МагъчIваялъе рес

Р. Мирзаханов : "Щай кидаго къуваталъухъ букIунеб "хIакъикъат?"


НизамцIунулез сверун ккун букIараб ГIабдуселим Мирзахановасул мина
НизамцIунулез сверун ккун букIараб ГIабдуселим Мирзахановасул мина

Табасаран мухъалда чIварав Рамис Мирзахановасул гIагарлъиялъ лъазабулев буго гьев къуваталъул идарабаз мекъи ккун чIван вугин, амма гьеб ишалъе мукIурлъизе бокьичIого низамцIунулез гьев экстремистасе кумек гьабулев вукIанин чIезабулеб бугилан. Гьелда разигьечIеб чIварасул гIагарлъиялъ Россиялъул президентасухъеги, жанисел ишазул министрасухъеги кагътал хъван руго.

21 сентябралда Табасаран мухъалъул Акка росулъ гьеб мухъалъул мажлисалъул депутат 34 сон барав Мирзаханов Рамис чIван вуго. Къуваталъул идарабзул баяналда рекъон гьебго росулъа изнугьечIого яргъидгIуцIаразул гIахьалчи Мирзаханов ГIабдуселим вахчизавун вукIун вуго Рамисица, низамцIунулез гьев кквеялъе хасал тадбирал тIоритIулеб мехалда Рамис нусги босун гьезде тIадекIанцIун вуго. Жалго цIуниялъе гIоло речIчIун жогун чIванин къуваталъул идарабаз Мирзаханов Рамисилан лъазабуна гьез официалияб баяналда.

Руслан Мирзахановасул бухIараб автомобиль
Руслан Мирзахановасул бухIараб автомобиль

Амма Рамисил гIагарлъи гьеб баяналда рази гьечIо гьез лъазабулеб буго низамцIунулез мекъиккун чIван вугила гьев. Амма жидецаго гъалатIги биччан цойгидав чиясул бакIалда гьев чIван вукIиналъе мукIурлъулел гьечIила гьел. Гьединлъидал ургъун бахъанила гьез Рамис экстремист ГIабдуселим Мирзахановасе кумек гьабулев вукIанин ва гьес жидеде тIадекIанцIи гьабунин абураб жо.

ЧIварав Рамисил кIудияв вац Русланица «Эркенлъи» радиоялъе бицана дагьаб цебегIан жиндир азбаралъуб чIезабураб автомобиль бухIизе хIалбихьун батанила щалали лъаларел чагIаз. КIиабилеб нухалдаги гьез цIа гъун бахъиналде жидеда бихьун гьеб свинабиз кIун букIанила, тIокIалги гьединал ишал такрарлъиялда хIинкъи букIиналъ вацалги жалги хис-хисун къаси-къаси жиндир азбар цIунун рукIунаанила. Гьедин 21 сентябралъул сардилъ къватIисан гьабзазул хIапиги рагIун жив къватIивеххун вакканила, гьедин жиндир кавудахъ вахчун цо чи вихьанила, амма гьев щивали лъачIила жиндида. ЦIидасан автомобиль бухIизе вачIарав чи ватилин абун жиндица гьитIинав вац Рамисиде ахIанила гьанивеххун вачIаян абун. Кьижаралъуса васги вахъинавун жив азбаралъуве щолеб мехалда жиндида автомат кьвагьулеб рагIанила.

Руслан Мирзаханов
Руслан Мирзаханов

Мирзаханов Руслан: «Нижеда автоматалъул кьвагьиги рагIана, гьелдаса хадуб бащадаб минута ун хадуб кьвагьугейила жив Рамис вугин ахIулеб вацасул гьаракьги рагIана. Гьеб кьвагьи бахъараб рахъалдехун векерулев вукIана дун, аскIове къагейила къани мунги чIвалилан ахIана цо чияс дитIе. Гьесухъ гIинги тIамичIого векерана дун вацасде аскIове. Гьев жеги чIаго вукIана, гьесие кумек гьабейин ахIделев дунги вукIана диде регIарав чи гьезулги вукIинчIо. Гьел гьанире доре телефоналъ ва рациялъ ахIун жигаралда цо жоялъул бицунел рукIана. Гьезул харбида гьоркьосан дихъе кквезе щвана гьезул цояс, - «Мага, дуца батIияв чи чIван вуго», - ян абулеб. Дун гьев азарханаялде вачине автомобилалда хадув вортараб гIан мехалда гордухъан дир лъадуда бихьун буго гьесул жаназа цойгидаб бакIалде бехъерхъулеб. ТIад вуссун щвараб мехалда гьелъул хIисаб гьабун бажарулеб хIал букIинчIо дир. Амма гьеб мехалдаги дида рагIана гьезул цояс нилъеца батIияв чи чIван вугилан ахIулеб».

