МагъчIваялъе рес

Кир унгоги чIварал Дагъистаналдаса рагъулал?


Гражданияб жамгIият цебетIезабиялъулги инсанасул ихтияразулги рахъалъ Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб щураялъул вакилзабаз ЦIех-рехалъул комитеталде гIарза хъван буго. Гьез гьарулеб буго гьанжегIагар Ростов мухъалда чIварал рагъухъабазул хIакъикъат лъазабеян.

Украинаялде рагъизе дагъистаниял ритIулел рукIиналъул харбал раккаралдаса кIиго анкь буго. Амма гьебщинаб заманалда жаниб гьел гьерсаллъунги кьучI гьечIеллъунги гьарулел руго пачалихъиял идарабазул журналистазги блогеразги. 26 августалда интернеталда тIибитIизабуна инсанасул ихтиярал цIунулез Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталде гьабураб хитIаб. 27777 номер бугеб рагъулаб бутIаялъул 18 абилеб мотострелковая абулеб бригадаялдаса ичIго рагъухъан чIваялъул хIакъикъат лъазабеян абулеб буго гьелда. Гьеб хитIаб хъван буго гражданияб жамгIият цебетIезабиялъулги инсанасул ихтияразулги рахъалъ Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб щураялъул вакилзаби Элла Поляковалъги Сергей Кривенкоцаги.

Дол чIварал рагъухъ-зул гIем кколел рагIула дагъистаниял. Гьелги чIван ругила Ростов мухъалда, Украинаялъулгун гIорхъода. Федералияб къануналда рекъон, гьезул цIарал рицине бегьулеб гьечIо. Гьединлъидал рехсон руго гIицIго рагъулал цIарал – гьезда гьоркь руго аслияб куцалда разведчикал, ай жасусал, минаби лъолел чагIи, цо-цо снайперги санитарги, гьединго къокъадул командирги. Фейсбукалдасан тIиритIизарурал баяназда рекъон, гьел рагъухъабазуд жаназаби рачIун руго Атланаул, Халимбекаул, гьединго Шагьада росабалъе.

Гьелда бан ЭР-гун гара-чIвариялда вукIарав рагъулав хъулухъчияс абуна гьел дагъистаниял гъорлъ ругеб къокъа Украинаялда букIинчIин, гьел рукIанин гIицIго Ростовалъул гIорхъода рагъулал ругьунлъаби тIоритIулел. Гьедин тохлъукьего речIчIун бачIун бугин Украинаялъул рахъалдасан гIарада. Радиоялдасан жиндирго цIар бицине бокьичIо гьесие. Гьев рагъулав хъулухъчияс гьединго абуна Россиялъ гуребги, бокьараб пачалихъалъ гьабулеб жо бугила гьеб – гIорхъи щула гьабизелъун гьенире рагъухъаби рехи. Гурони Украинаялъул рахъалдасан тушман тIаде кIанцIизегIан балагьунищдила Россия чIезе кколеб. Кколарин, амма масала, Чачаналда хъулухъ гьабизе контракт хъварал дагъистаниял щай гьенире ритIизе кколелин гьикъидал, Россиялъул бокьараб регионалда хъулухъ гьабизелъун хъвараб контракт бугин гьебилан жаваб кьуна дос.

26 августалда «Дождь» телеканалалъ тIибитIизабуна Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъ кьураб баянги – гьелъ тасдикъ гьабун буго 26 августалда Россиялъулгун Украинаялъул гIорхъода рукIарал Россиялъул рагъухъабаз гIорхъи бахин. Россиялъул армиялъул 71211 абулеб рагъулаб бутIаялъул 331 абилеб полкалъул рагъухъаби ккунин 26 августалда Украинаялъул гIорхъаби цIунулезин абураб информация тIибитIизабуна Украинаялъул информалатазги.

Дагъистаниял Украинаялъулгун гIорхъоде рагъизе ритIиялде тIадруссани, руго баянал гIарцухъ Чачан Республикаялда хъулухъ гьабулел рагъухъаби доре ритIиялъул. Дагъистаналда хIалтIизе бакIги гьечIого гьенир хъулухъ гьабулел гIолохъаби гIезегIан руго. Масала, ЭР-ялъ гара-чIвари гьабуна гьел рагъухъабазул цоясул вакьадасулгун. ЛъаратIа мухъалдаса вугин жиндир дурцин абуна гьес. Инарин инкар гьабизеги намуслъулев вугила дов. ГьабсагIаталда, бицунеб хабаралда рекъон, гьев Ростовалда вугеб гIадин бичIчIанила жинда.

Гьанже гIадин балъго советияб заманалдацин ритIулароанин рагъизеян абулеб буго республикаялда гIадатиял гIадамаз. Масала, Афгъанисталде ритIулеб мехалдагицин. Гьелда релълъараб гIадаб пикру ЭР-ялъе загьир гьабуна МахIачхъалаялдаса тохтур Зикрулаев МухIамадица.

Зикрулаев МухIамад: «Гьадинан советияб заманалда Афгъанистаналде гIадин ритIизе ккани. Амма советияб заман букIана советияб заман. Гьеб мехалда гьединаб идеология букIана. Гьанже кватIараб мехалда къватIибе лагIанани гъоб, жамгIияталда жаниб ахIи-хIур бахъинабизе, лъикIаб гуреб хIасил кьезе бегьула гьелъ. Президентасул рейтинг гIодобе инин абураб хIинкъи бугоха азул. Гьадинал жал рагьун рицани, гьесул къимат хвелин абунха. Амма, дир пикруялда, цIакъ нахъе гIенеккун, ургъун, къватIибе кьезе кколаан гъоб. Рагъулаб стратегиялъеги, президентасул рейтингалъеги зарал кколаредухъги бицине бегьулелъул гьелъул хIакъалъулъ».

Украинаялдаса лъутун Дагъистаналде рачIарал гIадамазда гьоркьор руго батIи-батIияб ригьалъул чагIи – гIисиналги, бахIаралги, хералги. Руго гьединго рагъизе бажарулеб ригьалъул бихьиналги. Гьединлъидал жидерго ракь цIунизе дора чIарал анийин гьел, чIвазе дагъистаниял-рагъухъаби доре ритIиларедухъилан кколеб буго республикаялда цо-цоязда.

XS
SM
MD
LG