МагъчIваялъе рес

ДГПУ-ялъул ректорасда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун буго


Республикаялъул прокуратураялъ лъазабулеб буго, студентазе кьезе кколеб букIараб гIарац бикъиялда, щаклъи букIун Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул ректор МухIамад ГIабдулаевасда тIад такъсирагьабиялъул иш рагьун бугилан. Гьес студентазул гIарцул 20 миллион, гьереси документалги гьарун, гьоркьоб инабун бугин лъазабулеб буго хасал идарабаз.

2014 соналдаса нахъе халат бахъунеб бугеб Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул студентазул гIарац гьоркьобинабиялда хурхун бахъараб ахIи-хIуралъул хIасил кканин 18 сентябрадайилан абизе бегьула.

Гьеб къоялъ Дагъистаналъул прокуратураялъ лъазабуна ДГПУялъул ректор ГIабдулаев МухIамадида тIад, гьес хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьун бугилан.

Гьеб хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босилъун, хасал идарабаз рикIкIун буго, гьес, студентазе стипендиялъе кьезе кколеб букIараб 23 миллион, Дагъпедуниверситеталъул тарбиякьеялъул хIалтIи гьабулеб управлениялъул нухмалъулев ГIалиев Арсенихъеги, тарбия кьеялъул хIалтIул ва социалиял суалазул жаваб кьолей проректор Ирайсан МухIамадгIалиевалъухъеги кьун букIун бугин.

Гьезухъе гьебщинаб гIарац кьолеб мехалда, гьеб гIарцул жаваб кьезе кколин гьезилан абун чIезабулеб кинаб букIаниги документги гIуцIун букIун гьечIилан. Гьеб 23ялъул 3 миллион гурони студентазе стипендиялъе кьун гьечIо.

Педуниверситеталъул студентаз бицухъе, 2013 соналъул ахиралда гьел киназего материалияб кумек хIисабалда хIукуматалъ бихьизабураб 7 азарго гъурущ кьезе кколеб букIун буго, амма гьелъул бакIалда щибго кьечIо гьезие.

Гьеб хIужаялда хурхун студентаз разигьечIолъи загьир гьабизе лъугьиндал 7000 ялъул бакIалда I000 гъурущги кьун тIаса рихьизарун руго гьел. Гьеб кьолеб мехалдаги квералъ хъварал, гьереси документал хIалтIизарунин университеталъул нухмалъиялъилан абулеб букIана гьез.

Гьедин университеталда цIалулев вугев 400 студентасе щвезе кколеб букIун буго гьеб материалаяб кумекалъул гIарац. ГIемерисезе гьеб кIудияб гIарацги бугин, ресалда ругезецин гьезул гьоркьо унеб бугеб 6000 гъурущ кIудияб гIарац бугелъул, гIемерисел жидер гьанир цIалулел гIадал гIадатиял хъизамаздаса ялъуни росабалъа лъималазе гьеб цIакъго кIудияб ками бугилан лъазабулеб букIана, гьеб жидеее кколеб гIарац кьейин тIалаб гьабун митинг тIобитIарал студентазги.

Гьединал митингал университеталда лъабцIулниги гьарун руго, цохIонигиялде журналисталги риччачIо цIалул идарацIунулез. КIиго нухалда хъаравулзабаздаги митингалде рахъарал студентаздаги гьоркьоб тунка-гIусигицин ккун букIана.

Гьел гьереси документазда рекъон кьунин жидее стипендияйилан абулел студентаз баян гьабулеб букIана квералъ хъвараб доверенносталда гъулбасал гьаризе тIамунила жал. Гьениб бихьизабун букIанила азарго гъурущ кьолеб бугин киназегойилан, хадуб университеталъул нухмалъиялъ жидецаго цойилалъул бакIалда анкьилабги лъугьинабун тIокI гьабунила гIарацилан.

Дагъпедуниверситеталъул студент Шамилов Арсеница бицухъе гьеб, цебехун бицен гьабураб, студентазул гIарац гьоркьоб инабиялда хурхун цIалул идараялъул нухмалъиялъ гьезие кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо. Нужее кколеб жо кьунин, кьураблъи тадсикъ гьабулел документалги ругин абулеб бугилан гьезилан бицана Арсеница. Жидее щвезе кколеб жо щвечIого нахъе къазе ракIалда гьечIо студентазда.

Арсен Шамилов: «Нижецаго байбихьана гьеб ишалъул цIех-рех гьабизеги, гьелда сверун ахIи-хIур бахъинабизеги. Нижее лъазе къваригIун букIана лъица гьеб студентазе кколеб 20 миллион гьоркьоб инабурабали. Нижерго ихтиярал нижецаго цIуничIого, гьел цIунулев чиги ватулев гьечIо.

Нижеца гьеб гIарац кьунгутIиялда хурхун кагътал Дагъистаналъул бетIерасухъеги, Россиялъул президентасухъеги, улкаялъулги республикаялъулги лъайкьеялъул министразухъеги хъван букIана. Гьеб гIарцул суал университеталда борхараб мехалда нижеда лъазабуна нужее кколеб жо кьун бугилан.

Гьеб материалияб кумек хIажатазул сияхIалда рукIаразул киназего гуро гьеб азарго гъурущги щвараб. Щайин гьеб киназего кьечIебилан абураб мехалдаги жаваб кьолев чи вахъинчIо. Нижеца абулеб букIана гьеб гIарац щвезе кколарин гьел студентазейилан абурал баянал ратани нужехъ, гьел тадсикъ гьарулел документал рихьейин нижедайилан. Гьелги лъицаго рихьизаричIо».

Гьеб 20 миллион тIагIиналда бан, 20I4 соналъул ихдал, рагьараб такъсиргьабиялъул ишалда рекъон цевехун рехсарав Дагъпедуниверситеталъул тарбиякьеялъул хIалтIи гьабулеб управлениялъул нухмалъулев ГIалиев Арсен къуваталъул идарабаз ккун вукIана, тарбия кьеялъул хIалтIул ва социалиял суалазул жаваб кьолей проректор Ирайсан МухIамадгIалиева республика тун тIурун ун йигин абулеб абурал баяналги рукIана. ГIалиев чанго моцIидасан къватIиве виччана цIех-рех лъугIизегIан.

Цеве Дагъистаналъул хIукуматалъул премьер-министрлъун вукIарав МухIамад ГIабдулаев ректорлъун вахъарал тIоцересел къояздаса нахъего байбихьанин гьесул хIалтIудаса разигьечIолъийилан абизе бегьула.

Гьес университеталда жавабиял хъулухъазда жиндирго чагIи толел ругила, хIажат гьечIелщинал хъулухъалги ургъун гьениреги жиндирго гIагарлъи босулеб бугин, гьезие професорасдаса гIемерго цIикIкIун харжги кьолеб бугин абун хъван букIана гьесда тIасан Дагъистаналъул бетIерасде ДГПУялъул хIалтIухъабаз битIараб кагътида.

Гьединго гьезул разигьечIолъи буго ГIабдулаевасул магIна гьечIеб хIалтIуе гIоло университеталъул къадру-къимат тIубан холеб бугила, гьенире цIализе лъугьине бокьулеб гьечIила лъиенигийилан. Масала, цересел саназда къватIисел мацIазул факультеталде 200 цIализе лъугьунев вукIун ватани, гъоркьиса гьениве 26 чи лъугьун вуго исана I8 чи гурони гьечIо.

XS
SM
MD
LG