ЧIварав Рамиc Мирзахановасул хутIана кIиго лъимер
ЧIварав Рамиc Мирзахановасул хутIана кIиго лъимер

ТIад вуссун жив щвелалде чIварав Рамисил кодоб нусги лъун баталина жиндида, аскIобе телефонги реххун баталинан бицана Русланица. Жидецаго батIияв чи чIван вукIин лъараб мехалда гьеб бахчиялъе гIоло нусги босун жидеда тIадекIанцIи гьабунин гьесилан абурал баянал кьезе лъугьанила гьел. Жиндихъе щварал баяназда рекъон гьел низамцIунулел рачIун рукIун рукIун ругила жидер мадугьалихъ ругел изнугьечIого яргъидгIуцIарал Мирзахановазул мина сверун кквезе ва гьени вахчун вукIарав табасараналъул экстремистияб къокъаялъул гIахьалчи Мирзаханов ГIабдуселимида хадур. Гьел Мирзахановал кколел руго Рамис Мирзахановасул гIагарал чагIи, амма гьел экстремистияб нухде лъугьиндал жидерги гьезулги кинабниги гьоркьоблъи букIинчIилан бицана Русланица.

Руслан Мирзаханов: «Табасараналъул амирилан абулев вукIарав Мирзаханов Фезулиги, туснахъалда вугев МухIамад Мирзахановги нижер вацгIалзаби ккола, гьезулги нижерги гIахьалав цойги вацгIаласул вас ккола гьев ГIабдуселимги,амма къогогIан соналъ нижерги гьезул щибниги гьоркьоблъи букIинчIо. Гьоркьоблъи букIинчIолъи бихьизабула бащадаб лъагIалица цеве дир эмен хвараб мехалда гьезул цониги чи зигараялде вачIун вукIинчIолъиялъ. Нижеца рикIкIад гьаруна гьел. ТIубан гьездаса батIияб хъизан буго нижер. ЦIакъ гьел вагьабиязде дандечIарав чи вукIара Рамисги. Гьесие зама-заманалдаса хIинкъалабиги кьолаан. Бадибе абичIониги гьесде мун гIодойвиччан вукIайин, цеве балагьун вукIайин абун ругьалабиги щолаан чанги. Гьеб къуваталъул идарабаздаги лъикI лъалаан, нижер хъизамги лъалаан гьезда гIемерго лъикI. Амма гьанже жидецаго мекъаб ишги гьабун щибниги гIайиб гьечIев чи чIвараб мехалда, гьесулги вагьабияв лъугьинабизе къваригIун буго гьезие. Рамисида жив батIиял чагIаз чIвалин кколаан, амма низамцIунулездаса гулла щвезе гьесда ракIалда букIинчIо».

Жидее щибниги гьел низамцIунулездаса къваригIун гьечIила. Жидеца тIалаб гьабулеб бугила щибниги гIайиб гьечIев, кидаго экстремистазде данде къеркьолев вукIарав Рамис Мирзаханов экстремистазул кьерулъа вахъи. Гьезул гъалатIалъе гIоло чи чIвараб гIечIого гьесда экстремистилан абураб рогьо рекIинабиялда данде ругила жалилан лъазабулеб буго чIварасул гIагарлъиялъ. Гьеб лъугьа-бахъиналъе букIине кколеб къиматги кьейин, гьелъул цIех-рехги гьабейин тIалаб гьабун Мирзахановаз кагъат хъван буго Россиялъул президент Владимир Путинихъе. Щай гьеб Дагъистаналда кидаго "хIакъикъат" къуваталъухъ букIине кколеб?

XS
SM
MD
LG