МагъчIваялъе рес

«Кавказалъул бициналде, цин Кавказ лъазабе!»


14 сентябралда МахIачхъалаялда байбихьана «Россиялъул Кавказ» абураб политологиялъул форум. Кавказалъул рахъалъан батIи-батIиял экспертаз бихьизабулел рукIунин кин регионалда парахалъи чIезабизе кколебали, кин гIадамазул рукIа-рахъин гIуцIизе кколебали. Амма гьел ругин щвалде щун Кавказги лъаларел, цо нухалъгIагицин гьениреги щвечIел чагIиян абураб пикру загьир гьабун буго данделъиялда.

Политологиялъул форумалда гIахьаллъулел руго Россиялда машгьурал политологалги, гIалимзабиги, Пачалихъияб Думаялъул депутаталги, Дагъистаналда мадугьалихъ ругел республикабаздаса нухмалъулелги. Жакъа къоялда жамгIияталъ Кавказалда кIал гьикъулеб бугин, гьедин МахIачхъалаялда гьеб форум тIобитIиялъул магIна кколин гьеб кIал гьикъиялъе жаваб кьезе хIадур ругин нижин абураб. Гьедин лъазабуна форумалда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас.

Кавказалъул хIакъалъулъ гIемер хъвала Россиялдаги гьеб тун къватIибги. БатIи-батIиял экспертаз гIакълаби кьола кин гьениб парахалъи чIезабилеб, кин гьениб гIадамазул рукIа-рахъин лъикIлъизабилебали. Амма гьел чагIи ругин щвалде щун Кавказги лъаларел, цо нухалъгицин гьениреги щвечIел чагIиян абураб пикру загьир гьабуна форумалда Рамазан ГIабдулатIиповасги Чачан Республикаялъул парламенталъул нухмалъулев Дукваха ГIабдурахIмановасги. Масала, Кавказалъул хIакъалъулъ хъвайин Кавказалде рачIун, Рамзан Къадировгун яги Рамазан ГIабдулатIиповгун цадахъ жидер къватIазда тира-сверарал, жидер кеп-ихтилатазда гIахьаллъарал, гьединго гIадамазул рукIа-рахъин бихьарал чагIазин абуна Дукваха ГIабдурахIмановас.

Дукваха ГIабдурахIманов: «ЦоцIулгицин Кавказалдегицин щвечIого, киназго хъвалеб буго гьелъул хIакъалъулъ. ШагIир Расул ХIамзатовасдаса байбихьун, гугарухъан Бувайсар Сайтиевасде щвезегIан киналго гьунар бугелщинал гIадамалги Кавказалда рукIаго киназего къваригIун буго нижеда малъаризе».

Дукваха ГIабдурахIмановас мисал бачана дагьалъ цебегIан Москваялда гьабулеб букIараб Кавказалъул халкъазул конгрессалъулги. Москваялдаги рукIун Кавказалъул бицунел нуж щибулелин, гъореги ун тIобитIейин гьеб данделъиян абунила жинца гьеб конгресс тIобитIулезда.

Рамазан ГIабдулатIиповасул рагIабазда рекъон, Дагъистаналъеги, Чачаналъеги, Ингушетиялъеги нухмалъи цо ккураб куцалда гьабизе къваригIунеб буго тIадехун ругезе. Амма гьеб мекъи буго, щайин абуни Кавказалда щибаб республикаялдаяли киб гурин, щибаб росулъ буго жиндирго хаслъиги культураги. Гьедин цо нухалъ президент Владимир Путинидаги абун букIанила жинца Кавказалъул рахъалъ эксперт абурав чи вукIунарилан.

Гьединго Дагъистаналъул нухмалъулес кIвар буссинабуна Кавказ цебетIеялда хурхун Россиялда цо щвалде щвараб программа гьечIолъиялде. Масала, гIуцIана Россиялъул Къилбаялъул рахъалда бугеб федералияб округ, хадуб – Шималияб Кавказалъул федералияб округ. Щибха гьелъ кьураб? Кьуна гIицIго гъоркь рукIаразда тIадеги хал гьабиял тIоритIулезул тIубараб къокъа. Шималияб Кавказалда гьечIо республикабазда гьоркьор киналгIаги экономикиял проекталги. Гьеб рахъалъ ратIа тIун руго гьел.

Россиялъ Дагъистан чIалгIаде кваназабулеб бугин абураб пикруги ракIалде щвезабуна ГIабдулатIиповас. Мисалалъе, ахираб 20 соналда жаниб Дагъистан бугила Россиялъул бюджеталдасан бищун дагь гIарац биччалел регионазда гъорлъ. Гьеб мехалда киндила Дагъистан чIалгIаде кваназабулеб?

Рамазан ГIабдулатIипов: «Высоцкиясул кочIолъ гьечIищ абулеб: цого бакIалда чIун рекери. Гьеле гьелдаго релълъараб жо буго гьеб экономикаялъул модельги. Дагъистан чIалгIаде кваназабуге, амма церетIеялъул моделалде баче гьеб. Дица щивниги какулев гьечIо, гIицIго анализ гьабулеб буго дирго республикаялда, улкаялда лъугьа-бахъунелъул».

Гьединлъидал унел ругин дагъистаниял Дагъистан тун къватIире бетIербахъиялъе гIолойин абуна республикаялъул бетIерас.

Форумалда кIалъана Михаил Горшковги (Россиялъул ГIелмияб Централда цебе рагьараб социологиялъул институталъул директор), Валерий Тишковги (Россиялъул ГIелмияб Централда цебе рагьараб этнологиялъулгун антропологиялъул институталъул директор) ва цогидал. Форумалда цIар «Россиялъул Кавказ» абун букIаниги, гьез хас гьабун Кавказалда хурхинаричIо жидерго кIалъаял. ГIицIго Тишковас абуна нужеца гьеб цIар битIун лъун бугилан. Чанго соналъ цебе жинца гьединаб цIар тIехьалда лъейдал, гьелда рази гьечIел гIадамал гIезегIан рукIанила.

Гьеб форумалда республикаялъул нухмалъулес бадирчIваял Дагъистаналда бугеб политологазул ассоциациялъеги. Кирдила ругел нужги нужер проекталги. ТIалъиялъ жал щибниги къваригIун жидехъего ахIуларин жаваб кьуна гьеб мехалда ассоциациялъул нухмалъулев ГIабдулнасир Зираровас. Къойилго гIадин республикаялда кьвагьа-гIанхъиял цогидабги кколеб мехалда, гьеб ахIвал-хIалалдаса рорчIиялъе нухалги ралагьичIого, жидеца ахIизегIан балагьунищдила чIезе кколелан абуна ГIабдулатIиповас.

Форум халатбахъине буго 21 сентябралде щвезегIан.

XS
SM
MD
LG