МагъчIваялъе рес

«БагIарал» адвокатазул "чIегIерал" ишал гIадамазда рихьулел руго


Гъоркь анкьида жаниб цIияб Хушет росулъа ккуразул 15 чиясул 8 туснахъ гьавун вугин лъазабулеб буго гьеб росулъа гIадамаз. Гьел киналго ккун рукIун руго рокъоб наркотикал ва ярагъ батиялъ. Гьезие диван гьабулелъулцин адвокатал риччачIила гьезухъе, гIагарал риччалел гьечIила гьелгун данчIвазейилан абун разигьечIолъи буго хушеталъулазул. Низам цIунулез жидее хIалтIизе квалквалал гьарулел ругин абун иргадулаб нухалда прокуратураялде гIарзал хъван руго гьел ккуразул адвокатаз.

ЦIияб Хушеталда къуваталъул идарабаз тIоритIулел хасал тадбирал гьоркьоса къотIизе толел гьечIилан абун рахIат хун руго бакIалъул гIадамал. Дагьал церегIан къояз гьениб полициялъул хIалтIухъабазде тIаде кIанцIи гьабун хадуб гьез салафиязул рокъор чIухь базе, хал-шал гьабизе, рокъоб бегьулареб жо батарал чагIи кквезе байбихьун букIана. Гьедин полициялъулазда рокъор наркотикал ва ярагъ батунилан абун Хушеталдаса дагьалдасан 15 чи ккун вукIун вуго хасал идарабаз.

Гьел чагIи ккун ин гурони гьезул къисмат лъалеб букIинчIо гIагаразда. Кинаб полициялъул бутIаялда гьел ругел, кинал цIех-рехалъул хасал тадбирал гьелгун тIоритIулел ругелалиги чIезабизе кIолеб букIинчIо. Гьел гIадамал ккураб мехалдаги гьезул адвокатазеги жидерго хIалтIи гьабизе толеб букIинчIо хасал идарабазул хIалтIухъабаз. Гьанжеги гьелго квалквалал гьарулел ругилан низам цIунулез, адвокаталги гьечIого диван къотIун бугила гьел ккуразул микьгоясейилан лъазабуна «Экренлъи» радиоялъе Хушеталдаса низам цIунулез ккуразул цояв адвокат МухIамадов Русланица.

МухIамадова Руслан: «Дун чанцIулго ана Хушеталдаса ккуразул сияхIги босун МахIачхъалаялъул Ленинский мухъалъул полициялъул бутIаялде гьел чагIазул цIех-рех гьабизе, щиб гьабизе, сундуе гIоло гьел ккун ругелали лъазабизе ва хадубккун гьезда щиб гьабизе ракIалда бугебали цехIезе.

Гьедин ккун ун рукIаразул цо-цоял риччан рукIиндал, гьединго цIех-рехги гьабун риччазе бегьулин гьелиланги ккун букIана дида. Амма дунгун кIалъалев чи вахъинчIо, дида диван гьабун хадуб гурони лъачIо къануналъул щиб бутIаялда рекъон дица цIунулел ругезе хIукму къотIун бугебалицин.

Гьединго ха цойгидал хушеталдаса ккуразул адвокаталги хутIарал. Дирго лъай-хъваяздасан щварал баяназда рекъон гьел ккуразул 8 яв диваналъ наркотикал ва изну гьечIого ярагъ цIуниялъухъ, цIех-рех лъугIизегIан цоял цо моцIица цойгидал кIиго моцIица туснахъ гьарун рукIин. ХутIарал диван гьабиялъухъ балагьун ругин абуна. Адвокаталги гьечIого тIоритIулел руго гьел ккуразулгун хасал тадбирал. Бокьараб жо гьабизе бегьула гьедин сурав босулеб мехалда, гьезде тIадецуйги гьабун гьез гьабичIеб такъсиргицин гьабунин чIезабизе рес буго. ЧанцIулго дицаги дида цадахъ гьел хушеталъулазул рахъккун хIалтIилел ругел адвокатазги республикаялъул прокуратураялде гIарзазул цIад базабураб мехалда, цо нухалда гьел ахIдон рачIана хушеталдаса гIолохъабазе хIукуматалъ кьурав адвокат вугила, гьес цIунулел ругила гьелилан.

