МагъчIваялъе рес

Нугъаял ритIухълъи тIалаб гьабулеб буго


Дагъистан. Нугъай мухъ
Дагъистан. Нугъай мухъ

Нугъай мухъалда полициялъул бутIаялда чIварав Эрадиль Асановасул гIагарлъиялъ гьев чIваялда хурхур рагьараб такъсирияб иш Дагъистаналъул цIех-рехчагIазухъаги нахъе босун, шималиб кавказалъул федералияб округалъул цIех-рехчагIазухъе кьейилан тIалаб гьабулеб буго.

Дагъистаналъул низамцIунулеб системаялда жидеца божилъи гьабуларин, гьез Асанов чIварав полициялъуласе тамихI гьабиялъе квалквал гьабулеб бугин лъазабулеб буго гьесул гIагарлъиялъ.

6 октябралда Нугъай мухъалъул полициялъул бутIаялда 22 сон барав Эрадиль Асанов чIварав полициялъул подполковник Жамалудинов Сайпула-къадие букIине кколеб тамихI гьабиялъе квалкавалал гьарулел ругила низамцIунулезилан лъазабуна чIварасул гIагарлъиялъ. Гьез абулеб буго жидехъе баянал щун ругила Дагъистаналъул жанисел ишазул тIалъиялъ гьев Жамалудиновасда гIайиб гьечIолъи чIезабизе цIакъ кIудияб хIаракат бахъулеб бугин абун.

Гьесда гIайиб букIин чIезабуни цохIо гьесие тамихI гьаби гурониги гьесул нухмалъиялъеги, Нугъай мухъулъул полициялъул бетIерасеги, хIатта живго республикаялъул жанисел ишазул министрасегицин гIемер бадирчIваял щолеб жо букIунила гьеб.

Гьеб жанисел ишазул системаялдаса чанги чи хъулухъалдасацин махIрумлъизе бегьулин лъазабулеб буго гIадамаз.

Гьединлъидал цохIо Жамалудиновасул тIалаб гьабун гурониги, гьеб ишалъул «тIираби» жидедагоги щвечIого рукIине щиб гьабунги Эрадиль Асанов гIайибиявлъун вахъинавизе къваригIун бугин гьезиейилан рикIкIунеб буго гьесул гIагарлъиялъ.

Гьединлъидал гьеб ишалде кIваркьейин ва гьелда хадуб халкквейин тIалабги гьабун гьал къояз кагътал ритIун руго Асановасул гIагарлъиялъ Россиялъул ва Дагъистаналъул тIалъиялъухъе.

Дагъистаналъул цIех-рехчагIазда божилъи гьечIила жидер, гьединлъидал гьеб иш Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул цIех-рехалъул идараялъухъе кьейилан абунги кагътал хъванин жидецайилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Эрадил Асановасул гIагарав чи ГIадильгереев Рустамица.

Рустам ГIадильгереев: «Нижеца киса-кирего хъвана кагътал, гьел ритIана Россиялъул президент Владимир Путинихъеги, бетIерав прокурор Юрий Чайкахъеги, пачалихъалъул цIех-рехалъул идараялъул нухмалъулев Александр Бастрыкинихъеги, гьединго Дагъистаналъул бетIерасухъе ва жанисел ишазул министрасухъеги. Нижее къваригIун буго гьеб такъсир гьабурав полициялъуласе букIине кколеб тамихI гьабизе.

Нижехъе баянал щун руго гьаб сагIат халкъ гIодой биччан бахъинегIан, ахIи-хIур гIодобцинегIан гьесда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьулеб бугинги абун, хадуб щибго тамихIги гьабичIого тезехъин вугин гьевилан абурал.

Гьел рагIабазе нугIлъи гьабулеб буго гьалщинал нижер тIалабазухъги балагьичIого гьесда тIад жеги чи чIваялъул рахъалъ такъсиргьабиялъул иш рагьунцин гьечIо. ЦохIо хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босиялда хурхур иш рагьун буго. Чи чIван вуго, кин ва лъица гьев чIван вугониги батIалъи щиб?

