозералги экскаваторалги рачун, нижеца рарал минаби риххизаруна».

Сочиялда риххарал минаби
Сочиялда риххарал минаби

Амма гьеб гуребги, гьанже Къурбанов Олегги Манаров Шапиги диваналъ жавабчилъиялде цIазе руго.

Олег Къурбанов: «Россиялъул къануназда рекъон 15 соналдаса нахъе ракь гIадамазул мал-мулклъун лугьине ккола. Гьале нижеца гьениб 15 сон бана, ниж къабулги гьаруна. Кинха гьезда кIолеб ниж къануналде данде кколареллъун лъазаризе?

Амма кIвана. Нахъеги гъун, абулеб буго: "Вере, Сочиялдаса къватIирехун унге, нужеде данде такъсирчилъиялъул ищ рагьун бугин" абун».

Къурбанов Олегица абулеб буго гьеб бугин унго-унгояб рейдерлъиялъул гьужум.

Олег Къурбанов: «Хасго гьелъул бицен гьабулеб буго дица. У, хIакъикъаталдаги, дида ккола ниж гьениса нахъе гъеялъе цохIого цо гIилла батилин - гьеб ракьул бутIа цогидазда берцинаблъун бихьун, гьез гьеб нахъе босизе къасд гьабулеб батила.

Нижеца гьениб хIалтIи байбихьараб мехалда гьеб къваригIунеб букIинчIо лъиениги. Гьаниб ришниги чорокаб лълелги гурони, тIокIаб щибниги букIинчIо. Нижеца газги, токги бачана гьанибе, гьитIинаб электростанция бан. Гьанже гьеб ракь цогидазе хIажалъана. Гьеб буго рейдерлъиялъул гьужум. Гьеб территория казино хIаязул зоналъун лъазабун хадусала ракьул багьа кIиго нухалъ цIикIкIана».

XS
SM
MD
LG