МагъчIваялъе рес

Дагъистаниял гΙедегΙулел гьечΙо Страсбургалде


Страсбург. Европаялъул инсанасул ихтиярал цΙуниялъул сверун диван
Страсбург. Европаялъул инсанасул ихтиярал цΙуниялъул сверун диван

«Правовая Инициатива» абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб гΙуцΙиялъул Москваялда партнер «Астреа» гΙуцΙиялъул хΙисабалда жакъа Страсбургалда бугеб Инсанасул ихтиярал цΙуниялъул европаялъул диваналде (ЕСПЧ) бищунго гΙемер хитΙабал гьарулел руго Россиялдаса. Гьенире гΙаразаби хъвалезул аслияб къадарги буго Шималияб Кавказалдаса. Гьедин бицана гьеб гΙуцΙиялъул юридикияй директор Анастасия Кушлейкоца.

Анастасия Кушлейко рагΙабазда рекъон, Шималияб Кавказалда бищунго хΙалуцараб хΙал Дагъситаналда бугониги, Евродиваналде гьенисан рачΙунел гΙарзаби чачаналъа рачΙунелдасаги дагьал руго.

Страсбургалда бугеб Европаялъул инсанасул ихтиярал цΙуниялъул диваналде гΙарзаби хъвалезул аслияб къадарги рагΙула Шималияб Кавказалдаса. Гьеб гΙуцΙиялъул юридикияй директор Анастасия Кушлейкол рагΙабазда рекъон, Шималияб Кавказалда бищунго хΙалуцараб хΙал Дагъистаналда бугониги, Евродиваналде гьениса рачΙунел гΙарзаби чачаналъа рачΙунездаса дагьал руго.

ЭР: ТΙоцебесеб суал кьолеб буго нужер гΙуцΙиялъ Инсанасул ихтиярл цΙуниялда сверун европаялъул диваналде гΙадамазул гΙарзаби кьезе кумек гьабулеб букΙиналда бан. Аналитиказул къиматалда жакъа Чачаналъ гΙуралъ гΙодобе биччараб ахΙвал-хΙал буго. Дагъистаналда гΙагсалда тΙокΙал чΙечΙого кьвагьи-гΙанхъиял, тΙадекΙанцΙиял, гΙадамал рикъи, гьезие гΙазаб кьей ва цогидал лъугьа-бахъинал загьирлъулел рукΙуна. Гьелде балагьун абизе бегьулищ жакъа Инсанасул ихтиярал цΙуниялда сверун европаялъул диваналде хитΙабал республикаялдасан гΙемерлъун ругин абизе? Кинаб хасияталъул рукΙунел аслияб къагΙидаялда гьединазул гΙарзаби?

Анастасия Кушлейко, «Правовая Инициатива» идараялъул партнер «Астреа» гΙуцΙиялъул юридикияй директор
Анастасия Кушлейко, «Правовая Инициатива» идараялъул партнер «Астреа» гΙуцΙиялъул юридикияй директор
Анастасия Кушлейко: "Нижехъе хитΙабал гьарула гΙемер. Аслияб къагΙидаялда гьел хурхарал рукΙуна хΙал гьабун рачун ун, хадур кире ккаралали лъачΙого тΙагΙиналда, ккураб мехалъ гΙазаб кьеялда, къокъго абуни, арест гьабулеб мехалдаги арест гьабун хадубги зулму гьабиялда. Амма, ракΙалъе гΙолареб жо ккола, гΙарзабазул киналго гурел щолел Европаялъул диваналде. Сунда бараб гьеб бугеб? Нагагьлъун низам цΙунулел идарабаз ккурал эркен гьарулел ругони, гΙадамаз жидерго гΙарзаби нахъе росулел руго нижехъа яги байбихьарал процедураби гьоркьор къотΙизарулел руго. Щай? Щайгурелъул хΙинкъи хутΙулеб буго жидерго гΙага-божаразул гΙумруялда хурхун. Гьедин гΙемер гΙарзаби хутΙула Европаялъул диваналде щвечΙого. Гьединабго хΙакъикъат буго гΙадамал кире ккаралил лъачΙого тΙагиΙналда банги.

