МагъчIваялъе рес

ЦIияб цIалул соналда цебе цIиял проблемаби


МахIачхъалаялъул 9 лицейги къан гьелъул бакIалда цIакъго пагьму-гьунар бугел лъимал цIалулеб хасаб цент рагьизе хIукму къотIун буго Дагъистаналъул лъайкьеялъул министрелъиялъ.

Гьеб центр исана рагьиялъе киналгIаги шартIал чIезарун гьечIолъиялъ, гьеб тIасияб соналъ рагьизе тезе бугин, гьенир чIахIиял классазда цIалулел лъимал тун, хутIарал батIиял школазда тIадрикьизе ругин лъазабун буго лъайкьеялъул министрелъиялъ. Гьелдаса разигьечIел эбел-инсуца данделъи гIуцIун букIана арбагI къоялъ лицеялда.

Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница исана январь моцIалда лъайкьеялъул суалал гьоркьоб лъураб данделъиялда лъазабун букIана республикаялда цIакъго пагьму-гьунар бугел лъималал цIалулеб, гьел хIадурулеб хасаб центр рагьизе кколилан. ГIабдулатIиповасул гьеб амру тIубазабиялъе гIоло МахIачхъалаялъул 9 лицей – интернаталъул бакIалда гьеб ценр гьабизе бугин лъазабун буго гьал къоязда Дагъистаналъул лъайкьеялъул министерлъиялъ. Гьеб лъазабиялдаса хадуб школа цебе букIараб хIалалъ хIалтIизе гьечIин, гьенир цIалулел рукIарал лъималги нахъе ине кколел ругин абурал харбал тIоритIун руго цIалдохъабазул эбел-инсуда гьоркьор. Гьел киналго хиса-басиялдаса разигьечIел сон МахIачхъалаялъул аслияб майданалдеги рахъун гьенир жидерго тIалабал рицине лъугьун рукIун руго, гьелдаса хадуб 160 цIикIкIун чиясул гъулбасги бакIарун гьеб школалда цIалулел лъималазе квекIенал гьаругейин абураб хитIабги хIадурун буго гьез. Умумуз бахъинабураб ахIи-хIуралдаса хадуб, лицеялъул бакIалда хасаб центр гIуцIиялда хурхун кинал хиса-басиял ккезе ругелали бицине жакъа 9 лицеялда букIараб данделъиялде вачIун вукIана Дагъистаналъул лъайкьеялъул министрхисулев ГIалиев Ширали.

ХIакимчияс данделъиялда лъазабуна Дагъистаналъул тIалъиялъул хIукмуялда рекъон гIуцIулеб жо бугила гьеб центр, гьединлъидал нуж щибилан ахIданиги гьеб гьеб иш рагIалде бахъинабичIого тезе гьечIила. Амма исана гьеб центр букIине кколеб хIалалда хIалтIизе биччазе хIажатал шартIал гьечIила, гьел гIуцIун рахъинегIан заманалъ гьенир чIахIиял классазул цIалдохъаби гурони тезе гьечIилан.

Ширали ГIалиев
Ширали ГIалиев

Ширали ГIалиев: «Лъайкьеялъул тIалабазда дандекколедухъ гIуцIарал хасал программабазда рекъон гьаб школалде росун рукIарал 8,9,10,11 классалъул лъимал гьанирго цIализе руго. Гьаб школа лъугIараб мехалда, гьеб лъугIиялъе нугIлъи гьабулеб хасаб документги кьезе буго гьезие. Гьанир цIалулел лъималазул ихтиярал исана соналъ хвезаризе гьечIо. Гьел лъимал церего гIадин гьаб лицеялда букIараб лъайкьеялъул программаялда рекъон цIализеги руго. Исана гьанире цIикIкIараб пагьму-гьунар бугел лъимал цIалулеб централдейилан абун росун рукIарал гьединал лъимал цIализе ресал гьечIо. Нужеда гьелъул щибниги гIайибги гьечIо, гьеб буго нижер гIайиб, амма гьединаб центрилан цIар бугеб бакIалда кколел шартIал рукIинаричIого, гьенир цIалулел лъималазе киналго ресал чIезаричIого гьеб рагьизе гьечIо. Исана соналъ гьаб лицей ценралде буссинабиялъе хIалтIи гьабизе буго, гьаб къачIазе ккола. Гьаб сагIат бугеб хIалалда кваналеб бакIги, лъималаз цадахъ гIумру гьабулел бакIалги гьединаб ценралда рукIине бегьуларо».

