МагъчIваялъе рес

Гьанже хIаралъухъги «чIегIераб» сияхIалде росулел руго Дагъистаналда


Гьал къоязда иргадулаб нухалда МахIачхъалаялда низам цIунулез полициялъул бутIаялдеги рачун экстремистазулгун хурхен гьабиялда щаклъи бугезул сияхIалде восун вуго 20 гIан чи. Щай гьел гьеб сияхIалде росаралалиги лъицаниги бичIчIизабун гьечIо. Жал гьеб сияхIалде росиялъе щибниги кьучI букIинчIин, гьеб иш жидер ихтиярал хвезаби бугин, гьелъие гIайибиял тамихIалде цIайилан абун республикаялъул прокуратураялде гIарзаги хъван буго гьел «чIегIераб сияхIалде» ккарал гIолилаз.

Гьал къоязда Дагъистаналъул тахшагьаралъул тIоцебесеб МахIачхъалайилан абураб мухъалдаса къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз ккун рачун ун полициялъул бутIаялде щвезарун руго 20гIан чи. Кколеб мехалда лъицаниги гьезда бичIчIизабун гьечIо гьел кквеялъе гIилла щибали, жидерго документалги рихьизарун гьечIо гьел низамцIунулез.

Полициялъул бутIаялда гьел росун руго хасаб эктремизмлаъулгун хурхен бугел яги хурхен букIине бегьулезул сияхIалде. ГIолилал гьеб бакIалде ракIарун рукIун руго Страйкболл абулеб хIай гьабизе. Гьеб чанго къокъаги гIуцIун, пневматикияб, хасаб гьелъие биччараб ярагъалъ цоцаде релъен жаниб бугел гаралги речIчIун хIала.

Бищун гIемер гарал щварал къураллъун рикIкIуна. МахIачхъалаялда ахираб заманалда гIолилазда гьоркьоб цIакъ тIобитIараб хIай буго гьеб. Къануналъ гьукъараб жоги гьениб щибниги гьечIо.

Ккуразда гьоркьов вукIарав МахIачхъалаялдаса ХIабибов Шамсудициница гьадин бицана гьеб лъугьа-бахъиналда тIасан «Эркенлъи» радиоялъе.

ХIабибов Шамсудин: «ГIолохъаби ракIарун рукIана цебе «Эльтав» завод букIараб бакIалде. Гьениб буго страйкболл хIазе санагIалъи бугеб реххун тараб бакI. Гьенире хIазе рачIунезул гIемерисел цоцазда лъазецин лъаларо. Щай гурелъул Фейсбук сайталда бугеб хасаб къокъаялда данделъула гьел хIазе бокьарал.

Кинабго дандбайги гьениб рагьун тIобитIулеб букIуна, бокьарав чиясда бихьизе бегьула гьеб. Страйкболл хIалеб бакIалъул бетIергьанас лъураб суал буго гьеб, щай гурелъул гьеб хIазе хьвадулел чагIи цо щиб бугониги къваригIел гьечIеб жоялде хIадурулел ругин, гьадин-додинилан абурал харбал рукIинчIого рукIине ва къуваталъул идарабзул хIалтIухъабазулги суалал раккичIого рукIине гьабулеб жо буго гьеб. БатIи-батIиял гIадамал рукIуна гьенир.

Чанги нухалда полициялъул хIалтIухъабиги рукIуна цадахъ хIалел. Щибниги щаклъи ккезе жо букIунаро гьениб, гье буго гIадатияб хIай. Къуваталъул идарабазул гьелда хурхун батIияб пикругIаги батилаха. Хасаб рагъулаб техникаги бачун, гьурмазда маскабиги ххун кутакал террористал кквезе гIадин рачIана гьел гьенире.

Гьенив данделъун вукIанщинав рачун Кировский мухъалъул полициялъул бутIаялде щвезаруна. Нижеда цадахъ рукIарал полициялъул хIалтIухъабаз документал рихьун хадур гьел риччантана, хутIарал полициялъул бутIаялъул нухмалъулес гьеб хасаб сияхIалде росизаруна.

Щай гьедин гьабурабали баян кьолев чиги вахъинчIо. Гьединлъидал нижеца журналистазда бицун гьелъул ахIи-хIур бахъинабизехъин буго ва республикаялъул прокуратураялде гIарзаги хъвазе буго гьеб ишалъе букIине кколеб къимат кьейин абун».

Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул баяназда рекъон гъоркьисаги исанаги багьана гьечIого къуваталъул идарабаз чIегIераб сияхIалде восун вуго кинавниги 80ялдаса цIикIкIун чи.

Гьезда гьоркьоса кIигоясда кIун буго диваналда жал гьеб сияхIалде кьучIгьечIого росун рукIин ва гьеб иш инсанасул ихтиярал хвезари букIин чIезабизе. Амма гьеб ишалъе гIайибияв цониги къуваталъул идарабазул хIалтIухъан тамихIалде цIан гьечIо Дагъистаналъул диваналъулаб системаялъ.

МахIачхъалаялдаса адвокат МухIамадов МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана гьеб кьучIгьечIого гIадамал экстремизмалъулгун хурхен бугел, яги гьеб букIине бегьулезул сияхIалде росарал низам цIунулел, къануналда рекъон, уголовияб тамихIгицин гьабизе бегьулилан, амма Дагъистаналда жеги цониги гьединаб мисал гьечIилан.

МухIамадов МухIамад:«КъотIносан ккун вачун чи полициялъул хасал сияхIазде восулев вугони цин гьелъие щулияб кьучIчI букIине ккола. Гурони мегеж бахун бугилан, гIагал къокъал ругин, яги кьвагьдеялда хурхараб хIай гьабулеб бугин абун хасал сияхIазде росулел чагIи рукIунаро.

Гьеб буго къанун ва инсанасул ихтиярал хвезари. Нилъер буго эркенаб пачалихъ, гьелъул конституциялъ рес кьун буго бокьараб дин гьабизеги, бокьараб ретIун хьвадизеги, бокьахъин хьвадизеги.

НакалдетIе щвезегIан мегежги тун толохIочун чи хьвадулев вугониги гьеб къанун хвезаби кколаро. Къанун хвезабулеб гьечIелдаса нахъе гьездехун суалал рукIине кколаро низам цIунулезул. Бищун квеш ккараб жо буго нилъер гIадамазда жидерго ихтиярал лъангутIи ва гьезие гIоло гьел къеркьонгутIи.

Масала, гьеб страйкболл хIалаго ккурал гIолохъабаз цохIо прокуратураялде битIун течIого, бажарулебщинаб бакIалде хъвазе ккола гIарзал, гьел сияхIаздаса гьезул цIарал нахъе хъагIазегIан рахIат тезе бегьуларо хасал идарбазе.

Гьедин гьабуни гурони гьезда ритIухълъи батуларо. ЦIакъ къанагIан гурони гьечIо гьаб сагIат гьедин сияхIазде мекъи росун рукIанин гIадамалин диваналъ чIезабиялъул хIужаби. ЦохIониги гьечIо гьелъие гIайибиял тамихIалде цIайги.

Къануналда рекъон гьел низам цIунулезда гIайиб бугин чIезабуни административияб тамихIалдаса бахъараб, хIалтIудаса нахъе реххиялде ва уголовияб тамихIалде цIаялде щвезегIан гIадлу гьабизе бегьула гьезие».

Гьединго адвокатас абулеб буго гIадамазда жидерго ихтиярал лъазе рукIине ва гьел цIунизе бажаризе букIине баянал кьолеб хасаб жамгIияб гIуцIи рагьизе кколилан. Низам цIунулез къанун яги итиярал хвезарун хадуб щиб гьабизе кколебалицин лъаларила гIемерисел дагъистанияздайилан абун рахIатхун буго гьесул.

XS
SM
MD
LG