ХIукуматалъ кьурав адвокат щайила гьенив вукIине кколевин, къотIи-къайги гьабун гьел цIунизе ккурал адвокатал ругел мехалдайилан абун ццин бахъун ниж лъугьараб мехалда, Ленинский мухъалъул полициялъул бутIаялда цин лъазабуна нуж гьез ккурал адвокатал ругин абурал документал щвечIила жидехъе, хадубги лъазабуна гьез нужедаса инкар гьабун бугин абун.

Нижеца 26 августалда гьел низам цIунулез нижер хIалтIуе квалквал гьабулеб бугин абун гIарза хъвана Россиялъул БетIерав прокурорасухъе. Гурони гьел къуваталъул идарабазул гIорхъолъа арал ишазеги ахир лъун бажарунеб гьечIо гьаниб. Гьадингоги захIматаб ахIвал-хIал бугеб нилъер республикаялда гьез дагьабги цIакъ багъаризабулеб буго кинабго».

Гьелго Хушеталда ккуразул цойгидав адвокат ХIажимурад ГIизраиловас лъазабулеб буго гьел «багIаралин» абулел хIукумталъ тарал адвокатал хIалтIизе гьукъихе кколила. Гьезул разилъи гьечIого цIех-рех чагIаз гьарулелщинал ишал къануналда рекъон тIоритIулел рукIанин абун чIезабизе кIоларила, гьединал адвокатаз къимат хвезабулеб бугила адвокатасул хIалтIулги гьесул цIаралъулгийилан абулеб буго ГIизраиловас.

ХIажимурад ГIизраилов: «Бищун цебе рагъ базе ккола гьел багIарал адвокаталгун. Гьел цIех-рехчияс ахIун сардилъ цо тIубараб мехалдаги рекеризе хIадурун рукIуна туснахъалдеги полициялъул бутIаялдеги. Гьениб гьезда жидеца цIунизе кколев чи вухун вукIин, гьесие гIазаб кьолеб букIараблъи якъинго бихьулеб букIаниги цIех-рехчияс хъвараб протоколалде цониги тIадкIалъайцин хъваларо я гьабуларо гьез. Абураб бакIалда гъулбасалги лъола, бокьараб гьабулел цIех-рехчагIиги рукIуна.

Гьел «багIарал» адвокаталгун рекъечIого цIех-рехчагIазулги рес букIунаро адвокатас документазда гъулбасинчIони гьеб иш диваналде кьун бажаруларелъул. Гьединал адвокатазул 5-6 чи вуго, гьел щалалиги лъала. Ахиралда букIараб Дагъистаналъул адвокатазул палатаялъул данделъиялда хIукму гьабуна гьел «багIараллъун» хIалтIулел адвокатал тIад ккуни гьел палатаялдаса нахъе гъезе ва киданиги адвокаталлъун хIалтIун бажарулареб хIал гьабизе. Гьедин гьабун гурони тIокIаб батIияб рес гьечIо гьелгун къеркьезе.

Гьедин адвокатал лъугIизаруни цIех-рехчагIазги жидеца кинабго жо къануналда рекъон гьабунин чIезабун бажарине гьечIо, къотIи-къайги гьабун ккурал адвокталги хIалтIизе риччазе руго».

Хушеталлдаса ккуразул бицунаго абизе ккола гьеб росдал жамгIияб данделъиялъул вакилзабаз, жидер росулъ низам цIунулез гьарулел гIорхъолъа арал лъугIизе тейилан тIалаб гьабун, 400 чи чияс гъоркь гъулбасараб кагъат битIун буго Россиялъул жанисел ишазул министрасухъе ва улкаялъул президент Владимир Путинихъеги.

Гьел церехун адвокатаз рехсарал хIужабазда тIасан ва цIияб Хушеталдаса ккуразда хурхун Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ, жидехъ гьел баянал гьечIин абун кинаб букIаниги информация кьолеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG