МагъчIваялъе рес

Министразул рагIи дандеккечIо


Сириялде рагъизе арал дагъистаниял Россиялъул гражданлъиялдаса махIрум гьаризе кколин абураб пикру загьир гьабуна 25 ноябралда МахIачхъалаялда тIобитIараб Халкъияб Мажлисалъул сессиялда «Патриоты России» абураб партиялъул вакил Фикрет Ражабовас. Гьелда тIад рекъана киналго депутаталги.

Жибго гьеб къоялъул сессия букIана чIамучIаб. ГIицIго республикаялъул бюджет гIуцIиялъул бицине лъугьиндал байбихьана гьениб чIаголъи. Масала, экономикаялъул министр Раюдин Юсуповас абулеб бугоан Дагъистаналда киналго рахъалъ цебетIей бугин – росдал магIишаталъулъ, бакIал раялъулъ, цогидалъулъ.

Гьединго 2016 сон МугIрузул сонлъун лъазабун букIиналъ кинабго гьабизе бугин магIарухъа гIадамал лъарагIлъиялде гочун рачIинаредухъ, дораго гьезие киналго шартIалги чIезарун. Бюджеталдасан хьихьарал киналго хъулухъчагIазе – гьел ккола мугIалимзабиги, тохтурзабиги, гьезда релълъаралги хIалтIухъаби – гьезие 9 проценталъ цIикIкIине бугин хIалтIухъ кьолеб мухь. ТIасияб соналъ ВВП – валовый внутренний продукт абураб жо цIикIкIине бугин 609 млрд гъурщица. Гьединго цойги лъикIа-лъикIал жал рукIине ругин.

Цинги цевевахъана финансазул министр Билал ЖахIбаров. Гьес бицана республикаялда кIудияб кризис бугин, гьединлъидал цо-цо объектал ран рахъине рукIиналда щаклъиги загьир гьабуна. Гьединго тIаса къотIизехъин руго ресукъал хъизаназе риччалел субсидиял ва цогидаб къагIидаялда пачалихъалъ гьабулеб кумек. Гьелда тIасан гIемер суалал рижана залалда гIодор чIаразул. Масала, парламенталъул вице-спикер Сейфулагь ГIисакъовас гьикъана финансазул министрасда гьел субсидиял тIаса къотIиялъ разилъи гьечIолъи бижизабизе рес буго гурищдила гьадингоги ресукълъиялда ругел цо-цо дагъистаниязда гьоркьоб.

Хадуб коммунистазул партиялъул вакил Мурзадин Авезовас гьикъана «Земский доктор» абураб программа щайила Дагъистаналда чIезе тун бугеб. Гьеб программаялъул мурад ккола тохтурзабилъун цIалун рахъарал гIолохъанал махщелчагIи росабалъ чIезари. Гьелъие гIоло пачалихъалъ гIарацги буго биччалеб – 95 процент федералияб бюджеталдасан, 5 – бакIалъул бюджеталдасан. Амма гьелъиегицин (5 проценталъе – ЭР) ресги гьечIого, ахираб заманалда чIезе тун буго республикаялда гьеб программа.

Финансазул министрас чIвакнъкотIарал жаваб кьечIо гьелъие.

Хадув кIалъана депутат ва «Россельхозбанкалъул» нухмалъулев ГьитIинамухIамад ХIажимухIамадов. КIиявго минитсрас бицунеб хабар данде кколеб гьечIин, экономикаялъул министрасухъ гIенеккани, республикаялда цебетIей рагIулила, финансазул министрас бицунелда рекъон, кризис бугила.

ГьитIинамухIамад ХIажимухIамадов: «Дуца абуна магъалабазул хайиралдаса 31,5 млрд. бащадаб гъурущ бачIине бугин бюджеталде. Гурищ? Гьедин батани, бице магъалаби ракIарун хIакъикъияб къадар кигIан бачIине бугеб исана соналъ ва гьеб 31,5 миллиард гъурущ магъалаби ракIарулеб идараялъ тасдикъ гьабураб къадарищ кколеб? КIиабилеб суал – гьаниб экономикаялъул министр Раюдин Юсуфовас абуна кинабго рахъалъ экономика эхеде цебетIун бугин 104 - проценталдаса 109 проценталдаса. Нужецайин абуни кризисалъул бицунеб буго, гьеб къадаралъ экономика цебетIун батани, гьеб жо кризис кколаро гурищ? Сундаго жаниб нахърател гьабизе кколин, гьадинал нухал ратизе кколилан руго нуж. Гьеб кин бичIчIизе кколеб?»

Финансазул министрас жаваб кьуна унголъунги бугин гьединаб цебетIей, амма магъалаби ракIари лъикI гьечIин. Магъалаби ракIаризе къваригIун бугин киназго, гьединго «Россельхозбанкалъгиян» ГьитIинамухIамад ХIажимухIамадовасдаги тункизабуна ЖахIбаровас.

Гьелдаса хадув цIидасан кIалъана коммунистазул вакил Мурзадин Авезов: гьаб щибдила, гIадамазе щолеб хайир цIикIкIунеб гьечIила, амма гьезда тIад лъолеб магъалоялъул роцен бугила цIикIкIунеб. Гьев «гIодовиччазавуна» Билал ЖахIбаровас: нилъер мадугьалихъ – Астраханалдаги – ахIвал-хIал гIемер беццилеб гIадаб гьечIилан.

Гьеб киналдаго бан коммунистазул вакил МухIамад МухIамадовасда ракIалде щвана муниципалитетазе бюджеталдасан гIарац биччаялъул рахъалъ ращалъи гьечIолъиги. Цоязе биччалила гьеб кигIан ббокьаниги. Цогидазе биччаларила, кризис бугин абулила.

МухIамад МухIамадов: «Нужеца щай халкъалда битIараб бицунареб? Нужеда гъол гIабдалзабийиланищ кколеб бугеб? ГIезегIан лъикI бичIчIула гъозда кинабго».

Ахиралда спикер Хизри ШихсагIидовас бадирчIваял гьаруна докладалгун цере рахъарал министразе, депутатазул суалазе жавабал кьезе гIураб хIадурлъигун рачIайин сессиялдеян.

XS
SM
MD
LG