МагъчIваялъе рес

Конфликтазде балагьун хисулел стандартал


Украина-Донецк регионалда лъураб хъорщода хъван буго "Путинил гьерсазе гlоло хвана",-ян
Украина-Донецк регионалда лъураб хъорщода хъван буго "Путинил гьерсазе гlоло хвана",-ян

Гьаб сагIатаялда дунялалъул информалатазул кIвар буссун буго аслияб куцалда кIиго рагъулаб конфликталде. Цояб буго «Исламияб пачалихъин» жинда абулеб экстремистияб къукъаялъ ГIиракъалда ва Сириялда гьабулеб рагъ, цогияб буго Украиналъул жанубиягун-машрикъалъул рахъалда рагъулаб конфликт. Цо-цо баяназда рекъон гьеб кIиябго конфликталда буго дагъистаниязул гIахьаллъи. Амма чияр улкабазда унел гьел конфликтазда гIахьаллъараздехун официалияб нухмалъиялъул бербалагьи буго батIи-батIияб.

Украиналда хун вуго Россиялдаса 3500 солдат. Гьедин лъазабулеб буго «Новый Регион» абулеб сайталъ Россиялдаса инсанасул ихтиярал цIунулей Елена Васильевалда мугъчIвайги гьабулаго. Гьелъ лъазарулел ругIула Россиялдаса хварал солдатазул хIакъалъулъ баянал. Гьедин хъвалеб буго рехсараб сайталда.

«Цебе чIван ругин лъазабурав 2000 чиясде тIадеги Победа абулеб бакIалда чIван вуго 300 чи, Иловайскалдаса къватIире лъугьунеб бакIалда-47, Снежноялда букIараб колонаялъул 1200 чиясда гьоркьосан чIван вуго 120 солдат (470-яв лъукъун вуго), Псковалдаса десанталъул чIван вуго 70 чи, чIаго хутIун вуго 10-яв, аскариязул колона унаго гьезде кьвагьиялъул хIасилалда чIван вуго 230, жеги 59 чи вукъун вуго Новоазовскаялъул хабзалазда, 40 жаназа рехун буго шахтаялъубе. Жеги чан лъукъарав хвараб азарханаялде щвелалде? Гьа, кIочонеб букIун буго, Краснокаменскаялъул шахтаялде рехун буго жеги 600 жаназа...РикIкIе»-ян хъвалеб буго Facebookалда бугеб жиндирго гьумералда Васильевалъ.

Гьел баянал уял гьарулел яги гьел нахъчIвалел официалиял баянал гьечIо, амма Эркенлъи Радиоялъ бицун букIана Псковалдаса десанталъул 70 чи чIван вугин бицарал мухбиразе гьабулеб тIадецуялъул ва гьезул хобазда рукIарал хъвай-хъвагIал нахъе рахъун рукIиналъул.

http://www.radioerkenli.com/content/news/26564958.html

Гьебго «Новый Регион» сайталъ 12 сентябралда хъвалеб букIана: «Киев, Сентябрь 12 (Новый Регион, Константин Зельфанов)- Донбассалда чIезабун бугеб ракълил низам чIечIого хвезабулел сепаратистазе гьелдаса жидеего балагь ккана. Гьениб жидеца кьвагьулеб жоялде гъоркье ккун буго гьезул жидерго батальон «Восток»,-ян.
Гьеб хIужаялъул Киевалда букIараб брифингалда лъазабуна Украинаялъул улка ва миллияб хIинкъигечIолъи цIуниялъул Щураялъул информациониябгун-аналитикияб централъул спикер Андрей Лысенкоцаги.

Андрей Лысенко: «Араб сордо къоялда жаниб нижеда халлъана «Восток» батальоналъул цо бутIаялъ чIей гьабулеб территориялде гьабулеб букIараб кьвагьи. Гьенив хун вуго анцI-анцI чи. Нижехъ руго гьединал баянал, амма мухIканаб къадар гьаб сагIат абизе кIолеб гьечIо».

Гьенибго гьес абуна сепаратистаз хIаракат бахъулеб бугин гьел баянал рахчизе, амма абулеб бугин украиналъул аскарияз сепаратистазул рахъалда рагъизе ине ракIалда букIарал Донбассалъул гIадатиял гIадамал чIванин.

http://nr2.com.ua/hots/Vojna_na_Donbasse/Na-Donbasse-pod-obstrelom-pogibli-desyatki-terroristov-iz-batalona-Vostok-79889.html
Гьеб буго Новый регион сайталъ кьолеб баян.

22 августаялда Дагъистаналда къватIибе бачIунеб «Черновик» газетаялда кьолеб букIана МухIамадов Руслан абулев мухбирасул макъала.

