МагъчIваялъе рес

ГIолилазе хIалтIи балагьизе буго хасаб идараялъ


2014 соналъул июнь моцIалъ Россиялда хIалтIигьечIого хутIаразул къадар бахун буго 4 миллионгун 198 азарго чиясде. Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъул баяназда рекъон республикаялда хIалтIигьечIого хутIун вуго 27 300 чи. Гьезул лъабил бутIа кколел руго 24 сон бачIел гIолил.

Хас гьабун гьедин хутIарал гIолилазе хIалтIи балагьизе кумекалъе гьал къоязда Дагъистаналда рагьана гIолилал хIалтIудалъун хьезабулеб идара.

Россиялъул регионазда гьорькоб бищун гIемер хIалтIигьечIого хутIарал руго ГЪалгъаязул республикаялдагун Чачаналъ, бищун дагь гьел руго Москваялдагун Санкт-Петербургалда. Регионазда хIалтIигьечIохутIаразул къадар лъазабизе гьабураб сияхIалда Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистаналъ 72 бакI кколеб гьечIо. Шималияб Кавказалъул цойгидал республикабазда дандеккун Дагъистаналда хIалтIигьечIого хутIарал дагьал рукIаниги, Россиялъул цойгидал мухъазде дандеккун республикаялда гьел гIемер руго. Гьелде тIадеги щибаб санайил гьезул къадар цIикIкIунебги буго. 2011 соналъ Дагъистаналда вукIун вуго хIалтIигьечIого хутIарав 24 азаргогIан чи, 2012 соналъ гьезул къадар I800 чияс цIцIикIкIун буго, 2013 соналъ гьеб къадар 6 проценталъ Дагьлъун буго, амма 2014 соналде цIидасан эхеде бахун буго.

Гьедин Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъул ахирисел баяназда рекъон 2014 соналъ республикаялда хIалтIигьечIого хутIаразул къадар 27300 чиясде бахун буго. Гьезул 35 процент кколел руго 24 сонцин бачIел гIолилал. Гьебги хIисабалде босун хас гьабун гIолилал хIалтIудалъун хьезарулеб идара рагьана гьал къояз Дагъистаналда. Республикаялъул захIматалъулгун социалияб цебетIеялъул министерлъиялда цебе гIуцIараб гьеб идараялъ школлъималаздаса бахъараб, тIадегIанаб лъай щварал гIолилазде гIунтIун киназего кумек гьабизе бугин хIалтIи балагьизейилан лъазабуна цебе рехасараб министерлъиялъул нухмалъулев хисулев Хасаев Абулмуслимица.

Гьез «Эркенлъи» радиоялъе бицана жидеца батIалъи гьабизе гьечIила гьел гIолилазул, бокьани росулъа бокьани шагьаралдаса рукIине бегьулила гьел. Автомобиль бачунев чиясул хIалтIи бокьарасеги, гIелмияб ишалде вазе бокьарасеги киназего кумек гьабизе бугила жидеца. КъваригIани тIаде цIализеги ритIизе ругила гьел гIолилалилан.

Абулмуслим Хасаев: «Нижеца балагьула жакъа къоялде бищунго кинал хIалтIухъаби къваригIун ругелали, гьелда рекъон гIадамал цIализеги ритIула, амма гьедигIан цIакъ къваригIинчIел махщелал щвезе нижеца кумек гьабуларин абизеги бегьуларо. Нижехъа бажарухъин чиясе бокьаараб махщел щвезе кIвараб квербакъи гьабизе буго. Гьадинаб идара некIого рагьизе кколеб букIана нилъер гIадаб гIемел гIолилал ругеб республикаялда. ГIолилал хIалтIудалъун хьезаризе кIвани, дагьалниги гьезие ресалги кьуни кирениги унаро гьел, гурони гьал ахирал саназ гIадин республика тун къватIире унел ругони нилъер васалгун ясал, цо чанго соналдасан ругелцин хIалтIулел бакIазда хIалтIизе чи хутIизе гьечIо гьанив. Гьединлъидал Дагъистаналъул бетIерас абухъе бищун кIудияб кIвар кьезе ккола нилъеца гIолилазде. Нижер идараялъ гьеб рахъалъ дагьабниги цебетIей букIинелъун гьаб цIияб центр рагьана, гIолилазе хIалтIизе бакIал чIезаризе батIи-батIиял идарабазулгун дагьалги цIикIкIун къотIи-къаялги гьаруна».

ГIолилазе хIалтIизе бакIал гьечIолъиялъул суалалдаго хадуб бачIараблъун хутIулеб бугин республикаялда жеги пенсиялде инегIан саналги гьечIел, гIолилалзул ригьалдасаги арал гIадамал хIалтIигьечIого хутIиялъул суалин, гьелдеги кIвар кьуни бокьилаанин абуна хIалтIигьечIолъиялъул бицунеб мехалда Гъизилюрталдаса Шапиев Арсеница.

I6 сон баралдаса нахъе хIалтIиле вукIарав гьев, кIиго соналъ цеве авариялдеги ккун хIалтIудаса нахъе вилълъине ккун вуго. Сахлъун хадуб цIидасан хIалтIуде восун гьечIо гьев. Мун гьанже кIудияв гIун вугин, жидее гIолохъанал хIалтIухъаби къваригIун ругинги абун буго гьесда гьев хIалтIулев вукIараб бакIалъул нухмалъиялъ.

Шапиев Арсен: «ХIалтIуде восичIого вукIине ккани 55 сон гьеб пенсионерасул ригь гурелъул. Россиялъул президентасги Дагъистаналъул нухмалъулесги лъазабун буго гури пенсиялъул ригьалде рахинчIел, хIалтIун бажарулел чагIи хIалтIизе росейилан, амма Дагъистаналда гьел лъазабиял хIалтIулел гьечIо. 40 гIан соналъ хIалтIана дун батIи-батIиял бакIазда, сахлъиялъул рахъ нахъе ккун заманалъ хIалтIудаса нахъе вилълъун вукIарав дун гьанже сахлъун хадуб цIидасан хIалтIуде индал лъиениги къваригIун гьечIо.

Дун хIалтIилев вукIараб идараялда гурониги цойгидал бакIаздаги киназего гIолилал къваригIун руго хIалтIизе. Дир хIалбихьиги бажариги лъиениги хIажалъулеб гьечIо. ККела, гIолилалги ккела бищун цере хIалтIуда рукIине, амма дунгIадала чагIиги рокъор гIодор рукIун тIубаларелъулха. Дирги хъизам буго, жеги гIисинал лъимал руго, пенсиялде инеги жеги I0ниги сон буго. ГIолилазе бакI бугила, дие хIалтIизе бакI гьечIин абулеб буго, гьеб битIарабищха бугеб».

ГIолиал хIалтIудалъун хьезарулеб централъ хас гьабун кIвар кьезе бугила сакъатал гIолилазе хIалтIизе рес щвеялдейилан лъазабулеб буго гьеб республикаялъул захIматалъулгун социалияб цебетIеялъул министерлъиялъ. Цебеги гьеб суал жидеца кидаго борхулаанила, гьанже гьелъие дагьалги ресал цIикIкIанила абулеб буго гьез. Гъоркьисала Дагъистаналъул захIматалъулгун социалияб цебетIеялъул министерлъиялъ хIалтIудалъун хьезавун вукIун вуго сакъатав 2800 гониги чи.

XS
SM
MD
LG