МагъчIваялъе рес

Махсароялъулъ балагьулеб экстремизм


Роман Романенко
Роман Романенко

Россиялдаса журналист Роман Романенкоца велъизавуна гIемарв чи Facebookалда макъалаги лъун. Гьениб гьес, махсаро гьабун, президент Владимир Путинида гьарулеб букIана «Крымалъул къагIидаялда» жиндир гIагараб шагьар Вологда хвасар гьавеян. Амма киназулго гуреб гьелда релъизе бачIараб. Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъул мухбир Иван Бельяевас гара-чIвари гьабуна гьанже экстремизмалда хурхун жинда тIад цIех-рех унев вугев Романенкогун.

Россиялъул Вологда шагьаралдаса журналист ва блогер Роман Романенкоца 4 марталда Крымалдаса рачIунел цIиял харбазда гьоркьоб хIукму гьабула президент Владимир Путинихъе кагъат хъвазе.

«Нижеца цIалана Крымалда ругел гIурус мацI бицунеб халкъ цIунизе аскарал ритIизе ракIалда бугин дудайин. Гьелда бан нижер буго-Вологдаялдеги аскарал ритIейин кIудияб гьари. Гьаниб ниж киназго бицуна гIурус мацI ва гьанир цин чIечого хвезарулел руго нижер ихтиярал»,-ян хъван букIана Романенкоца.

Гьеб кагътида Романенкоца рехсолеб букIана чанго мисалги-хашго гьабулеб медицинаялъул кумек, хвезарулел ругел лъайкьеялъул стандартал ва кIалагъоркье чIван бугеб росдал магIишат.

Чияр территориялда бугеб Крымалда гьединалго проблемабазда бан гIадамал хварас гьаризе ракIалде ккун батани, жиндирго улкаялдаги гIадамал хвасар гьаризе гIурал гIиллаби ругин Путинилин рикIкIунеб буго Романенкоца.

«Дуда ракIалда буго Крымалда ахIвал-хIал рукIалиде бачинелъун гIемераб гIарац харж гьабизе. Гьединлъидал дие бокьун буго гьикъизе, Вологдаялда гIумру рукIалиде бачинелъун дуца гIарац харж гьабизе букIаналъул киналгIаги шансал ругищан?»-хъвалеб букIана Романенкоца.

Узухъда, гьеб кагъат кибениги битIун букIинчIо. Гьелъул бакIалда Романенкоца гьеб лъола Facebookалда ругел жиндир гIемерал гьудулзабазе кепалъе букIинелъун гьениб.
Гьелдаса нахъе гьеб кагъат цояз цогиязухъе битIун букIана 3500 нухалъ ва тIолабго улкаялдаго тIибитIанин абизе бегьула.
Романенкоца абулеб буго гIадамал релъулел рукIанин жиндирго биххун унеб бугеб инфраструктураги бихьичIого, киса-кибего бугеб язихълъиги гIадахъ босичIого, жинда кумек гьарулел гьечIел чияр улкаялда ругел гIадамазе кумекалъе вортулев Путинида тIадин.

Роман Романенко: «Premier Радиоялда нижеца гьабун цIех-рех. Нижеца гIадамазда гьикъулеб букIана гьеб кагътида гъоркь гъулбас лъезе букIанищ нужеца абун. Нижее жаваб кьурал азаргоялдаса цIикIкIун чиясул 82 проценталъ абуна лъезе букIанин. Гьединлъидал дица гьеб кагъат рикIкIунаро провокационияблъун. Халкъалда унтулелъул бицунеб букIиналъго машгьурлъана гьеб».

Амма киназего гуреб гьеб кагътица кеп щвезабураб. Гьаб анкьалда хIухьбахъиялъул къояздаса тIадвуссиналде Романенкода батула жив прокуроасухъе ахIараб кагъат бачIун.
Романенкоца абулеб буго жив кутакалда гIажаиблъизавунин регионалъул губернатор Олег Кувшинниковасул тIадкъаялда рекъон жиндир кагътил экстремизмалъулгун бухьен бугищали хал гьабулеб батараб мехалдайин.

Роман Романенко: «СагIатгун бащдаб гIанасеб заманаялъ дица хIалбихьулеб букIана гьеб махсароялъул магIна гьезда бичIчIизабизе. Гьелдалъун щиб абизе дие бокьун букIарабали, гьениб бицен гьабулеб медицинаялъулги, росдал магIишаталъулги цогиялъулги бугеб хIал гIемерго лъикIаб гьечIолъи бихьизабулел кинал далилал дихъ ругелали. Дида ккана прокуратураялъул хIалтIухъаби гIезегIан гIодоре риччан рукIанин ва гьезул рахъалдасан кинабгIаги агрессия дида бихьичIо».

Гьеб гара-чIвариялдаса хадуб Романенко рокъове щвелалде гьесда жиндирго нуцIалда свастика бахъун ва «Стоп Майдан» абун хъван батула.

Роман Романенко: «Гьениб хъван букIана "Стоп Майдан" абун ва бахъун букIана тIасан хIущ цIараб свастика. Нижеца гьенире ахIарал низам цIунулезда жеги ратана дир мадугьалзабазул почта рехулел къалазде жанире рехарал тIанчалги. Гьезда хъван букIана "нужер рокъоб гIумру гьабулеб буго Львовалъул къватIущица. Гьелъ рахъ ккола Украина биххизабулеб бугеб Магърибалъул" ва гьелда релъараб цоги чIанда. Цинги тIадеги жубан бугоан Украиналдаса жугьутIав Романенкол рукъ Украиналъул гьереси-патриотазул балъгояб рукълъун лъугьине рес бугоян».

Россиялъул СеверИнформ абулеб цIиял харбазул агентлъиялъе низам цIунулезул цIар бицинчIев чияс абун буго Вологдаялъул гIадамаз киназго абухъе кколин президент Путинил политикаялъул рахъ ва гьеб Романенкол нуцIида бахъараб букIанин гьесул «нич тараб галиялъе» жавабин.
Амма Романенко божулев вуго жинде гьабулеб бугеб тIадецуй гIадатиял гIадамазул рахъалдаса гуреб губератор Кувшинниковасул рахъалдасан букIиналда. Гьеб киналъулго цIех-рех гьабизе прокуроразул буго цо моцI.

Иван Бельяев

XS
SM
MD
LG