МагъчIваялъе рес

ГьоцIалъ ГЭС хIалтIизе биччан буго


Хамиз къоялдаса нахъе Дагъистаналда цойги хIалтIулеб ГЭС букIине буго. 1 октябралда ГьоцIалъ ГЭС официалияб къагIидаялъ хIалтIизе лъугьанин лъазабулеб буго «РусГидро» компаниялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ. Гьеб идараялъ кьураб баяналда абулеб буго рекъон халкъазда гьоркьосел стандартазда рекъон хIалтIун бажарулеб хIалалда буго гьеб станция.

Халкъазда гьоркьосел токалъул бича-хиси гьабулеб системаялда гьоркьобеги босун буго гьеб. Гьенибе лъугьиналда цебе ГЭСалда гIемерал, хасал халгьабиял тIоритIун руго.

Масала, чанцIулго ГЭСалъул щибаб агрегат кин хIалтIулеб бугеб, кигIан ток гьез къватIибе кьолеб бугеб, гьоркьоса къотIичIого хIалтIулел ругищ гьелали халгьабизе хасаб комиссияги бачIун буго Россиялъул энергетикаялъул министерлъиялдасан.

ГЭС хIалтIизе биччаниги, гьеб балаго гIадамазе ккарал заралалъухъ рецIел щвеялъул суал жеги тIубан гьечIо. Гьеб станция базе байбихьилалдего, республикаялъул тIалъиялъ, кьун рахъинарилин абун букIараб, ГЭСалъул сангар къалаго, гIанкъизарурал гьоцIдерил ахал-хурзазухъ гIарац жеги тIубан щун гьечIо гIадамазе.

ГьоцIдерица бицухъе ГЭС базе байбихьаралдаса кIиго нухалда дагьа-дагьаб гIарацги кьун, халкъалъе кколеб жо жеги тIубан кьун гьечIо. Кида кьелебалиги лъалеб гьечIо. Бищун лъикIал ахалги хурзалги лъеда гъоркьеги анила, гьенисан гуреб магIишат гьечIел гIадамалги хачадизарулел танин хIукуматалъин абун ццин бахъун руго гьоцIал.

Гьез чанцIулго хитIабал гьарун рукIана, дандчIваялги тIоритIун рукIана мухъалъул нухмалъигунги, республикаялъул тIалъигунги, чанго нухалда митингалги тIоритIанаа, ГЭС къана гьеб жидеего кколеб рецIадул гIарац тIалаб гьабун.

Чанго моцIалъ цебе Россиялъул президент Владимир Путинилгун букIараб чIагояб эфиралдеги жидерго тIалабал загьир гьарун, ругел захIмалъабазул бицун видео битIун букIана гьез, амма жеги гьеб киналъулго хIасил ккун гьечIо.

ГIагараб заманалда жаниб гьеб суал тIубачIони гьеб лъикIаб ишалде буссине гьечIилан абулеб буго гьоцIдерица.

Дагъистаналда чанги дандчIвала гьел ГЭСал раялъ республикаялда гIумру гьабун ругел гIадамазе пайдаялдасаги чанго нухалъ цIикIкIун зарал кканин абулел гIадамал. Гьеб пикруялда рази вуго экономист ва журналист Маир Пашаевги.

Гьес абулеб буго республикаялда чан ГЭС баниги гьезухъан Дагъистаналъул бюджеталде бачIунеб гIарац цIакъго дагьаб бугилан. Щвезе бегьулеб букIараб къагIидаялъ магъалабигицин щоларин гьездасанилан.

Гьел ГЭСал ралаго магIишат гьоркьор аразе рецIалил гIарацгицин республикаялъул ва федералияб бюджеталдаса кьуни гурони, гьебгицин жидедаго тIаде босулеб гьечIин гьел энергокомпаниязин абун.

Маир Пашаев:«РусГидроялъул нухмалъиялъ лъазабуна жал хIадур ругила жидеца республикаялъул бюджеталде кьолеб буголъиялъухъ магъалаби цIикIкIун кьезе. Ай, республикаялъ гьел магъалаби кьолаго гьезие чIезарун ругел бигьалъазабаздаса чанго соналъ инкар гьабизе. «РусГидроялъул» рагIабазда рекъон гьезухъан щибаб санайил 200 ялдаса цIикIкIун миллион щвезе буго Дагъистаналъул бюджеталъе.

Гьеб гIарац ГьоцIдерил ГЭС балагоги гIадамазе ккараб зарал бецIизелъун кьолеб бугила жидеца, республикаялъе бугеб захIмалъиги хIисабалде босунилан лъазабуна гьез. Гьалщинал ГЭСал Дагъистаналда раниги гьеб гIарац гурони гьездасан республикаялъеги халкъалъеги бугеб пайда лъаларо дида.

Чан гьеб станция гьаниб баниги чIобого халкъалъе ток гьез чIезабичIо, цойгидаздасаги хираго бичани гурони учузго гьез гьеб нилъер гIадамазе бичуларо. Гьел ГЭСал гьоркьоре унел компаниязул хъвай-хъвагIай цойгидал регионазда бугелъул гьез кьезе кколел аслиял магъалабиги гьел регионазде уна.

Гьединго хIисабалде босизе ккола нилъер гIадаб ракьбагъариялъул хIинкъи цIикIкIараб бакIалда гьел ГЭСал раялъул бугеб кIудияб хIинкъиялъул. Чанго соналъ цебе дица цIалун букIана гIалимзабаз Дагъистаналда гьел станциял щай разе бегьуларебали хъвараб макъала. Нагагьлъун гьаниб ракь багъарун, гьел цо сангаргицин биххани хутIарал сангаралги домино гIадин цоялъ цояб биххиизабун тIа-тIала чIвазе руго.

Экологиялъул ккараб хиса-басиги, ГЭС сверун гIумру гьабун ругел гIадамазул сахлъиялъе кколеб заралалъулги хIисабго гьабулеб гьечIо лъицаниги. Гьединлъидал гьеб РусГидроялъ чанго соналъ магъалаби цIикIкIун кьун 540 миллион республикаялъул бюджеталъе щвей, гьеб буго щвезе кколеб букIаралъул цIакъго гьитIинаб кесек».

ГьоцIдерил ГЭС къуваталъул рахъалъ, Дагъистаналъул ток гьабулел станциязда гьоркьоб ункъабилеб бакIалда буго. ЛъагIалида жаниб сагIтие 350 миллион киловатт токалъул кьезе буго гьеб станциялъ.ГьоцIалъ ГЭС базе байбихьана 2007 соналда, 2014 соналъул октябралде станциялда гьарулел аслиял хIалтIаби лъугIун ругин лъазабун букIана.

XS
SM
MD
LG