МагъчIваялъе рес

ЧIван вуго МахIачхъалаялъул экстремистазул бетIер


24 августалда ЦIияб Хушет росулъ полициялъулгун букIараб кьагьа-гIанхъиялъул хIасилалда чIван вуго МахIачхъалаялъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул бетIер Къурбанов ГIабдулги гьебго къокъаялде гъорлъе унел цойги кIигоялги. Дагьал церегIан къояз гьеб росулъ полициялъул хIалтIухъаби чIванхадуб низам цIунулез гIадамазул рокъо-рокъоре рачIун, чIухьал ран 15 гIан чи ккун вукIана, гьел экстремистал чIван хадуб росулъ терроризмалде данде чIараб низамги лъазабун дагьалги гIадамал кколел ругин абун разигьечIого руго хушеталъулал.

Итни къоялъул радал МахIачхъалаялда аскIоб бугеб ЦIияб Хушет росулъ полициялъ халгьабизе чIезабулаго «Приора» автомобилалъусан гьезде кьвагьдон руго. Данде кьвагьараб жоялъ низам цIунулез автомобилалъув вукIарав лъабгояв чIван вуго. Къуваталъул идарабазул кьурал баяназда рекъон гьел чIварал чагIи кколел руго МахIачхъалаялъулилан абулеб изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул бетIер 30 сон барав Къурбанов ГIабдулаги, гьебго къокъаялъул гIахьалчагIи 33 сон барав Ибрагьимов МухIамадги, 35 сон барав МухIамад ГIабдулхIалиевги. Къуваталъул идарабазул щаклъи буго гъоркь анкьица ЦIияб Хушеталда бакIалъул полициялъулав Шамиль ГIабдурахIманов гьез чIван ватиялда. Гьединго гьезулго квердалъун гьабун батилила гьебго росулъа полициялъулав ХIасанов ХIасаниде тIадекIанцIиги. Гьеб тIадекIанцIиялъул хIасилалда ХIасан захIматго лъукъун вуго гьесул 15 сон барав васги, гьоболлъухъ вукIарав гьезул гIагарав чиги чIван руго. ЦIех-рехчагIаз гьеб кIиябго такъсир лъабго чияс гьабунин

Гьел низамцIунулезде тIадекIанцIиял гьарун хадуб ЦIияб Хушеталда къуваталъул идарабаз хасал тадбирал тIоритIизе байбихьун буго. Рокъо-рокъоре рачIун кинал рукIаниги документалги рихьизаричIого гьез чIухьал ралел рукIун руго. Гьел ралел мехалдаги рокъоса киналго чагIиги къватIире ритIун, нугIзазул бакIалдаги жидерго чагIиги тун хIалтIулел рукIанила низам цIунулел, гьез жидецаго рехханила гIадамазе наркотикалги ярагъгийилан лъазабулеб буго хушеталъулаз. Гьедин рокъоб ярагъги наркотилкалги ратунин абун ахирисел баяназда рекъон дагьалдасан I5ниги чи ккун вугин, гьезул къадар дагьабги цIикIкIинеги бегьулин бицана «Эркенлъи» радиоялъе МухIамадов МухIамадица. Гьесдаги цойги хушеталъулаздаги мухIканго лъалеб гьечIо чан чи гьезул росулъа ккун ун вугевали.

МухIамадов МухIамад: «Росулъ хьвадилел руго гьел низам цIунулел минаби сверун ккун, гьенир хасал тадбирал тIоритIулел руго гьез. Кьвагьиги рагIула гьоркьо-гьоркьосан, чIварав гьев лъабго гIолохъанчи гурев тIокIав чи чIванилан рагIичIо. ЗахIматаб ахIвал-хIал буго росулъ, гIемерисел гьел тадбирал тIоритIулел чагIи заманалъ гьанире хIалтIизе ритIун рачIарал руго. Гьезул цо-цоял берцинго гIадамазул адабги гьабун хьвадулел рукIуна гьанир. Масала, цо чиясул рокъоб чIухь базейилан ун рукIун руго гьел сон. Гьезул рокъов чи ватичIеб мехалда бекун нуцIагун жанире лъугьун руго. Хал-шалги гьабун буго гьениб, гьеб гьабулеб мехалдаги щибниги гъурущ яги щущазабун гьечIо, чороклъичIого рукIине халичабигицин гурун лъун рукIун руго гьез. Ахиралдаги гьениб щибниги гьукъараб жо батичIеб мехалда нахъе унелъул бекараб гьеб нуцIихъ гIарацгицин лъун буго гьенибго. Цо-цоял гьедин хIалтIула цойгидал ахIи-хIуралда кIудиял-гьитIинал батIалъи гьечIого инжит гьарун кIалъала, къавулъ бугебщинаб жо щущазабула, ярагъги наркотикалги реххула жидецаго. Гьедин сон ракIчIун дида лъалев цойги кIиго чи ана гьез ккун. Дагьалги ругила гьел ккурал чагIийилан абулеб буго».

Рокъоса къватIире рахъине хIинкъараб хIал бугила гьаб сагIат цIияб Хушеталдайилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб росулъа ГIалиева Зайнабица.

ГIалиева Зайнаб: «Гьаб сагIат росулъ къватIиве вахъарав чиго гьечIо, цо-цо бихьинал уна къватIирехун лъугьа-бахъунелъухъ балагьизе, цIияб хабар жо цIехезе. Росулъ полициялъулазде кьвагьдарал чагIи чIвараблъигицин нижеда интернеталдасан лъана. Гьел гIолохъаби киса рукIаралилиги дида лъаларо. Гьаб 12 азаргогIан чияс гIумру гьабун бугеб бакI буго, киналго лъан бажаруларо. Цо-цояз абулеб букIана гьел гьаниса ругилан, цойгидаз абулеб рагIана гьел гьанир рахчун рукIун ругилан. Гьезие кумек гьабулел дагьалги чагIи рукIанин абураб информация бугила къуваталъул идарабазул, гьединлъидал лъазабун бугила гьаниб терроралде дандечIараб низамилан абулеб букIана. Гьединлъидал кколел руго гIадамалги, сонги чангояв ккунин абулеб букIана, жакъаги ккун ратила».

Дагъистаналъул жанисел ишазул пресс-хъулухъалъги «Эркенлъи» радиоялъе баянал кьечIо чан чи Хушеталдаса ккун вугевали. Гьенир гьаб сагIат экстремистал ралагьизе ва гьезие квербакъи гьабулел тIатинаризе хасал тадбирал тIоритIулел ругила, терроризмалде данде чIараб низамги лъазабунилан абуна гьез. КидаллъагIан гьеб халат бахъинабизе бугебалиги мухIкан гьабичIо.

XS
SM
MD
LG