МагъчIваялъе рес

Гендерил номерал нахъе рахъизеги рес буго


Унсоколо мухъалъул Генуб росулъ зама-заманаялда хасал операциял гьаризе байбихьаралдаса исана тIубала анкьго сон. Гьеб заманаялда жаниб лъагIалида жаниб чанго операция гьабурабги, лъагIелалъ КТО нахъе бахъичIеб мехги букIана гьениб. КIиго сон буго геназул I4 соналдаса тIаде ригь бугел гIадамазе хасал номерал кьуралдаса. Росулъе ина-рачIинаго гьеб бицине кколеб буго гьез жегиги росулъ ругел аскариязде. Гьел номералги нахъе рахъейин хасал сияхIазде росарал жидер цIаралги нахъе гьарейин гIарз буго гьезул.

Кумек гьабе нижер щибав чиясе кьун ругел номер нахъе рахъизе!

Киналго низам цIунулел цIогьалги морадералги гьечIел гIадин ниж киналгоги гьечIо вагьабиялги гьезие кумек гьабулелги. Нижеда чIалгIун буго нижее кьолел ругел тIокIцIаралги нижеда чIезабун бугеб къоги.

Гьеб нижеда чIалгIун бугин гьаракь рагьун абу-абурасул рокъобе рехулеб буго, гьев чи тамихIалде цIазе рес букIине, яги гулла, яги гьелда релъараб цоги къануналъ гьукъараб щиб букIаниги.

Гьединаб магIнаялъул рагьараб кагъат хъван буго Унсоколо мухъалъул Генуб росулъа МухIамадова Аминатица Дагъистаналъул президентасул гIакълучи Халидов Денгахъе.

Аминатица тIолабго росдал рахъалдасан гIарз гьабулеб буго росулъе жанире-хъватIирецин щибин эбел-инсуде тIаде щвезецин номер абичIого жал риччалел гьечIин абун.

Гьеб кагътида рорхарал суалазда тIасан ва гьезие кинаб кумек гьабизе бегьулебин абун нижеца чанго суал кьуна Халидов Денгае.

Халидов Денга: «Гьанже гьеб суал росдал жамагIаталъ борхизабулеб батани, гьезул вакилзаби дица рачина хIукуматалъул нухмалъулев хисулев Джафаров Рамазанихъе. Гьеб росулъ гьарулел къануналде дандекколарел жал ратани, гьел суалал рагIалде рахъинаризе дица кIвараб жо гьабила. Рамазан ГIабдулатIиповасдаги бицина гьелъул. Джафаров вугоха низам цIунулел идарабазда хурхарал суалал рагIалде рахъинарулев чи».

ЭР: Гендерие номерал кьунаха кIиго сон цебе. Лъил инициативаялда рекъон гьабураб хIалтIи букIараб гьеб МВДялъулищ ФСБялъулищ?

Халидов Денга: «Валлагь гьеб дида лъаларо. Низамалда, къануналда рекъолареб жо гьабулеб бугин гьенибин кколеб бугоха дидаги. Гьелъул гIадлу гьабулев чиги вихьичIо гьанив. Гьанже гьел гIадамаз гьеб суал борхизабулеб батани, гьезни гьеб некIогоги борхизабулеб букIана, кIвараб жо гьабила. Концлагерь гьечIелъул жакъа гьаниб».

Генуб
Генуб

Ахирисеб нухалда Генуб росулъ лъазабун букIараб контртеррористияб операциялъул низам лъабго чиги чIван нахъе бахъун букIана 12 октябралда. Гьеб букIана ахирал соназда гьенир лъазарулел рукIарал гIемерал КТОязул ахирисеб. БукIана гьениб моцIалгун лъагIелаз халат бахъарабцин КТО. Эркенлъи Радиоялъ гIемер бицана гьел операциял тIоритIулаго гIадатияб халкъалда низам цIунулез чIезабулеб балагьалъул. Гьел жидерго рукъзабахъа нахъе гочинариялъул, къваригIараб босизецин гьенире риччангутIиялъул, тIадруссиналде рукъаладаги магIишаталдаги чIезабун батулеб къоялъул. Генубалда аскIоб бугеб Временныялдаса нахъе къотIарал гIадамал чанго моцIалъ риччалел рукIинчIо росулъе жанире лъугьинецин.

Риидалил ретIелгун къватIире лъугьарал гьел хасалихълъи бачIараб мехалда ретIине жоги гьечIого хутIун рукIана. Школалде ретIине ретIел букIинчIо гьезул лъималазул. Нижергун букIараб гара-чIвариялда росулъа гIадамаз бицуна жидеда чIезабун бугеб къоялъул цоги дагъистанияз пикруцин гьабулеб гьечIин, гьез жидеда кIалцин гьикъулеб бугин цо нужер росулъ гурони Дагъистаналъул цоги-цоги росабалъ щайин гьединаб низам чIезабуларебин. Гьелъие жаваб кьолеб буго Генуб росулъа Сидрат абулей гIаданалъ.

