МагъчIваялъе рес

Умумузул нух - къокъаб нух


«ГIагарал мугIрул» абураб фондалъул нухмалъулев ХIажимурад МуртазагIалиевас хитIаб гьабулеб буго Дагъистаналъул нухмалъиялдеги, олигархаздеги, депутатаздеги, рагъулал хъулухъчагIаздеги.

Гьесда лъикIаблъун бихьулеб буго умумузго бахъун букIараб Бузнадасан нух цIи гьабизе. Гьелъул кумек букIине бугин Гуржиялъе бахъулеб нухлулги, олигарх Зиявудин МухIамадовас Макьасда балеб курорталъегиян рикIкIунеб буго МуртазагIалиевас. Хасго гьанже зама-заманалдасан къала гендерил тоннель, низам цIунулез Унсоколо мухъалда хасал операциял тIоритIулел рукIиналда бан. Хасало гIансиял тIун рачIиналда хIинкъи букIун, тIокIалъ чIечIого къала ХIариб габурлъухъан бугеб нухги.

Гьелъ магIарул 8-9 мухъалде транспорт кIудияб свериги босун, даргиязул росабалъан хьвадизе ккола. Гьелдаса рази гьечIого руго гIезегIан гIадамалги. Гьединаб мехалда кумек букIине бегьулин Бузнадасан нухлулин абураб пикру буго жамгIиял хIаракатчагIазул. Щайин абуни гьенисан нух гIемерго къокъаб бугила, ракь ччукIиналда яги нухда цIер чIваялда хIинкъиги гьечIила.

Гьеб ккола ЧIикIасан, лъим цIунараб бакIалъан, эхедераялъ ун, гендерида аскIоре кIигIор жубалеб бакIалде раккулеб нух. Умумул лъарагIлъиялде хьвадулеб аслияб нух гьеб букIун буго.

ХIажимурад МуртазагIалиев: «Аваргун Кахетиялъул нухлуеги кIвар букIина гьелъул, Болъихъ рагъулаб шагьаралъеги пайда букIина, Макьасда балеб курорталъеги букIина. Ралъдал гьумералдаса бугеб борхалъи босани, гендерил тоннелалъул борхалъи буго цо километра. Гьаб Бузнадаса нухлул буго 350-400 метра ккола. Гьединлъидал гьединаб нухдасан ине рагъулаб транспорталъеги бигьа букIуна».

Амма жидеца ахIи баралщинал чагIазда жеги бичIчIулеб гьечIин щвалде щун гьелъул магIна, гьениб нух лъугьунарин абураб пикру бугин гьезулин бицана ХIажимурад МуртазагIалиевас ЭР-ялъе. Гьениб нух лъугьунеблъи бихьизе цин халкъ гьенибе бахъинабизе ракIалда буго «ГIагарал мугIрул» абураб фондалда.

Хъилги тIечIого, гIицIго нухлул сурат лъугьинегIан хIалтIи гьабизе ккани, 500-600 млн гъурущ харж гьабизе кколеб буго Бузнадасан бахъулеб нухда тIад. Нухал рахъулеб «Дагъавтодор» абураб гIуцIиялъул вакилзабазги рахъкколеб буго гьелъул. Амма бюджеталда гьелъие бихьизабураб гIарац гьечIолъиялъ бажаруларила гьабсагIаталда гьенире рахъине.

ХIажимурад МуртазагIалиев: «Нилъер умумул жо лъаларел чагIи рукIинчIелъулха, гьез гIадада гуро гъобасан нух гьабун букIараб. УАЗ, «Нива» машинабаздаги рекIун видеокамерабиги фотоаппараталги росун, ниж ун рукIана гьеб нухдасан цодагьалъ цере. 2007 яги 2009 соназда «Новое дело» газеталда макъала бахъун букIана «Зачем нам гимринский тоннель?» абун. Тоннель щайин нилъее, Бузнадасан нухги букIагойин абураб магIна букIана гьелъул. Гьелдаса хадуб хIукуматалъул комиссия ун букIана гьенибе. Амма гьел ун рукIана ЧIикIаб хIоринисан, расаялдаги рекIун. Гьедин индал, гъора рихьула мугIрул, кьураби. Амма гьенисан нух бахъизе хираго чIолинги абун, доб комиссия нахъбуссун буго. Кьурабаздаги мугIруздаги хъвазе кколаро. Доба тIасан ракь буго, гьебги нахъе хъван бахъизе бегьула нух. Гьел хIакимзаби лъеда тIасан инчIого гьеб нух бихьизе, УАЗалда яги вертолеталда рекIун ине кколаан».

Ралъдал гьумералдаса 335 метраялъ гурони борхатаб бакI гьечIин гьебилан абулеб буго ХIажимурад МуртазагIалиевас.

Умумузул заманалда Бузнадасан хьвадулел рукIун ратани лъарагIлъиялде, советияб заманалда шагьранух Лавашасан бахъана. Цебехун бицухъе, магIарулазда гьеб кутакалда халалъун бихьула. Гьединлъидал чанго соналъ цебе жиндирго гIарацги харж гьабун лъарагIлъиялдасан магIарухъе нух бахъизе байбихьун букIана цеве «Дагэнерго» абураб гIуцIиялъул нухмалъиялда вукIарав ХIамзат ХIамзатовас. Жунгуталдасан рачIинахъего Хьаргаби мухъалъул ГIаймакире раккулеб нух буго гьеб. ГьабсагIаталда гьенисан ине бегьула, амма кутакалда ганчIахун, чабхил цIун, щвалде щун гьечIо гьеб. Амма Россиялдаса магIарухъе бачIунеб транспорталъеги нилъеразегоги гьелдасаги санагIатаб нух бугин Бузнадаса нухилан рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи ХIажимурад МуртазагIалиевас.

XS
SM
MD
LG