МагъчIваялъе рес

Путинистазул хиял букIана 9 май Берлиналда кIодо гьабизе


Сардил бацIал абулеб мотоклубалъул цевехъан Александр Залдостанов
Сардил бацIал абулеб мотоклубалъул цевехъан Александр Залдостанов

Россиялъул байкеразул (гьезда гъорлъ буго сардил бацIалилан абураб цо гьитIинаб къукъаги) хиял буго Москваялдаса Берлиналде реккерун ине мотоциклазде рекIун. Гьелдалъун гъозие бокьилаан Дунялалъул КIиабилеб рагъда бергьенлъи щваралдаса 70 сон тIубалеб къо кIодо гьабизе. Польшаялда цо-цо хIаракатчагIаз гьеб хIужа рикIкIула Централияб Европаялда бан Россиялъ ккураб агрессивияб политикаялъе иргадулаб далиллъун.

Путинил рахъ ккурал Россиялъул байкеразул къукъаялъ Москваялдаса Берлиналде сапар бухьи халкъаздагьоркьосеб инцидентлъун букIине рес буго, ян абулеб буго гIемерал хIаракатчагIаз. Гьез лъазабуна, жиндир хиял бугин нацистазул Германиялда тIад босараб бергьенлъиялъул къо хасго Берлиналда кIодо гьабизеин. Байкераз Берлиналде инехъин руго Польшаялдасан, Словакиялдасан, Австриялдасан ва Чехиялдасан.

Нижер радиоялъе интервью кьолаго, гьеб тадбиралъул жигарчи Андрей Бобровскияс абуна, гьелъул политикияб мурад гьечIин, мурад бугин – гIахьалчагIазе патриотизмалъул тарбия кьей.

Андрей Бобровский: «Нижер сапаралъул мурад - Бергьенлъи босаралдаса 70 сон тIубай кIодо гьаби. Ниж рачIине руго Берлиналде, советиял солдатазул мемориялалде зиярат гьабила гьелдалъун гьезул гьунаразул хIурмат гьабун».

Амма Польшаялда гIемерал гIадамал разиял гьечIо гьединаб байкеразул тадбиралдаса. Фейсбукалда гIемерал поляказ хъвалеб буго, жидее бокьун гьечIин Россиялдаса рачIунел хъачагъал Польшаялда рихьизе. www.facebook.com/events/94953I5I8398700/

ГIага-шагарго 8000 чияс гъулбасал лъуна тIалъиялде гьабураб хитIабалда бан. Гьез тIалаб гьабулеб буго Россиялъул байкеразе Польшаялда нух къай.

Гьеб байкеразул къукъаялъул цо-цояз ккола Сардил БацIалилан абураб мотоклубалъул гIахьалчагIилъун. Гьезул щулиял бухьенал руго хасго Россиялъул президент Владимир Путингун. Ва гьез рагьараб къагIидаялда квербакъи гьабулаан Крым Украиналъухъа бахъун, Россиялде гъорлъе жубаялъеги, Украиналда рагъулел Россиялъул рахъ кколел сепаратистазеги.

Гьел Сардил бацIаз Крымалда патруллъи гьабулеб букIана ва ярагъ цIунулел Украиналъул аскариязул рагъулал бакIал рахъулаан.

Польшаялъул Фейсбукалда бугеб хасаб къукъа рагьаразул цояв Ярек Подворскияс абулеб буго жал байкеразде данде чIун ругин Россиялъ Украиналде гьабураб агрессиялъе гьез квербакъун букIиналъухъ. Гьел сардил бацIазул цоял Украиналъул официалиял къуватазде данде рагъулелги руго. Хасго Донбассалда, ян абулеб буго Ярек Подворскияс.

Дагьалъ цебе Россиялъул пачалихъияб прессалъ лъазабуна Сардил бацIазул цо гIахьалчи Сергей Коптев чIван вугин Луганскалда багъарараб кьалда.

Сардил бацIазул цевехъан, хирирг Александр Залдостановас нижер радиоялъе лъазабуна, жинда жеги лъаларин вугищ жив гIахьаллъизе рехсараб сапаралда гьечIищали. Гьесул цIар жубан буго Цолъарал Штатаз ва Канадаялъ гьабураб санкIиязул сияхIалда. Амма Европаялде гьесие нух рагьун буго.

Бобровскияс жиндир иргаялда лъазабуна Польшаялъул хIаракатчагIазул жигаралъул хIакъалъулъ жинда лъалеб бугин аммаила экстремизмалъул хьвада-чIвади жидеца гьабизе гьечIин я Польшаялда я цогидал улкабазда.

Андрей Бобровский: «Нижеде данде цо-цо хулиганал рахъани, нижги хулиганлъиялде данде кколеб куц бихьизабила. Нижеца къанунал хвезаризе гьечIо, бакIалъулал гIадатазул хIурмат гьабизе буго. Ва лъидеги данде агрессивиял ишал гьаризеги гьечIо нижеца. Нижер лъикIаб мурад буго. Ва дица чанги нухалъ гьеб такрарги гьабуна».

Подворскиясул рагIабазда рекъон поляказул ракIалда буго Совет Союзалъ ва нацистазул Германиялъ 1939 соналда Польша бикьун букIараб къо. Гьезда ракIалда бугин советияб вахIшилъи, Катынь абулеб рохьоб аза-азар полякав-офицерал речIчIун чIвай ва цогидаб зулму.

Германиялда тIад бергьенлъи босаралдаса Совет Союзал бащдаб гIасруялда жаниб Польшаяле оккупация гьабулеб букIанин абулеб буго Подворскияс. Жиндир хьул бугин тIадтараз гьел байкеразе гьенире нух къазе букIиналда.

Польшаялъул хIукуматалъ жеги кинабгIаги лъазаби гьабичIо гьаб рехсараб хIужаялда бан.

Ахирисеб лъазабиялда рекъон Германиялъул тIалъиялъ гьел байкеразе нух къан буго.

XS
SM
MD
LG