Гьелда абулеб букIана жидехъе щварал баяназда рекъон Украиналъул Донбассалъул ва Луганскалъул мухъазда чIван вугин анцI-анцI дагъистаниявин. Гьел рукIанин Россиялъул армиялда контракталда рекъон хъулухъ гьабулел чагIийин.

«Украиналъул фронталде» дагъистаналъул контрактникал кин ккаралали лъалеб гьечIо. Гьенир хваразул гIагаразул ва гьезда цадахъ хъулухъ гьабулезул баяназда рекъон гьенире контрактникал ритIулел руго гьадин. Армиялъул цо-цо рагъулал бутIаязда командираз гIолилазде абулеб буго фронталде ине бегьулин. Гьеб абулебги буго тIадецуй гьабун гьел мукIурлъиледухъ. РукIунел руго гьезда гьоркьор хIакъикъалда рагъизе ине бокьаралги, рукIунел руго жалгун хъвараб контракт хвезабиялдаса хIинкъун фронталде унелги.

Украналде ритIулел руго гIицIго контрактникал, амма лъагIалица армиялда хъулухъ гьабун хадуб контрактниказул кьералъе бигьаго росулел руго цебесеб соналъ ахIун армиялде хъулухъ гьабизе ун рукIаралги».

«Гьединаб контракт хъвазе инкар гьабурал рагъулаб бутIаялъул киналго солдатазда цереги чIезарун хIинкъулел ругин абун суризарулел руго ва гьедин гьезде морадияб тIадецуй гьабулеб буго»,- цIар бицине бокьичIев контрактникасда мухъчIвайги гьабулаго гьедин хъвалеб буго Черновикалъ.

Гьелъулго баяназда рекъон, Украиналда хварал гIолилазул документазда хъвалеб бугин гьел рагъулал ругьунлъиял гьарулаго хванин яги хъвалеб буго, цебесеб къо-моцI бихьизабун, гьел армиялдаса нахъе ун рукIанин. Гьедин хъвани гьев кколарев вуго «рагъулаб камилъун» ва гьесул гIагаразе хIукуматалъ кьолареб буго кинаб букIаниги компенсация.

Гьебго газетаялъ хъвалеб буго гьел аскариял Украиналъул территориялде унел ругин, гьениб хасаб масъалаги тIубан гьениса нахъеги унел ругин. Цо нухалда гьедин Украиналде арал Дагъистаналдаса контрактникал ругеб рагъулаб бутIаялде кьвагьун буго Украиналъул армиялъ ва гьенир хваразда гьоркьор ругин Буйнахъск мухъалъул Гъоркьияб Гъазданущиб щуго ва Атлан аул росулъа цо гIолохъанчийин, гьединго Шагьада росулъа цо чиги чIван вугин. МухIканал гурел баяназда рекъон, жаназаби рачIун ругин Гъизилюрталде, Белиджиялде ва Аксаялдейин.

Буйнахъск мухъалъул чанго росулъа чанго гIолилав чIван вуго Украиналда

Эркенлъи Радиоялъ хIалбихьана гьенир рехсарал цо-цо росабалъе ахIун гьеб баянал уял ругищали лъазабизе, амма гIадамаз инкар гьабулеб букIана щиб букIаниги бицине. Гьелдаго цадахъ Буйнахъск мухъалъул администрациялдасан щварал баяназда рекъон, гьеб мухъалъул чанго росулъа чанго гIолилав чIван вуго Украиналда ва гьел киналго гьенире ун рукIун руго жидеего бокьун.

Нижеца ахIана МахIачхъалаялда бугеб рагъулаб комиссариаталде.

Гьале гьениса нижехъе щвараб жаваб:

Рагъулаб комиссариаталъул вакил: «Дица гьадин абила-божуге киданиги интернеталда бицунеб жоялда. Гьечlо гьединал баянал. Гьел руго Ватlаналъул тушбабаз тlиритlизарулел харбал. Нижехъ гьечlо гьединал баянал».

Россиялъул Уголовияб кодексалъул 208 статьяялъул 2-билеб бутIаялда рекъон, улкаялъул къануналъ бихьизабичIеб ва къватIисеб улкаялъул территориялда гьеб улкаялъул къануназде данде кколареб рагъулаб къукъаялда гьебги Россиялъул интересазде данде кколарел мурадазе гIоло гIахьаллъаралъухъ кьезе бихьизабун буго туснахъалъул щугоялдаса анцIгоялде щвезегIан сон.

