МагъчIваялъе рес

Дербент мухъалъул гIадамаз тIобитIана протесталъул акция


АрбагI къоялъ Дербенталда гьебго мухъалъул бетIер хъулухъалдаса вахъизехъин вукIиналдаса разигьечIолъи загьир гьабураб акция тIобитIана. Гьеб дандеруссиналде вачIарав 600 гIан гIахьалчияс лъазабун буго халкъалъ вищарав чи вугин гьев бетIер, гьединлъидал жиндир заман лъугIичIого гьев хъулухъалдаса ине виччазе гьечIин жидецайилан.

Дагьал церегIан къояз чIагояб эфиралъул заманалда Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница лъазабун букIана цого чагIи гIемераб заманалда хъулухъалда рукIине кколарин, гьединлъидал жиндица гIагарал къоязда Казбек ва Дербент мухъалъул бутIрул хисизе ругилан.

Казбек мухъалъул бетIерлъуда вукIарав МахIачев ГIабдулаги вахъун гьесул бакIалда гьебго мухъалъул полициялъе нухмалъи гьабулев вукIарав Мусаев ХIажимурад тIамуна, Дербент мухъалъул нухмалъулев Къурбанов Къурбан жеги хъулухъалдаго тун вугониги гьев хисизехъин вугин абун хадуб, Къурбановасул рахъккун интернеталдаги газетаздасанги хъвадаризе байбихьана батIи-батIиял чагIи. Гьел гIадамаз цохIо хъвадарун чIезе ракIалда гьечIолъиги бихьизабун 30 июлалда Дербенталда Къурбановасул рахъккураб данделъи тIобитIана.

Гьеб акциялда гIахьаллъизе вачIун вукIанин кинавниги 600гIан чиян бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб данделъиялъул гIахьалчи, дербенталдаса журналист ХанмухIамадов МухIамадица.

ХанмухIамадов МухIамад: «600 гIан чи вакIарун вукIана жакъа Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбанил рахъккун, гьезул гIемерисел рукIана азербайджан миллаталъул чагIи. Радал ичгоялда байбихьараб гьеб данделъи кIиго сагIаталъ халат бахъана. Гьенир кIалъазе рахъарал колхозазул нухмалъулезги, жамгIиял хIаракатчагIазги, гIадатал гIадамазги лъазабуна жидеца Къурбановасул рахъкколеб бугилан. Гьев халкъалъ вищарав бетIер вугила, жиндир заман лъугIичIого хъулухъалдаса нахъе инеги виччаларила жидеца гьевилан».

Къурбанов хисун гьесул бакIалда цеве Дагъистаналъул юстициялъул министрлъун вукIарав РахIимов Азади толев вукIиналдаса цIакъго разигьечIолъи бугин халкъалъулинги бицана ХанмухIамадовас. Цойгидав чи тIамулев вукIараваницин гьеб хIалалъ данде чIелароанин гIадамалин абулеб буго журналистас.

МухIамад ХанмухIамадов: «Азади РахIимов Дербент мухъалдаса гурев аскIоб бугеб МухIарамкент мухъалдаса ккола, гьес живгоги азербайджанавлъун гурев табасаранавлъун рикIкIуна. Гьесул вацазу паспорталдаги табасаранал ругин гьелилан хъван буго. Жидер мухъалдасаги гурев, живго жинцаго азербайджанавлъунги рикIкIунарев, я гьеб мухъалъул гIадамал лъаларев, я гьениб лъугьа-бахъунеб жо бичIчIуларев чи къваригIун гьечIин абун гьев РахIимовасде данде цIакъго-цIакъ чIун ругин гIадамалин абизе бегьула. Гьесул бакIалда цониги гьебго мухъалдаса чи тун вукIаравни гьеб хIалалъ дандечIей гьабилароан гIадамаз. Амма гьединав чиги течIого, я мухъ лъаларев я гIадамал лъаларев гьев щай мухъалъул бетIергьанлъун толев вугевали дида бичIчIулеб гьечIо».

Дур пикруялда рекъон щайин ГIабдулатIиповас Къурбанов хъулухъалдаса вахъулев вугевилан цIехедал ХанмухIамадов МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жинда гьесда хъулухъ тезабиялъул магIнаги, гьелъие бугеб гIиллаги бичIчIулеб гьечIилан.

Къурбанов хъулухъалдаса вахъиялда бан интеренталдаги гIемераб бахIсал унел руго. Масала журналист Руслан Гереевас Фейсбукалда хъвалеб буго ГIабдулатIиповас Къурбанов Къурбан хисиялъе гIиллалъун бугила гьесул Азербайджаналдеххун цIикIкIараб цIайи букIинилан. Цебегоялдаса нахъе Азербайджаналъул тIалъиялъулгун щулияб гьоркьоблъи бугила Къурбановасул, гьебги хIалае ккун гьелде тIадеги Дербенталда ругел жиндирго ресалги хIалтIизарун гьев цIакъго-цIакъ живго жиндаго чIезе лъугьун вукIин дандеккечIила ГIабдулатIиповасейилан хъвалеб буго Гереевас. Гьес гьединго хъвалеб буго Дербент мухъалъул бетIер хисизе заман некIого щун букIанила, гьев хисунин абун мухъалда лъикIал хиса-басиял лъугьине ругилан. Журналистасул рагIабазда рекъон Къурбановаз жеги 90 абилел саназго бизнесалъе лъикIал щинал бакIал ккун рукIун руго шагьаралдагун мухъалда, гьелда тIадеги санагIалъи бугеб щинаб бакIалда нухмалъулеллъунги жидерго чагIи тун рукIун руго. Гьединлъидал цохIо жидеего санагIалъиялъе гурони хIалтIуларел гьел Къурбановазул тухум гIадамазда чIалгIун бугин хъвалеб буго Гереев Русланица.

Къурбановасул рахъккун тIобитIараб данделъи лъугIун хадуб Дербент мухъалъул мажлисалъул депутатаз данделъи тIобитIун буго. Гьеб данделъиялда депутатаз Къурбанов Къурбанил рахъккураб Республикаялъул нухмалъиялъухъе гьабураб хитIабги къабул гьабун буго. ЖамагIаталъ къабул гьабураб хитIабалдаго цадахъ депутатазул хитIабги босун, гIагараб заманалда Дербент мухъалъул жамагIаталъул вакилзаби Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазанихъе ине ругинги лъазабулеб буго гьеб данделъялъул гIахьалчагIаз. ГIадамазул разигьечIолъи бугоан гьал къоязда чанги саназ Азербайджаналда Дагъистаналъул вакиллъун вукIарав Къурбанов Къурбанил кIудияв вац МухIамад гьеб хъулухъалдаса вахъиялдасаги.

XS
SM
MD
LG