Гьеб ишалда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьизе тIадаб буго низамцIунулезда. Жидерго хIалтIухъаби гурел батIиял чагIи гьенир гьоркьор ругеб чIвай-хъвей ккани хантIан рагьулеб гьеби чи чIваялда хурхун такъсиргьабиялъул иш, гьале кIиго анкь аниги жеги рагьун гьечIо гьев подполковникасда тIад.

Гьединал хIужжаби гIемерал руго цIех-рехалъул рахъалдасан гьединлъидал нижер божилъи гьечIо бакIалъул цIех=рехчагIазда. Гьединлъидал гьеб иш нилъеразухъа нахъеги босун шималияб кавказалъул цIех-рехалъул идараялъухъе кьейилан абун тIалаб гьабун кагъталги хъвана нижеца».

Эрадил Асанов чIварав чиясе букIине кколеб тамихI гьабиялда хадуб халкквеялъе гIоло нугъаяз хасаб жамгIияб гIуцIиги дандегьабун буго.

Гьелда гъорлъ руго адвокатал, юристал, жамгIиял хIаракатчагIи, сиясатиял партиязул вакилзабиги. Гьеб гIуцIиялде гьоркьове унев «Справедливая Россия» сиясатияб партиялъул Нугъай мухъалда бугеб бутIаялъул нухмалъулев ГIалиев Асланица, «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна чIвалалде цеве гьев Эрадил Асановасе гIазаб кьолеб букIиналъе нугIлъи гьабизе хIадурав чи ватун вугила жидеда.

Асланица бицухъе гьев чияс гьанже гурони лъазабун гьечIо жив нугIлъи гьабизе хIадур вугилан, гьев жиндирго гIумруялтIа хIинкъун вукIун вуго.

Гьес кьурал баяналги хIисабалде росун, чIвалалде цеве Эрадилиде тIадецуй гьабулеб букIиналда ва гьесие гIакъуба кьолеб букIиналда банги цIех-рехалъул идарабазде гIарза хъвазе хIадурулел ругин жалилан бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда.

ГIалиев Аслан: «Гьев чиясда вихьун вуго Эрадил вухулев, амма жив хIинкъун нахъе анила гьенисайилан абуна гьес. Гьев вухулев вукIарав чиясул цIарги рехсана гьес. ГIемер вухун гьорон букIанила Эрадилил гьумерги бетIергийилан бицана гьес. Гьев подполковникас вухи гурони хIинкъабиги кьолел рукIанила гьесие.

Цо чанго моцIица цее нижер мухъалда яс чIваялъул иш тIаде босизабулеб букIун буго гьес Эрадилида. Жинда гьелъул щибниги лъаларин абун гьев чIараб мехалда, тIаделъун руго гьесде.

Гьединго гьев нугIас бицана Асановасдаса сурав босулеб мехалда гьев полициялъулав мехтун яги наркотиказ гьаглъизавурав чи гIадин вукIанила.

Лъай-гIакълуялда вугев чиясул гIадаб я кIалъай, я вукIа-вахъин букIинчIила гьесул.

Гьединлъидал низамцIунулез абухъе, Эрадиль гьесда тIаделъичIониги, гьев полициялъулас гьесда речIчIун батиялда жиндир щаклъи гьечIин абулеб буго гьев васас.

Гьединлъидал гьал гIагарал къоязда адвокатасулгун дандги бан гьес кьураб баяназда рекъон рукIине кколел киналго идарабазде гIарзал хъвазе руго.

Гьелъул пайда букIинищалиги лъаларо, амма хIалгIаги бихьичIого тезе гьечIо. Гьев подполковникасни жиндиего нухал ратиларищха, живго гIайибияв вукIиналъе гьев мукIурлъиларо».

Гьединго Асланица лъазабуна жидеца моцIрол болжал кьолел ругила низаамцIунулезе Асанов чIварав полициялъуласда тIад чи чIваялда хурхун такъсирияб иш рагьизе. Гьеб заманалда жаниб жидер тIалабал тIурачIони, цIидасан митингаздеги рахъине ругила жал, федералияб нухги къазе бугиан.

XS
SM
MD
LG