МагъчIваялъе рес

ООН: Дезинформациялде данде-ракIбацIадаб рагIи


Донецк областалда байбихьанин антитерроористияб операцияйин, лъазабуна талат къоялда Украиналъул президентасул ишал тIуразарулев Александр Турчиновас.


Александр Турчинов: «Жакъа радал Донецк областалда байбихьана антитеррористияб операция. Гьеб тIобитIизе буго цIодорго, жавабчилъигун ва чанго этапалъул къагIидаялда. Гьел галабазул мурад ккола, кIвар буссинабулеб буго, Украиналъул гражданал цIуни, террор чIезаби, такъсирчилъи чIезаби, Украина чанго бутIаялде бикIизаби чIезаби».

15 апрелалда Пекиналде визитгун щварав Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас цIидаса лъазабуна Украиналъул нухмалъиялъ улкаялъул машрикъалъул рахъалда къуват хIалтIизабуни, гьелъ квал-квал гьабизе бегьулин 17 апрелалда Женеваялда тIоритIизе планалда ругел ункъго рахъалъулал кIалъа-басаязейин.

Сергей Лавров: "Нижеца данд бана Черналда тадбиралда гьоркьор лъезесел суалал. Гьел ккола деэскалация, къануналде данде кколарел гIуцIиязухъа ярагъ бакIари, конституциялъулаб реформа, рищиял тIоритIи. Гьелъул бицине буго нижеца, нагагьлъун ритIухъаб протест гIанкъиабизе гIамал гьабулез гьеб гара-чIвари, битIей гьабун, хвезабичIони."

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Инсанасул ихтиярал цIуниялъул комиссариаталъ 15 апрелалда бахъараб докладалда къимат кьолеб буго Украиналда 2013 соналъул ноябралдаса байбихьун загьирлъулеб ахIвал-хIалалъе.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Инсанасул ихтияразул рахъалъан тIадегIанай комиссар Нэви Пиллейица лъазабуна, Украиналда загьирлъелел хIужжаби байбихьудасаго рихьизаризе кколин, гьел политикиял мурадазе хIалтIизаризе рес хутIулареб къагIидаялдайин.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул документалда бихьизабун буго кинаб къагIидаялда пропагандаялъ Крымалъул стутасалда хурхараб референдумалъул хIасилазде асар гьабурабали.

«Майданалда протесталъул акция унеб мехалда рахъарал суратаз, Украиналъул миллатчагIаз этникиял гIурусазде «чан» гьабулеб бугин абураб дезинформация ва гIурусазде тIадекIанцIиялъул мурадалъ Крымалде яргъид гIуцIарал радикалал ритIиялъул хIакъалъулъ кIодо-кIодо гьабун бицин хIалтIизабулеб букIана хIинкъиялъул атмосфера бижинабиялъе. Гьелъин абуни, квербакъи гьабулеб букана Россиялъул Федерациялде Крымалъул интеграциялъул рахъ квеялъе.» - ян хъвалеб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул докладалда.

Гьелъул автораз ахIи балеб буго, улкаялда хIалациналъул экскалация биччангутIиялъул мурадалда, нахъ тIамичIого дезинформациялъе, пропагандаялъе ва Украиналда рокьукълъиялъул цIа бакIиялде данде «жавабияб къаби щвезабиялде».

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул экспертазул хIисабалда, Крымалда гьабун буго «гIурусазул жамгIияталъул» вакильзабазде чанго тIадекIанцIи. Амма гьеб букIун гьечIо систематикияб практика. Гьединал тIадекIанцIиял гIемерлъунги гьечIо хадур.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул инсанасул ихтиярал цIуниялъул тIадегIанай комиссар Нэви Пиллейица лъазабуна, «гIадамазе къваригIун бугин божизе бегьулеб бербалагьи, жигараб къагIидаялда тIибитIизабулеб дезинформациялде, миллияб, динияб ва расаялъул кьучIалда рокьукълъи бижинабиялъул лъазабиязде дандечIезе рес кьолебин».

Доклад хIадурулеб мехалда кьучIое босун буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул хасаб къокъа кIиго нухалда Украиналде щун бакIарараб информация. Автораз дандбалеб буго Крымалда лъугьа-бахъарабги, гьанже Украиналъул жанубиябгун машрикъалъул рахъалда бугеб ахIвал-хIалги.

20I3 соналъул ноябралда Украиналда протесталъул акцияби рагъариялъул аслияб багьана букIанин коррупция, экономикияб рахъалдаса цого ресал гьечIолъи, ихтиярал цIуниялъул институтазул къабихIлъи ва инсанасул ихтиярал хвезарулел хIинкъигьечIолъиялъул къуватазул хIалтIухъаби.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул экспертаз бакIараб информациялъ бихьизабулеб буго, 2013 соналъул декабралдаса байбихьун 2014 соналъул февралалде щвезегIан Украиналда ккарал тунка-гIусиязда 121 чи хун вукIин. Рухиналъул, гIазаб кьеялъул ва «вахIшияб, гIадамал хIакъир гьарулел цоги хIужжабазул аслияб гIайиб» инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалдаса специалистаз гIунтIизабулеб буго «Беркут» абураб милициялъул хасаб къокъаялъул хIалтIухъабазде.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъ Украиналъул нухмалъи ахIулеб буго «нахъ тIамичIого мухIканаб информация кьун, информалатазул манипуляцияздаса цIуниялъе кIвар кьеялде. Гьелдаго цадахъ бищунго тIоцебе гьаризе кколел тадбиразда гъорлъ коррупциялде данде къеркьей букIине кколеб бугин», абурал малъиял гьарулел руго ООНалъ Киевалъе.

Гьелдаго цадахъ Цолъарал миллатазул гIуцIиялъ Крымалъул пачалихъиял хъулухъчагIи ахIулел руго «хиса-басиял ккараб териториялда» киналго гIадамазул, гьездаго гъорлъ батIи-батяял миллатазул ва регионалъул кьалбал ругел гIадамазул хIинкъигьечIолъи цIуниялде.

Ахирисеб лъазабиялда рекъон, Украиналъул Радялъ талат къоялда Крым лъазабун буго «оккупациялда гъоркь ругел территориябилъун».
XS
SM
MD
LG