МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул мэр вищизе вуго депутатаз


МахIачхъалаялъул депутатаз хисизабуна тахшагьаралъул мэр вищулеб къагIида. Гьанжеялдаса нахъе гьев вищизе рагIула депутатаз. ГьанжелъагIан гьев вищулев вукIана рищарухъабазул гьаркьаздалъун. Тахшагьаралъул бетIер халкъалъ вищулев вукIараблъи чангиязда лъалебцин букIинчIин, рикIкIунеб буго цо-цо гражданиял хIаракатчагIаз.

Заманаялъ мэрасул ишал тIуразе тIадкъарав МухIамад Сулеймановас абуна гьеб хIукмуялъул рахъккунин республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьедин гьабизе кканин республикаялда бугеб жамгIиябгун политикияб ахIвал-хIалги хIисабалде босун.

Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула дагьалъ цебе РФялъул президент Владимир Путиница гьабураб лъазаби – Шималияб Кавказ гIадал хIалуцин цIикIкIарал республикабазда бакIалъул нухмалъулел халкъалъ рищун гурел, тIасахун тIамулеб къагIида билълъанхъизабизе кколилан. Щайин абуни гьел рищияздаса пайда босизе бегьулин тахбакI къваригIарал къуватаз.

Шагьаралъул мэр вищулеб къанун хисизабуниги щибин жеги гьел рищиял кида рукIунелали лъалареб мехалдаян абулеб буго ЭР-лъе журналист МухIамад ГIабдурашидовас. Цин абулеб букIанила рищиял 2015 соналъул 15 сентябралда рукIунин, гьанже абулеб бугила исана 15 сентябралда рукIине бегьулилан. ПалхIасил, жеги мухIканаб жо гьечIила гьеб рахъалъ.

МухIамад ГIабдурашидов: «Гьединлъидал, гьабсагIаталда чIванкъотIун лъалеб жо буго шагьаралъул депутатазе гIоло тIубараб рагъ байбихьизе рес букIин, батIи-батIиял къуватаз гьезде тIадецуй гьабизе букIин, кинав депутат лъилали гьезда хадуб халкквезе букIин».

Гьаниб тIаде жубазе бегьула МахIачхъалаялъул киналго депутатал цевесев мэр СагIид Амировасул рахъккурал рукIанилан. Амма гьанже заманаялъ мэрасул хъулухъ тIубазабулев Сулеймановас абураб гьабулин гъозин абулеб буго республикаялда. Гьединго цIикIкIанисел депутатал рукIанила Халкъияб Мажлисалдаги. Гьанже гьезулги пикру хисанила.

Рищиязда тIасан жиндирго пикру загьир гьабулеб буго коммунистазул вакил АдухIов ГIабурахIманица.

АдухIов ГIабдурахIман: «Мэралги, президенталги – киналго рищизе ккола халкъалъ. ГIенеккизеги ккола халкъалъухъ. (Цебеккунго лъалеб хIасил хъвачIого доба)».

Коммунистазул вакил хIисабалда, АдухIов ГIабдурахIман гIахьаллъула киналго рищиязда. Гьедин лъала гьесда МахIачхъалаялъул мэрасул рищиял халкъиял рукIараблъи. ЭР-ялъ гьикъа-бакъи гьабурав чанго чиясда гьеб лъалеб гьечIоан.

АдухIов ГIабдурахIман: «Лъиданиги лъалареб жо гурелъулха гьеб – кин гьел тIоритIулел рукIаралани. Амма рищиял халкъалъ гьарулелин цIар букIанаха. Дов цеве вукIарав чи (Амиров) аслияв кандидат вукIун, гьесда данде чиги гьечIого, тIаса-масаго унаан гъол рищиял. Рищулел абун ххвелал гьарулаан. ХIакъикъаталад абуни рищиязде унаан халкъалъул щуго процент».

Гьанже рахъун МахIачхъалаялъул мэр вищиялъул къанун хисизабиялъе гIиллалъун ккана цеве вукIарав мэр СагIид Амиров туснахъалда вукIин.

ГьабсагIаталда МахIачхъалаялда бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьун, рищиял кида рукIине ругониги, мэрлъун Сулейманов вукIунеб гIадаб хасият буго.

XS
SM
MD
LG