Сидрат: «Гьаб суалалъе жаваб кьезе нижее кутакалда захIмалъулеб буго. Дида ккола гьеб цохIо росдал жамагIаталъул гIайиб гурин. Гьеб буго централдасан байбихьудасанго геназда хурхун мекъаб политика билъанхъизабиялъул хIасил. Гьедин абулеб буго росдал гIадамазги. Росдал жамагIаталъ чанго нухалда рес кьун букIана низам цIунулезе гьез боевикалин абулел (изну гьечIого яргъидгIуцIарал) васал кквезе. Гьезул щибав вукIана низам цIунулез ккун. КIи-кIи лъаблъа нухалда ккун къваритIе риччан гьаруна гьез гьел.

2013 соналда росдал жамагIат къватIибе бахъана апрель моцIалда гьезухъе росуги тун. 12 рохьилавин гьез абулев васги гьенив тун. Гьез росуги талавур гьабуна, росуги бикъана, гьев 12 васги къватIиве виччана. Гьеб мехалда щай букIине кколеб гIайиб росдал жамагIаталда?»

Сидратица баян гьабулеб буго жидер щивасе кьун ругел номеразул бугеб квал-квалалъул.

Сидрат: «Тату-бахъи букIинарищха гъолъул- росулъе жанире-къватIире унаго гьикъула, посталда чIезарула, цIех-рехалда (профучеталда) ругел чагIи ратани полициялде рачуна, наряд яхIула. Килщазул расеназул суратал рахъула, ДНК кьезабула. Гьединаб гIемераб лазат-бахъи буго нижее гьелъул. Нижер гIунрачIина ругел лъималазда бихьулеб буго эбел-инсуе номерал кьолел рукIин. Щиб бицинеб гьезие?

Гьез яргъидгIуцIаралин абулел рукIарал гьел васал чIван лъугIана. Цоял рохьор, цогиял мегIер-гIалахалда, лъабабилел русулъ цо-цо минаязда жанир. Гьанжеги росулъ балагьулеб бугеб жо бичIчIулеб гьечIо нижеда».

Росулъ ругел аскариязул жидее гьанже бицинегIанасеб квал-квал гьечIин, амма жидее номерал щал кьун ругебали ва цIех-рехалде жал щай лъазарун ругелин гьикъулел жидерго лъималазе бицине жо лъаларин жидедайин абулеб буго Сидратица.

Сидрат: «Нижер росулъ ва гьенире жанире рачIунеб бакIалда ватула 1000-гIаги аскарияв. Росдал щибаб авал сверулелги рукIуна гьел. Къаси-къад батIалъи гьабичIого рукIуна гьел гьенир. Гьезул къварилъи бугин нижеейинги абизе бегьиларо. Гьел руго жидедаго тIадаб жо гьабулел. Нижее къварилъи буго хас гьабун профучеталъулги фильтрациониял номеразулги. Номерал кьезе ниж концлагералда ругел чагIийищ яги ниж туснахъалда ругел чагIийищ?

Жакъа васас гьикъулеб буго дида: "Баба мун цIех-рехалда (розыскалда) лъезе ккани дуца гьабун бугеб жо щиб? Мун лъица розыскалда лъурай?"-ян».

Рохьоре гIолилал гIагаразе бокьунищ унелин, жидеда гьел нахъе рачине кIолищин, гьезде балагьун щибго гIайиб гьечIел жидее гIакьуба щай кьолебин гьикъулеб буго Сидратица.

Сидрат: «Гьанир хIалтIудаса гIадамал рахъулел руго. Масала школалдаса нахъе рехана 15-20 соналъ гьений хIалтIарай кIиго чIужу. Гьезул фамилия буго Загулиевал. Гьезул вац чIван вукIана 2013 соналда Генуб. Яцалъе бокьунищ вац рохьове унев? Цоги гIагаразе, эбел-якьадалъе бокьунищ унев? Арав гьев нахъе вачине кIолищ гьезда? Щай гьанже гьез гьесул жаваб кьезе кколеб? Россиялда цоги такъсирал гьарурал чагIазул гIагараз кьолеб бугищ жаваб?

Гендерил вагьабиялги, монстралги гьарулел руго информалатазги интернеталъги низам цIунулезул квер-бакъиялдалъун.

Гьаб жо кидаллъизегIан букIине бугеб жо?!

Дагъистаналдаги районалдаги чанги хъулухъчи вуго жидедаса улкаялъе цIех-рехалда вугев генусесдаса гIемерго цIикIкIун зарал бугев».

