МагъчIваялъе рес

Шайих чIваялда щаклъи бугезда тIад процесс цоги къоялде бахъана


ЧIикIаб росулъ теракт гьабун, устар СагIид-апанди чIваялда бан цIех-рех рагIалде бахъана. АрбагI къоялда такъсир гьабиялъул щаклъи бугев ункъго чи чIезавизе кколев вукIана диваналда цеве. Амма жидее зарал ккараб рахъалъул чагIи, ай устарасул гIага-божарал рачIинчIолъиялда бан, диваналъул процесс бахъана цоги къоялде. Нижер программаялъе хас гьабун бицунеб буго МахIачхъалаялдаса журналист Алиса Алдашевалъ.

30 июлалъ Дагъистаналъул ТIадегIанаб судалъ байбихьизе букIана ЧIикIаса СагIид-апанди ва гьесда цадахъ зияраталъ вачIарав 6 чи чIваялда тIасан суд, амма къварилъи ккараб рахъалъул чагIи рачIинчIолъиялда бан, суд бахъана щуабилеб сентябрялде, гьедин бицана цIар абизе бокьичIев судалъул хIалтIухъанас «Эркенлъи» радиоялъе. Судалъ гIайиб чIезабулеб буго терракталъулъ гIахьаллъи гьабураллъун рикIкIунел ругел ункъоязда : Шихмирза Лабазанов, МухIамалгIали ГIамирханов, МухIамад ХIажиев ва АхIмад Исрапиловасда.

2012 соналъ Дагъистаналда, Буйнакск мухъалъул ЧIикIаб росулъ, СагIид-афандил рокъое зияраталъ ячIарай гIадинги ячIун, жийго жинцаго кьвагьун, теракт гьабуна террористкаялъ. Гьенир СагIид-апанди гуревги, хвана 6 гьесухъе зияраталъ рачIарал муридзаби. Дагьаб цебегIан гьебго терракталъулъ гIахьаллъи гьабурал кIиго вац СидикIбековал Шамиль ва Махуласе судалъ кьуна 16 ва 13 сон туснахъалъул. Жеги чанго теракталъул гIахьалчагIи ралагьулелги ругилан лъазабулеб буго Жанисел ишазул министерлъиялъул идараялъул пресс-хъулухъалъ.

Исрапилов АхIмадиеги, ХIаджиев МухIамадиеги , Лабазанов Щихмирзаеги, ГIамирханов МухIамадгIалиеги гIайибал гIунтIизарулел руго терроризмалъулъгун бандитизмалъулъ гIахьалъи гьабиялда, изну гьечIого ярагъ хIалтIизабиялда ва гIадамал рикъун, гIарац бахъиялда хурхун. Бищун кIудияб гьел такъсиразухъ гьабулеб тамихI ккола гIумруялъго туснахъ гьавийилан бицана Жанисел ишазул министерлъиялъул хIалтIухъанас.

ЦIех-рехчагIазул баяназда рекъон, гIайиб гIунтIизабурал ункъазго, Сулеймановасул буюрухъалда рекъон, кумек гьабун буго теракт тIубазабурай Сапрыкина Аминатие устарасухъе йорчIизе ва гьединго гьей кьвагьулеб жоялдалъун хьезаюн йиго. ГIайиб гIунтIизабулезул цояв, Шихмирза Лабазанов, ккола ЧIиркъатIа росулъа. Гьев такъсиралъулъ гIахьалав вукIин чIезабуралдаса нахъе росдал жамагIаталъул гьесдехен квешаб бербалагьи букIине байбихьун буго. ЧIиркъатIа росулъа, жиндир цIар рехсезе бокьичIес бицана , бакIалъул гIадамазулги Шихмирзал гIагарлъиялъулги тункагIусиял кканилан.

Гьединго гьес бицана араб соналъ щалали лъаларез Шихмирзал мина цIа гъун бухIанилан. Гьеб бухIун батизе кколин СагIид-апандил муридзабазилан бицана ЧIиркъатIа росулъа чияс. Гьединго, араб соналъ ГIамирханов МухIамадгIалил лъабго машинаби къачIалеб бакI бухIана щалали лъаларез, Унсоколо мухъалъул ГIашилтIа росдада аскIоб. Гьединал лъугьа-бахъинал кколел ругила гIадамазул бахъараб ццидаца, жамагIаталъ жидецаго диван гьабулеб бугин такъсирчагIазе, амма гьеб бегьулеб жо гурин. Яги хIукуматалъул къануназда рекъон, яги шаргIияб къагIидаялда гьабизе кколин гьезие тамихIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе жамгIияв хIаракатчи МикагIил МикагIиловас.

ГIайиб чIезабуразул минаби рухIун, гьезул магIишаталъе, гIагарлъиялъе зарал гьаби мекъаб бугила, гьеб бугила жамагIаталъул дандечIей. Цоял такъсирал рагьун, цогиял саназ тIад хIур ккку толилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе инсанасул ихтиярал цIунулев ГIисалмухIамад Набиевас .

ГIисалмухIамад Набиев: "Киналго такъсирал гьезие рагьизе бокьани рагьулел ратила. Кьвагьулел машинаби, чIвалел гIадамал- гьел преступлениял рагьуларо. Гьел руго жидерго хIукуматалда данде чIарал гIадамал лъIугIизарулел, суд гьабичIого чIван. Цоял такъсирал батIаго цогиял батIаго рагьулинан абизе бегьуларо. Рагьулеб куц цо буго, гьезие хIалтIизе бокьанани. Гьединаб кIудияб такъсир рагьи, гьеб гьабураб хIалтIи лъикIаб къимат кьезе бегьулеб буго уяб батанани. Унгоги гьел чагIи гIайибиял ратанани. БичIчIулеб бакIалдаса хIукуматалъул идараби хIалтIулел руго гьединал балъгоял преступлениял рагьиялда, гьелъие лъикIаб къимат кьезе кколин ккола ракIалде."

Инсанасул ихтиярал цIунулезги жамгIиял хIаракатчагIазги абулеб буго жакъа Дагъистаналда Гражданияб рагъ инеб бугилан, тIатун унеб батичIониги, балъго бугила. Жанисел ишазул идарялъги цIех-рех чагIазги тIалъиялда данде чIарал тIагIинарун, лъугIизарулел ругила, амма гьеб битIараб гьечIила, киналъулго гIилла-мурад цIехезе кколилан абулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG