МагъчIваялъе рес

Бесланалъул улбуз ФСБ-ялда гьабулеб буго теракталъул гIайиб


Беслан, Гьужумалъул заманаялда гьитIинаб лъимер хвасар гьабулев чи. 3 сентябрь 2004 сон.
Беслан, Гьужумалъул заманаялда гьитIинаб лъимер хвасар гьабулев чи. 3 сентябрь 2004 сон.

«Бесланалъул гьаракь» абулеб идараялъул нухмалъулей Элла Кесаевалъ бицана жидеца гьеб кагъат информалатазда бахъи гуребги Россиялъул ФСБялъул нухмалъиялдеги битIанин, амма къануналда рекъон гIарзаялъул хал цо моцIил болжалалда жаниб гьабулеб букIиналъ жидехъе жаваб жеги щвечIин.

ФСБялъ гIуцIараб, шартIал чIезарураб ва рагIалде бахъинабураб букIана гьеб теракт

Кагътида бицен гьабулеб буго Бесланалъул трагедия ккун анцIго сон араб мехалда улкаялда гьарулел тадбиразул гIурхъабалъ рихьизарунин гьенир хварав 10 хасал тIадкъаял тIуралел хъулухъазул хIалтIухъабазул хIакъалъулъ документалиял фильмал ва гьедин гIадамазул ургьибе тIолеб бугин гьезул идараялъ ай ФСБялъ гIадамал хвасар гьарулаго кIудияб бахIарчилъи бихьизабунин абураб пикру. Гьенир хваразде абулеб жо жидер гьечIин, жидер лъималазда цадахъ хварал гьезул мунагьал чурун ратайгийин ва гьезие бугин адабияб рецц, амма гьел мисалалъе рачун тIубараб ФСБ бахIарчияб бугин гьабулеб пропагандаялда жал разиял гьечIин.

Бесланалъулаз гьеб трагедиялъул аслияб гIайиб рехулеб буго ФСБялде тIаде, гьезул пикруялда, ФСБялъ гIуцIараб, шартIал чIезарураб ва рагIалде бахъинабураб букIана гьеб теракт. Жидерго гьел киналго пикрабазе далилалги рачунел руго гIадамаз гьеб кагъаталда.

Гьениб хъвалеб буго Бесланалъул школа сверун рукIарал гъутIби хъухъан рукIанин 1 сентябрь щвелалде. Гьанже бичIчIулеб бугин жидеда гьениб ккезе бугеб лъикIго бихьизе гьабураб иш гьеб букIинин. Шагьаралда рукIарал млициязул чIовудабакIал чIорого гьарун рукIанин гьеб къоялъ гьанире-доре ритIун. Нухазда хъаравуллъи гьабулел рукIарал милицияздаги шагьаралде рачIунел яргъидгIуцIарал рихьун гьечIин. Эркенго кинаб букIаниги квал-квалги гьабичIого ричIчIан ругин гьел чагIи школалде. Гьелъухъ жавабчилъиялдеги щивниги цIачIин.

Гъоркьлъалие босараб школаялъул кIиабилеб тIалаялда рукIанин чIваразда гъорлъ ратичIел яргъидгIуцIарал. Гьел кире аралали лъалеб гьечIин ва лъазабулебги гьечIин.

Школалдаса гьелде дандбитIун бугеб рокъоре ине эркенаб нух букIанин ва гьебги гьелда аскIоб бугеб рукъги хасал хъулухъаз ккун букIанин.

Жанир лъимал ругеб спортзаладе цин цIа кьвагьанин хадуб танкабаз кьвагьанин. Хасаб операция гьабураб 3 сентябралъул къаси жеги жаназаби нахъе росичIеб школалдаса чIаго хутIаралги нахъе хъамун школалде танкабаз кьвагьулеб букIанин, хадусеб къоялда жаназабазул хутIелалгун гьениб букIараб кьищни-къул хъащтIун нахъе босанин, жидеда гьеб бараб бакI хасало гурин батичIин гьенир рукIарал жанабазул хутIелазул махIалъ гьенире цурдул хьвадизе байбихьараб мехалда.

Кагътида гьединго хъвалеб буго школа гъоркьлъалие босаразул гIемерисел, гьезул документазда рекъон, гьеб заманаялда Россиялъул туснахъазда рукIине кколел гIадамал рукIанин. Гьел кинин Бесланалде ккарал ва чIаго рукIараб мехалда рахъарал гьезул суратал щайин жидехъе кьечIел дандекквеял гьаризейин гьикъулеб буго гьез.

Гьеб киналъулго жавабчилъи чачаназул яргъидгIуцIаразул нухмалъиялдаса Шамиль Басевас тIаде босанин гьебги лъагIалидасан, амма Басаевасе къваригIараб жо гьеб букIинчIин, гьеб къваригIун букIанин терроризмалдаса хIинкъизабураб улкаялда нухмалъи кьваризабизе ай вертикаль власти гьабизейин хъвалеб буго гьениб.

Гьеб кагъат хъваялдалъун щиб нужее бокьун букIараб бихьизабизе? Гьелде балагьун гьеб трагедиялъул цIияб цIех-рех байбихьилин хьул бугищ нужерин гьикъана нижеца «Бесланалъул гьаракь» идараялъул нухмалъулей Кесаева Эллада.

Кесаева Элла: «Нижеца гьеб кагъат хъван букIана нижеда ракIалда бугеб бихьизабизе. Гьеб трагедиялъул цIех-рехалъул гIурхъабалъ, нижехъ ругел далилазде балагьун, нижер пикру гьединаб буго. Нижеца абичIони, гьеб лъицаго абизе гьечIо. Гьебги нижеца абичIони, гьеб балагь гьабурал хъулухъазда ккезе буго жидеда лъицаго сундулго гIайиб гьабичIин. Гьезда ккезе буго жидеца битIараб жо гьабунин ва хадубги гьединал жал гьаризе нахъе къазе гьечIо гьел, къалелги гьечIо. Дида кколаро нижер кагъаталъ гьезие кинаб букIаниги асар гьабилин, гьабичIониги, ритIухълъи буго ритIухълъи!»

ЭР: Ругищ кинал рукIаниги гIадамал, къуватал, къукъаби низам цIунулезда щибниги абичIого жидецаго гьениб ккаралъул цIех-рех гьабулел ругел?

Элла Кесаева
Элла Кесаева

Кесаева Элла: «Гьеб теракт гьел хъулухъаз гIуцIун букIун батани гьез кIудияб хIаракат бахъун букIана лъакIал течIого рукIине яги гьел тIагIинаризе. Сталинил заманалда гIадин масала, чи чIвазе кколин абун гьанже хъваларо. Гьеб заман цебего ана.

Гьеб трагедиялъул цIех-рех гьабулез байбихьудасан цо-цо кьолаан нижехъе щиб гьез гьабурабали цIализе. Гьанже гьеб кьечIого гIемерал сонал руго.

Доб мехалда нижехъе цIализе щун рукIана оперативияб штабалъул чагIазухъа сурав босиялъул протоколалцин, гьездаго гьоркьоб букIана ФСБялъул генерал Проничевас бицаралъул протоколги. Гьениб хъван букIана гьадин: «Нижее кьун букIана Бесланалде аян буюри. Нижер доба гIадатияб куцалда, гьеб буюри хъван гуреб рагIабаздалъун кьун букIана»,-ян. Гьединлъидал гьезда гIайибал гIунтIизаризе нижехъе щолел далилал тун гьечIо гьез. Гьезда гьеб цIакъ лъикIги лъала. Амма гьеб нижеда бихьизабуралда рекъонцин гьенир цIарал рехсарал хъулухъчагIазе тIадеги тIадегIанал цIаралги кьуна лъикIал хъулухъалги кьуна. Нухмалъиялъ гьел киназулго ботIродасан квер бахъана».

ЭР: ТIадегIанаб нухмалъиялдаса гурел, нужерго шагьаралдаса, гьеб школалда жидер лъимал хваралги ратилагури низам цIунулел, гьез гьабулеб букIинчIищ нужее кумек?

Кесаева Элла: «РукIана гьединалги. Гьез, жидеца бицунеб жо лъалел гIадамаз нижеда бичIчIизабулеб букIана гьениб кколеб бугеб. Гьебги официалияб гуреб куцалда. Официалияб куцалда гьез жидеда бихьарабщиналъул бицана диванханабазда, гьенир гIахьаллъарал танкабазулги, цIа кьвагьулел алатазулги. Гьезие бахIарчилъи гIуна гьелъул бицине. Россиялда гьеб буго гIураб бахIарчилъи. ГъеждакIичIал (погонал) рарал чагIазе, хIукуматалде данде жо бицин- гьеб буго кIудияб бахIарчилъи».

нижер лъимал чIвазе хIукму къотIун букIинги лъалаго кин гIумру гьабилеб?

Россиялда ритIухълъи батиялда хьул къотIарал бесланалъул улбуз 2007 соналда Страсбургалъул диванханаялде хъван букIана Бесланалъул трагедиялъул гьабулеб гьечIеб цIех-рехалда бан гIарза. Гьанже 14 октябралда гьениб ирга щвезе буго гьезул гIаразаялде. ГьенибгIаги ритIухълъи батиялда лъул буго гьеб балагьалъ жидер гIумру хисизабурав нус-нус чиясул. Кесаевалъ бицухъе, кида-къадниги, Россиялдаги гьеб трагедиялъул лъидаго бачIеб цIех-рех гьабизе букIиналда божилъи буго гьезул.

Гьеб теракталъул цIех-рех гьабичIолъиялъ жидее- гьенир лъимал хварал улбузе- дагьабги захIмалъулеб бугин абуна Эллаца. Жидее захIмат бугин гьенир къурбанлъарал хIакъир гьарулел ругеб куц бихьизе. Жал тун ругин гьениб ккараб гьеб нужер трагедия бугин, ракIбакъван хвайинги абун.

Гьеб трагедия цохIо Бесланалъул трагедиялъул рикIкIунарин жинца, гьеб бугин тIолабго Россиялъулцин гуреб, тIолабго дунялалъул трагедияйин абуна Кесаевалъ. Гьеб теракт гьабурал къуватаз, гьанжеги балагь бекьулеб бугин абуна гьелъ.

Кесаева Элла: «Нижерго улкаялда нижер лъимал чIвазе хIукму къотIун букIинги лъалаго кин гIумру гьабилеб?»

2004 соналъул 1 сентябралда Бесланалъул №1 школаялда вукIарав 1100ялдаса цIикIкIарав чи гъоркьлъалие восун вукIана яргъидгIуцIарал чагIаз. 3 сентябралда Росиялъул ФСБялъ гьужум гьабун гъоркьлъалие росун рукIарал экрен гьаруна, гьел ккун рукIарал яргъидгIуцIаразулги цо чи хутIизегIан чIвана.

Гьужумалъул заманаялда хола 330 чи гьезулги цIикIкIунисел рукIана школлъимал.

Бесланалъул улбузул кагъат:

http://sotnik.tv/news/25-roditelei-detei-ubityx-v-beslane-obvinili-fsb-rossii-v-organizacii-terakta.html

XS
SM
MD
LG