МагъчIваялъе рес

ДГПУ-ялъул студентаз ГIабдулатIиповасухъе кагъат хъван буго


Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб университеталъе Рособрнадзоралъ инкар гьабун буго лъайкьеялъе ресал ругеблъун рикIкIине, ай аккредитация гьабизе. Гьелдаго цадахъ, хасаб дандечIараб тадбир лъазабурал студентал полициялъулаз нахъе рачахъун руго, гьединго руго ккун рачун аралги. Студентаз хъван буго кагъат Дагъистаналъул бетIер ГIабдиъулатIиповасухъе жидер бугеб хIал бицун.

Лъайкьейгун гIелмуялда жаниб халкквей гьабулеб федералияб хъулухъалъ, ай Рособрнадзоралъ 17 октябрялъ инкар гьабуна кинабниги 7 тIадегIанаб лъайкьеялъул идараялъе аккредитация гьабиялъе, гьезда гьоркьоб буго Дагъистналъул пачалихъалъул педагогикияб университет ва гьелъул Дербенталда бугеб филиалги.

Аккредитация, ай гьеб идараялъул лъайкьеялъе изну кьолеб рес кьезе инкар гьабиялъе гIиллалъун ккун буго гьел 7 тIадегIанаб лъайкьеялъул идараялда цIалул сон байбихьаралдаса тIоритIарал аккредитациялъулал халгьабиязул хIасилал мукъсанал ккей. Гьедин лъазабулеб буго 17 октябрялъ Рособрнадзоралъул пресс-хъулухъалъ.

Ахираб кIиго–лъабго соналъ ДГПУялда сверухъ гIемер рукIанин харбал, гьеб тIадегIанаб лъай кьеялъул идара къазе бугин абулеб, амма исана гьел харбал ишазде сверанин рикIкIунеб буго экспертаз.

Гьедин, цин Рособрнадзоралъ гьукъун буго ДГПУялъе цо чанго тIадегIанаб лъайкьеялъул идараялда цадахъго цIалуде гIолилал къабул гьаризе, амма гьеб хIукму 22 сентябрялъ нахъе бахъаниги, гьенир тIоритIулел рукIарал тадбираз кинабгIаги хIасил кьун гьечIо.

Гьединлъидал Рособрнадзоралъ инкар гьабун буго жеги 6 лъайкьеялъул идараялдаго цадахъ ДГПУялъеги аккредитация гьабизе. Гьеб кколеб буго гIаммаб куцалъ 35 тIадегIанаб лъайкьеялъул идаралъун 2014 соналда жаниб жидее аккредитация гьабизе инкар гьабурал.

Гьединго, 16 октябрялъ забастовка лъазабурал Инженериябгун педагогикияб институталъул цIалулел ва гьезул улбул 17 октябрялъ, забастовка халатбахъинабизе ДГПУялде риччан гьечIо, гьенир полициялъулал ва цогидал форма ретIарал гIадамал рачIун кIалтIа чIчIун руго.

Гьединго лъазабулеб буго чанго студентал ва улбул ккун рачун ун ругиланги полициялъулаз. Гьадин баян гьабуна, забастовка лъазабурал студентазул цояй, Жамалудинова Асиятица Эркенлъи Радиоялъе.

Жамалудинова Асият: «Нижер чагIи полициялъулаз ккун рачун ана. Рачун ана кIиго улбул ва гьединго кIиго студентал. КIалтIа гIемерал чагIи ракIарун рукIана, амма гьел жанирехун забастовка тIобитIизе риччачIо. КIалтIа рукIана нижерго университеталъул цIуна-къаялъул чагIи гурелги жеги полициялъулалги.

Гьез къанунал хвезарулел ругин нижецайилан абуна. Жакъа нижеца улбулги рачIине ругилан лъазабидал ректор хIинкъун ватизе вуго. Щайгурелъул нижеда цадахъ забастовкаялда гIахьаллъизе рес букIана батIиял студенталги.

Гьелъин гьез полиция гIахьаллъун ниж нахъе рачахъарал. Амма ниж мукIурлъизе гьечIо.

ГьабсагIат ниж аслияб майданалдаса руссунел руго. Ниж ун рукIана Дагъистаналъул бетIерасухъе кагъат босун. Гьениб нижеца бугеб ахIвал-хIалалъул бицун хъвана, ва гьединго киналго цIалулезул ва улбузул гъулбасал ракIарана».

Асиятил баяназда рекъон 20 млн. гIарцул бикъиялда хурхун гIайиб гIунтIизабулеб вукIарав Ректор, МухIамад ГIабдулаевасда данде цадахъ киналниги студентал рахъун, гьеб гIарац нахъе тIалаб гьабизе къваригIун буго киналниги студентазе.

ГьабсагIат студентазул божилъи буго ГIабдулатIиповас гьезул кагъаталъе жаваб гьабун, гьеб саул тIубаялде.

Гьединго Асиятица баян гьабуна, нагагь, жал гIинде гьаричIого танани, жал МахIачхъалаялъул аслияб майданалде рахъун, митинг тIобитIизе бугилан.

XS
SM
MD
LG