Генуб росулъги гьеб сверун ругелги аскарал нахъе рачине щиб гьабизе кколебин ва гьеб лъица рагIалде бахъинабизе кколеб суалин гьикъана нижеца Халидов Денгада.

Халидов Денга: «Республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница гьениб хIалтIи гьабулеб букIана геналгун гьабураб къотIиялда рекъон. Гьеб мухъалъул халкъалда гьоркьоб адаб бугел гIадамалги, нухмалъулелги, Генуб росдал жамагIаталъул вакилзабиги, хIукуматалъул вакилзабиги гIахьаллъун къабул гьабун букIана гьеб къотIи. Рамазаниде данде хIалтIулел, гьесухъ гIенеккуларел чагIиги руго гьадал гъеждакIичIал раразул цо-цоял. Дида кколеб буго гьез гIиси-бикъинаб багьанаги цIехон, гьесде данде гьабулеб бугеб хIалтIи бугин гьебан».

ЭР: Официалиял гьечIониги, рукIана лъазабиял лъагIел цебе Временный росдал гIадамалги нахъе къотIун гьениб яргъидгIуцIараз бахчараб гIемераб гIарац балагьулеб букIанин низам цIунулезин? Гьелда сверун щиб дуца абилеб?

Халидов Денга: «Гьеб дида лъаларо. Кинаб гIарац? Временныялда гIарац гуреб цIехолеб букIараб. Гьез цIехолеб букIанила яргъидгIуцIаразул чIовудабакI. Гьез ракьулъе бухъун гьабураб бункер букIанин бицунеб букIана».

ЭР: Гьеб жоялда тIадги релъулел рукIана гIадамал. ГIабдулатIиповас лъазабун букIиндал гьедин.

Халидов Денга: «БукIана гьебги...»

Гендерица бицухъе, гьел хIинкъулел руго росулъ кколеб бугелда сверун щиб букIаниги бицине. Улкаялъул ва республикаялъул нухмалъиялъухъе гIарз гьабун кагътал хъварал гьезул росулъа чагIазде гьабулеб буго тIадецуй, гьел лъазарулел руго цIех-рехалде. Гьел хIинкъулел руго жидер рукъзабахъе къануналде данде кколареб жоги жидецаго рехун низам цIунулез жал тамихIалде цIазе бегьиялдаса.

Генуб контртеррористияб операциялъул низам лъазабун букIана тIоцебе 2008 соналда. Доб мехалда Дагъистаналъул жанисел ишазул министрлъун вукIана гьебго соналъ чIварав МухамадтIагьиров ГIадилгерей. Цо-цо баяназда рекъон, гьеб низам лъазабиялъулъ гьесул квер-бакъиги дагьаб букIинчIо. Доб мехалда гьеб низамалда абулаан - специальная комплексная профилактическая операция (СКПО) абун. Гьеб халат бахъун букIана лъагIелгун бащдалдасаги цIикIкIун заманаялъ. Гьеб байбихьиялъе аслияб гIиллалъун рехсолеб букIана Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутат ГъазимухIамад МухIамадов (Гимринский) чIвай. Гьевги гьебго росулъа ХIажидадаев Ибрагьимица чIванин лъазабулеб букIана.

Гьеб заманаялда президентлъун вукIарав ГIалиев МухIу хисун республикаялъул бетIерлъуда МухIамадов МухIамадсалам тун хадубги Генуб тIобитIана чанго кIуди-кIудияб контртеррористияб операция. Гьеб нухалда гьенив ХIажидадаев Ибрагьим валагьулев вугин абулеб букIана. ХIажидадаев абуни чIвана МахIачхъалаялда Семендер абулеб авалалда 2013 соналда.

Нижергун гара-чIвари букIарай Сидратицаги бицана, росдал гIадамаздаги кIочонаро, гьел соназ контртеррористиял операциязул цояб унаго росулъ ругел яргъидгIуцIаралги гьенирго тун росулъа гIадамал къватIире иналъул. Гьеб мехалда росу кIиго гор гьабун сверун ккун рукIарал низам цIунулезул къуваталги ругелъурго тун, гьениса, цо полициявги чIван, лъутун ворчIун вукIана 12 изну гьечIого яргъидгIуцIарав. Кин гьезда гьениса лъутизе бажарарабин абун гIадамазул доб мехалда бижараб суалалъе гьезда жаваб жакъаги батулеб гьечIо. Гьезул цо-цояз рикIкIунеб буго низам цIунулез, къотIиги гьабун, гьел гьениса нахъе ричIчIан ратилин.