Гьединго Ширали ГIалиевас лъазабуна цойгидал школаздаса нахъеги рачун исана гьеб централде цIализе лъугьине ракIалда букIарал 5-6 классалъул цIалдохъаби тIадеялъул киналгIаги экзаменалги кьечIого жанире росизе ругин. Гьес гьединго абуна гьел лъимал цIидасан жалго рукIарал школазде нахъруссине киналгIаги квекIенал рукIине гьечIилан. Гьанже гьеб суал тIубазе ккани гIарац къваригIунила, гьеб кьечIого лъимал цIидасан школазде росун бажаруларин абун умумузул ахIи бахъараб мехалда, ГIалиевас лъазабуна гьединал квекIенал гьарулел чагIазул хIакъалъулъ жинда бицейила, хас гьабун жинца гьеб суал тIубазе бугилан.

ГIалиевас абухъе гьеб центр рагьиялъе шартIал чIезарун гьечIел ратани яги гьел рукIинаризе рес гьечIеб батани щайила июнь моцI лъугIизегIан гьенире лъимал росаралин абун разигьечIолъи буго цIалдохъабазул эбел – инсул. Жидее гьеб лицеялда щиб цIар букIаниги ургъел гьечIила, жидер лъималазе лъикIаб лъай щвезе рес кьеян абуна «Эркенлъи» радиоялъулгун букIрааб гара-чIвариялда 5 классалъул цIалдохъанаалъул эбел ХIажиева Марияцаги.

ХIажиева Мария
ХIажиева Мария

ХIажиева Мария: «Министр хисулес нижер лъималазе лъикIаб букIине кколеб лъай щвезе рес толеб гьечIо. Гьес абулеб буго пагьму-гьунар цIикIкIарал лъимал цIалулеб гьел хIадурулеб центр рагьизе ккани хIажалщинал шартIал чIезарун гьечIилан. ГьечIеб мехалда исана июнь моцIалъул ахиралдалъагIанищха гьеб цIа-цIазабизе кколеб букIараб. Нижер лъималаз жанир цIализе лъугьине экзаменал кьолеб мехалда рукIун рагIула гьел шартIал, гьанже гьел тIагIун рагIула. Гьадингоял чIандаби рицунел руго гьел. Бокьараб цIар лъейин абе гьалда, нижее гьеб гуро къваригIун бугеб, нижее къваригIун буго лъималазе лъикIаб лъай щвезе. Гьанир гьединаб лъай кьолел мугIалимзабиги руго. Гьесни тIадеялъул росилин нижер лъималин абуна, амма букIине лъалареб букIинареб лъалареб жоялъухъ балагьун чIезе ракIалда гьечIо нижеда. ЦIидасан гьанжеги школа хисизеги бокьун гьечIо. Гьебго тIалаб гьабулеб буго цойгидал умумузги, министерлъиялъ жидерго хIалтIи букIине кколедухъ гьабичIогойин абун нижее заралищ ккезе кколеб? Гьеб киналдаса разигьечIолъи загьир гьабун I64 чияс гъоркь гъулбасги гьабураб кагъат битIана дица Россиялъул президент Владимир Путинихъеги, премьер-министр Дмитрий Медведевасухъеги».

Гьеб данделъиялда борхана мугIалимзабазул хIалтIул суалги. Гьезул рахIат хвезабун букIана чIахIиял классазул лъимал гурони цIалуларел ратани, гIисиназе дарсал кьолел рукIараз щибин гьабизе кколебилан абун. Гьел суалазе жаваб кьолаго Ширали ГIалиевас лъазабуна киналгIаги мугIалимзаби жиде-жидер хIалтIуда рукIине ругила, хасаб центр гIуцIараб мехалдаги, гьезде тIадеги махщалилал росун гурони, цере хIалтIулел рукIарал мугIалимзаби хIатIудаса реххизе гьечIилан.

ЦIалул соналъул байбихьи гIагарлъанагIан цебе республикаялда мугIалимзабазулги школазулги суалалги масъалабиги гIемер рорхулел руго. Гьедин гьал къоязда Гумбет мухъалъул МелъелтIа гьоркьохъеб школалъул мугIалимзабазги лъазабуна жидее кьезе кколеб коммуналияб гIарац кьечIого жал хIалтIизе рахъине гьечIилан. Исана июнь моцIалдаго гьеб гIарац тIалаб гьабун митинг тIобитIизехъин букIана гьез, хадубги риидал моцIал лъугIизегIан жидер гьеб суал тIубазе рес кьелин тIалъиялъе, гьеб роцIцIинабичIони жал 1 сентябралъ хIалтIизе рахъунарин лъазабун букIана гьез.

XS
SM
MD
LG