Гьеб къануналда рекъон гIайибги гIунтIизабун Дагъистаналда жанив тIамун вуго цо чи-ЦIумадаса НурмухIамадов Шамиль. Диванханаялъ чIезабун буго гьев Сириялда вагъулев вукIанин. Гьев Сириялда вагъулев вукIинчIин, ва гьесие зулму гьабун гьес жинцаго бицараб тун батIияб тIокIаб кинаб букIаниги гьесул гIайиб бихьизабулеб далилги диванханаялъухъ букIинчIин бицана Эркенлъи Радиоялъе НурмухIамадовасул адвокат МухIамадова Сапиятица.

МухIамадова Сапият: «НурмухIамадовасда гIайиб букIиналъулцин щиб гьев Сириялда вукIанин абуралцин далилал рукIинчIо диванханаялъул. Гьел рукIинеги рес букIинчIо гьезул. Гьев жиндирго хъизангун Ириялда гурев Туркиялда хIалтIулев вукIана. Диванаханаялъ гьесда гIайиб чIезабуна ритIаралцин щиб хъвалсаралцин далилалги гьечIого».

Сапиятил баяназда рекъон, НурмахIамадов жанив тIамун вуго Сириялде унезул сияхIалда вукIарав жиндиргун цIаргIахьаласул бакIалда. Гьелъ бицана Унсоколо мухъалдаса Сириялде вагъизе унев нусгогIан чиясул цIар хъвараб гьединаб сияхI букIанин. Сириялда жидер росулъа лъабго чи чIванин бицана Эркенлъи Радиоялъе Унсоколо мухъалъул Генуб росдал бегавул МухIамадов ГIалиасхIабица.

...рагъулел чагIи ратичIони чIваралги кисаха рукIинел?

МухIамадов ГIалиасхIаб: Ансал гьенир гьечIо, генал руго. Официалиял баяназда рекъон, гьенив 35-гIан чи вугин абула.

РЭ: Доваса нахъе вачIарав чи вугевищ?

МухIамадов ГIалиасхIаб: ГьечIо. Гьезул цониги чи гьениса жеги тIадвуссинчIо. Гьел нахъе ахIизе гьарулел хIалтIабиги руго. КIудияб гIайиб жидеда гьечIелгIагиха.

РЭ: Дова чIварав яги къадар ккарав чи вугищ?

МухIамадов ГIалиасхIаб: «Вуго. Лъабго чи чIван вуго гьенив. Гьел гьенирго рукъунги руго. Сириялдаса кIварал гьел гьанире кинха росилел?

Гьенир ругелин абулел чагIазул гIагаралги лъун руго оперативияб цIех-рехалда. Гьелъул магIна ккола гьел кире унел ругониги унеб бакIалъулги жидер мурадалъулги гьез лъазабизе кколин абураб».

ЭР: Сириялде аралин абулел чагIи гьел щал? Гьел нужер росулъ гIумру гьабулел рукIарал гIадатиял гIолилалищ, рохьилалин абулел чагIийищ, гьел щал?

МухIамадов ГIалиасхIаб: «Гьел руго «рохьилалгун» бухьен букIиналда щаклъи букIине рес бугел чагIи. Гьелгун гIодов чIун чай гьекъарал яги гьезие кинаб букIаниги кумек гьабурал, гьеб гьабун батичIониги, гьабунин гIайиб гIунтIизабизе рес бугелги. ГIайиб бугелги ратила дора, руго гьезул иш берцин бихьулелги».

ЭР: Гьенир ругел гIадамал нахъе рачинелъун хIалтIи гьабулеб бугин абуна дуца. Кинаб хIалтIи гьабулеб бугеб ва лъица гьеб гьабулеб бугеб?

МухIамадов ГIалиасхIаб: «Дагъистаналъул хIукуматалда цебе гIуцIун буго хасаб комиссия, президентасулги буго жидеда гIайиб гьечIел чагIи халкквей гьечIого жалго тезе гьабураб къотIи».

ЭР: Чиясда гIайиб бугеб гьечIеб кин лъазе бугеб дуца рехсараб комиссиялъул яги гьезие хIукму къотIизе бугел гIадамазда?

МухIамадов ГIалиасхIаб: «Гьеб суалалъе жаваб кин кьелебали дида лъаларо. Гьениб букIараб жо гьез кин чIезабизе бугебали дида лъаларо».

ЭР: Генал гурониги, Унсоколо мухъалдаса цоги гIадамал ругищ гьенир?

МухIамадов ГIалиасхIаб: «Ватизе рес буго 120-гIан чи. Гьезулги цо-цоял хъизабигун лъималгун ругел чагIи. Официалияб куцалда Сириялдеги ун гьав чи вагъулев вугин абизе дида кIоларо. Дида щиб лъалеб дов щиб гьабулев вугевали. Амма гьезда гьоркьор рагъулел чагIи ратичIони чIваралги кисаха рукIинел?