Республикаялъул нухмалъиялде ГIабдулатIипов Рамазан вачIун хадубги тIоритIулел рукIана Генубги гьелда аскIоб бугеб Временный росулъги контртеррористиял операциял. Временный росулъа гIадамал нахъе гъун рукIана чанго моцIалъ. Гьеб мехалдаги гIадатиял гIадамазул гIарз тIалъиялда рагIулеб букIинчIо.

Ахирги гьениб дунял роцIцIанин абизе бегьула Унсоколо мухъалъул рагIи билъарал гIадамалги, мухъалъул нухмалъиги, Генуб росдал жамагIаталъул вакилзабиги цо рахъалъан, цоги рахъалъан Дагъистаналъул хIукуматалъул вакилзабиги гIахьаллъун къотIи гьабун хадуб.

Гьеб гьабурабгоги рукIана къотIи щвалде щвараб гьечIин, гьелда гIемерал суалалазда сверун жавабал гьечIин абулелги.

Гьеб къотIиялда рекъон, Дагъистаналъул хIукуматалъ Генуб росу босизе букIана пачалихъиял инвестициязул програмаялде ва гьениб поликлиникагун азарханаги, лъималазул ах базеги квер-бакъизе букIана. Гьединго квер-бакъизе букIана ракьал ччукIун инаредухъ хIалтIаби гьаризеги.

Генуб росдал культураялъул рукъги къачIан росулъе лъим бачинеги, росдал школаялъе автобус кьезеги, гьединго росулъ ва гьелъул сверухълъиялда бижулеб пихъил нигIматал гьаризе бакIал раялъеги, гамачI къотIулеб бакI баялъеги, сахлъи щула гьабиялъул лагерал разеги квер-бакъизе бицунеб букIана.

ХIукуматалъ «квер-бакъизе бугин» аби гуреб кида кинаб хIалтIи гьабизе бугебали хъвараб къотIи-къай гьеб букIинчIо, гьединлъидал гьел тIадеросиял гIумруялде рахъинариялъул гарантияги гьениб букIинчIо. Гьенир рехсарал хIалтIабазе гIарцул кигIанасеб къадар биччазе бугебалиги гьениб рехсон букIинчIо. Гьеб къотIи гьабилалде республикаялъул бюджетги цебего къабул гьабун букIана.

Щибха гьабизе кколеб букIараб гендерил жамагIаталъ гьеб къотIиялда рекъон?

Гьеб къотIиялда гъоркь гъулбас лъун букIана 5000-гIан чи вугев жамагIаталъ жал вакил гьарулел ругин абун кинабгIаги процедура жидеда сверун тIобитIичIев анкьго чияс.

Кин бугониги, гьеб къотIиялда рекъон, гендерил жамагIаталъ квер-бакъизе кколеб букIана росулъ низам букIинабиялъе, гIуцIизе кколел рукIана росулъ халкъиял дружинаби, хIаракат бахъизе кколеб букIана гIадамазухъ къануналде дандекколареб куцалда бугеб ярагъ низам цIунулезухъе нахъе кьеялъе.

Гьединго лъабго моцIида жаниб цо нухалда бакIаризе кколеб букIана росдал жамагIат. Гьенибги гьоркьоб лъезе кколеб букIана росулъ Россиялъулгун Дагъистаналъул къанунал цIуниялъе квал-квал гьабулел ва изну гьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабулел гIадамазул суал.

Гьединго цин росдал администрациялда ва хадуб мухъалъул администрациялда тIадкъалеб букIана жамагIаталъул гьел данделъабаздаса видеоял республикаялъул хIукуматалде ритIизе.

Ахирги гьел къотIияз хIасил кьечIолъи бихьулеб буго. Генуб гьабизейин бицараб хIалтIи хIукуматалъги гьабичIо, гьезго абухъе, гендерицаги къотIи хвезабуна.

Генуб росулъ гIумру гьабулел цо-цоязулги росу бахун цоги улкабазда гIумру гьабулел гьезул цо-цо ракьцоязулги щаклъицин буго хIукуматалъулгун кинал рукIаниги къотIиялги гьарун гьениб ахIвал-хIал рукIалиде ккезе букIиналда. Гьез абулеб буго кидайила гIадамазда кIочене бугеб жидер рукъзал талавур гьари ва кидайила лъималазда кIочене бугеб гьезул эмен чIвараб куц ва хадуб гьесул жаназа низам цIунулезухъа бичун босизе росдацаго гIарац бакIарулеб букIараб куцин.

Амма цогиязда бичIчIулеб буго ахIвал-хIал бугеб куцалда букIине бегьунгутIи ва гьез гьарулеб буго гIайиб гьечIеб жидер халкъалъул гIумру бигьалъизабейин. Гьез абулеб буго ахир гьечIеб жо букIунарин ва кида-къадги кIалъа-ралъаязде рачIине кколин.

XS
SM
MD
LG