Нижеца чанги байбихьулеб буго хΙалтΙи балагьалде ккаразул гΙарзабазда рекъон. ГΙагаразде тΙадецуй гьабулеб буго. Гьез нижехъа нахъе росулел руго документал. Проблемаби рагΙалде рахъун рукΙиналъгуреб, гьезие хΙинкъиял кьун, тΙадецуй гьабулеб букΙиналъ. Гьеб гьабулеб буго гьезда гΙарзаби нахъе россизариялъул мурадалда. ГΙарзаби цΙакъ гΙемер руго, амма хΙассил гьитΙинаб буго. ЦΙакъ хΙалуцараб ахΙвал-хΙал букΙаниги, Дагъистаналдасан Европаялъул диваналде щолел гΙарзабазул къадар гьитΙинаб буго.»

ЭР: Кинаб бугеб нужехъе бачΙараб ахирисеб гΙарза Дагъистаналдасан? Гьелда бан хΙалтΙи унеб батани, божулищ мун гьеб кьурал гΙадамалги нужги мурадазде щвезе рукΙиналда?

Анастасия Кушлейко: "Дагъистаналдаса нижехъе ахирисеб хитΙаб букΙана февралада. Гьеб хурхараб буго МахΙачхъалаялда кΙиго вас киве ккаравали лъачΙого тΙагΙиналда. Гьел рикъун руго къад, киназулго берзуда цере, базаралда аскΙор. Дида ккола гьеб ишалда икъбал щвезе бугин. Инсанасул ихтияразул европаялъул диваналде гΙарза кьезе гьезул гΙагаразе кумек гьабулаго нижеца хΙалтΙизабуна хасаб къагΙида. Гьезулалда релъарал лъугьа-бахъинал загьирлъарабго гΙарза битΙани, гьеб диваналъ къабул гьарула киналгΙаги тΙокΙал ишал тΙалаб гьаричΙого гьединал гΙарзаби. Гьелъие къваригΙунаро улкаялда диваналъул киналго инстанциябазул хукΙмаби. ГΙадатияб къагΙидаялда Европаялъул диваналде хитΙаб гьабизе бегьуларо Россиялда диваналъул системаялъул киналго даражаби нахъ тун хадубгурони.»

ЭР. Нижер радиоялъе комментариял гьарулел балагьалде ккарал чанги гΙадамал бицунеб рукΙуна, жидеда лъаларила кинаб къагΙидаялда ЕСПЧ-ялде гΙарза кьезе кколебали. Цингиги нилъер диваналъул системаялъул киналго даражаби нахъ теялъеги цΙакъ гΙемер захΙмалъаби хΙехьезе кколилан бицунел рукΙуна гьел. Гьединлъидал дуца загьир гьабураб ахирисеб информация цΙакъ пайдаяб информация букΙине батила Европаяллъул диваналде гΙарзаби кьезе ракΙалда бугел гΙадамазе.

Анастасия Кушлейко: "У, гьеб битΙараб буго. Гьенибе хитΙаб гьабизе бегьула, жибго хΙужа загьирлъулеб мехалда. Гьенибе гΙарза кьезе бегьула рехсарал диваналъул системаялъул инстанцияби гьоркьор риччан битΙахъего, гьеб диваналъул оперативиял галиялда, хΙукмуялда балагьалде ккарав чиясул гΙумру бараб бугилан абураб ахΙвал-Ιхал загьирлъулеб мехалда. Гьеле дица рехсараб МахΙачхъалаялда васал тагΙиналда хурхараб гΙарза нижеца гьенибе дурусго гьединаб къагΙидаялда щвезабуна Страсбургалде. Дида бихьухъе гьел гΙолохъаби тΙагΙаралгΙадал хΙужаби гьанже Дагъистаналъе гΙадатиял руго.