Гьаниса арал чагIазул 70% Туркиялда, 20%- Мисралда, 10% Дубаялда ругин абула. Гьезул цо-цоял ратизе бегьула Сириялде ун, гьенир конфликтазда гIахьаллъун нахъе, жалго ругеб бакIалде рачIунел чагIи. Гьездасан бачIунеб информациялда рекъон бицунеб жо буго дица гьел Сириялда гурел цоги бакIазда ругин абун. Дораги рагъун нахъе рачIунел ратизе бегьула гьел».

ЭР. Украиналде вагъизе арав чи вугищ нужер росулъа?

МухIамадов ГIалиасхIаб: «Дида лъалеб бак1алъан гьеч1о гьединав цониги чи».

Августалъул ахиралда Австриялъул полициялъ ккун вукIана кIиго автомашинаялда рекIун Сириялда рагъизейин унев вукIарав 10 чи. Гьезулги ичIгоял рукIун руго чачанал, гьезда гьоркьов цо балугълъиялде вахинчIев васги цо чIужугIаданги рукIунги руго, 10-билев чи вукIун вуго туркав.

Эркенлъи Радиоялъул Австриялда йигей мухбиралъул баяназда рекъон, гьезул щугоял полициялъ нахъе ричIчIан руго улка бахунгеянги лъазабун, ункъгояв жанив ккун вуго.

Ахирал къоязда интернеталда тIиритIун рукIана Сириялде рагъизе унел рукIарал чачанал Австриялъул полициялъ кквеялда бан, Австриялда ва тIубараб Европаялдаго Россиялдаса рачIунел мигрантаздехун бербалагьи квешлъун бугин абурал баянал.

Венаялда йигей Эркенлъи Радиоялъул мухбир Азимова Силахал баяназда рекъон, гьениб халлъулеб гьечIо мигрантаздехун яги бусурбабаздехун кинабниги квешаб бербалагьи. Ратанигицин гьел руго цо-цо къанагIат дандчIвалел хIужаби.

Гьелъго бицана Австриялъул диванханабаз щибав чиясда хурхун ва гьес гьабураб кинаб букIаниги къануналде данде кколареб хIужаялъул батIа-батIаго хал гьабулин ва къануналда цебе щибав чиясул жавабчилъиги батIа-батIаго чIезабулин. Гьединлъидал гьел чагIи Сириялде рагъизе унел рукIанин абизе бегьуларин гьеб хIужа диванханаялъ чIезабичIогойин.

Гьелде тIадеги Силахаца абуна информалатаз низам цIунулезда мугъчIвайгун кьурал баяназда рекъон, гьев ичIгоясда хадуб хасал хъулухъаз халккун букIун бугин ва гьединго тохаллъиялда гъоркь букIун бугин гьез интернеталдасан хъвалел кагъталги гьабулеб цоги хIалтIи-пишагийин.

ХIижаб Европаялъул къватIазда гIадатияб ретIеллъун лъугьун буго

Гьединго Европаялда ва хасго Австриялда хIижабал ретIарал руччабазде тIадекIанциял гьарулел ругин интернеталда ракIкIарал лъазабиялда хурхун Силахаца абуна хIижаб Европаялъул къватIазда гIадатияб ретIеллъун лъугьун бугин ва гьелдехун кинаб букIаниги рокьукълъи загьир гьабиялъул хIужа жинда рагIичIин.

Азимова Силаха: «Дун цIалулей йиго Венаялда университеталда исламияб факультеталда. Дида цадахъ гIемерал руго хIижабал ретIаралги ретIинчIелги ясалги руччабиги. Щибаб къойил дида дандчIвала хIижаб ретIарал нус-нус руччаби. Гьезда гьел рахъизариялъул яги цоги кинаб букIаниги батIияб тIадецуй гьезде гьабиялъул хIужаби дида рагIичIо ва рихьичIо. Исламияб ретIел Венаялдаги, Берлиналдаги, Лондоналдаги ай европаялъул чIахIиял шагьаразда цебегоялдаса гIадатияб ретIеллъун лъугьун буго ва дида кIоларо исламалде данде гьаниб кинабалиго истерия бугин абизе».

Гьебго заманаялда Франциялъул парламенталъ къабул гьабураб къануналда рекъон, Франциялда гIумру гьабулел ругел ва джигьадисталлъун рукIине рес бугел гIадамазе гьукъулеб буго къватIиел улкабазде ине, хасаго ГIиракъалде ва Сириялде. Гьедин лъазабуна гьаб анкьалда Франс Прессалъ.

XS
SM
MD
LG