Гьеб хΙужаялда хурхун ЕСПЧ-ялде нижеца хитΙаб щвезабуна марталда. Гьелда хадуб гΙемер заман ине течΙого гьелъ жиндирго тΙоцересел суалал кьуна россиялъул федералияб хΙукумуталъе. Гьединаб къагΙидаялда нижее ресгΙаги щвана хΙукматалдасахун кинаб къагΙидаялда цΙехх-рехх унеб бугебали лъазабизе. Гьанже хΙукуматалда тΙадаб буго 10 сентябралде официалияб къагΙидаялда диваналъул суалазе жавабал кьезе. Кин унеб бугеб цΙехх-рехх, щиб гьабураб гΙайибиял чΙезариялъе.

Ахирисеб соналда нижеца кΙудияб кΙвар кьолеб буго, ЕСПЧ-ялъул хΙукму тΙубазабулаго, миллияб даражаялда цΙех-рех халат бахъинабиялда хадуб хал кквеялъе. Гьеб мурадалда нижеца нижерго идараялда рагьана цΙияб хасаб бутΙаги.»

ЭР: Логикаялда рекъон, Дагъистаналда бугеб ахΙва-хΙалалде балагьун, унгоги жакъа гьенисан рукΙине кколаан Евродиваналде кьолел гΙарзабазул аслияб къадар. Амма дуца абулеб буго, бищунго гΙемер хитΙабал чачаналъа ругин. ГΙадамазде тΙадецуй гьабулеб букΙингуреб, цогидаб багьана бугиш гьелъие, дур пикруялда?

Анастасия Кушлейко: «У, дир къиматалдаги, Дагъистаналда жакъа чачан республикаялде дандеккун, гΙуралъ хΙалуцараб буго ахΙвал-хΙал. Амма чачаналъан гΙарзаби гΙемерал рукΙин жакъасеб ахΙвал-хΙалалда хурхараб гуро. Гьел гΙарзаби руго аслияб къагΙидаялда хурхарал чачаназул кΙиабилеб рагъалъул мехалда лъугьа-бахъунеб букΙаралда. Бищунго гΙемер гΙарзаби рукΙана 2000-2002 соназ кьурал. Гьелда хадуб хехаб къагΙидаялда дагьлъизе байбихьана гьенисан гΙарзаби.»

ЭР: Европраялъул диваналъул хΙукмуялда рекъон Россиялъ букΙине кколеб къагΙидаялда кьолеб буго гΙадамазе тΙад лъураб гΙакΙабазул гΙарац, моралиябгун материалиб компенсацияби. Кколищ гьеб инсанасул ихтиярал цΙуниялъул рахъалъан гΙемер проблемаби рукΙиналда россиялъул тΙадтарал мукΙурлъулел ругин абураб жо?

Анастасия Кушлейко: "Узухъда, Европаялъул диваналъул хΙукмаби хурхарал гьечΙо гΙицΙго гΙарац бахъиялда. Гьелъ къотΙараб хΙукмуялъул кΙабилеб бутΙа хурхараб букΙуна , такрар гьабила, цΙех-рех миллияб даражаялда халат бихъинабиялда. Гьеб бугоха дурусго Россиялъ жакъа кΙвар кьечΙого толеб рахъ, дицани жубала, кинабгΙаги кΙвар абун. Гьединаб рагΙалде рахъинарурал ишал риккине бегьула квералъул килщал риккун. Нижер гΙуцΙиялдасахун унел риккун гуребги, тΙолабго Шималияб Кавказалдасан ишазда хурхунги.

Дица бицен гьабулеб жо хурхараб буго, гΙарза кьурав чиясе пайдагун хΙукму Европаялъул диваналъ къотΙани, нилъер рахъалъ къанун хвезабун букΙиналда мукΙурлъун, цΙехх-рехх хΙакъикъат батизегΙан халат бахъинабизе ккола. Россиялъ кинабгΙаги цΙехх-рехх гьабуларо хадуб. Систематикияб къагΙидаялда кьолеб букΙуна гΙарац, амма систематикияб къагΙидаялда инснасул ихтиярал хвезарулел рукΙиналдаги мукΙурлъуларо гьеб. Гьеб гуришха унго-унгояб балагь кколеб!"
XS
SM
MD
LG