МагъчIваялъе рес

Анищал гуккараб гочи: тумал "рагIунел" гьечIо хъулухъчагIазда


Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасда гочинарурал тумаз гьарулеб буго жидер ургъелазда гIинтIамеян. АнцIго соналъ цере пачалихъалъ жидее рарал минаби риххун унел ругин хъвалеб буго гIадамаз.

Новолак мухъалдаса гочаразул масъалабазе кIвар кьеян рагьараб кагъат хъвана гьал къоязда «Тумазул миллияб шураялъул» вакилаз. Жидее пачалихъалъ рарал рукъзал риххун унел ругилан гIарзаби руго гочаразул. ГIарзаби хъварал чагIи кколаан Дучи, Тухчар, Новокули ва цогидал тумазул Кумторхъала мухъалда ругел росабалъан.

Тумазул жамагIаталдаса Муслим ХIасанхIусеновас бицана «Эркенлъи» радиоялъе къого сон анин тумал гочинаризе байбихьаралдаса хадуб, амма гьеб процессалъул ахир бихьулеб гьечIилан. «Чанги гIарза хъвана чанги хIакимасухъе. Жаваб къанагIат гурони щоларо, щварал жавабалги пайдаял ругин абизе кIоларо. Чанги хъизан буго рукъ щвечIого жеги», - илан бицана ХIасанхIусеновас.

Тумал гочинаризе байбихьана 1992 соналда. Сталинил репрессиябазде гъорлъе ккарал чачаназ доб мехалда лагерь гIуцIун букIана ва тадбирал гьарулел рукIана жидер рукъзал нахъе кьеян. 1991 соналда букIараб Дагъистаналъул халкъазул съездалда хIукму къотIана чачаназул росабалъ рукIарал тумал цогидал ракьазде гочинаризе. Гьединал ракьал ратана Кумторхъала мухъалда ва МахIачхъалаялъул Киров мухъалда. Гьел мухъазда ругел тумазул росаби административияб хIисабалда Новолак мухъалде гъорлъе уна.

Тумазе рукъзал разе бичана чанги миллиард ва гьеб хIалтIи тIадкъана «Новострой» тресталда. Гьеб компаниялда тIаса чанги гIарзаби рукIана гIадамазул. Ахар росулъа Жабир ГIалиевасул рагIабазда рекъон, «Новостроялъ» рукъзал ралел рукIинчIо, гIарац бикъулеб букIана. «Новостроялъухъа» рукъзаял раялъул хIалтIи кьуна «Дирекция Новострой» абураб ГУПалъухъе. «Новострой» къана ва гьелъ ралел рукIарал минаби ралел руго «Дирекция Новостроялъ». Диваналде гIадамаз кьолеб буго ГУП, амма гьезул юристаз абулеб буго жидеца кьезе кколарин «Новостроялъул» гъалатIазухъ жавабилан. Республикаялъул прокуратураялдасаги гIадамазе гьединал жавабал рачIунел руго.

Ахаралдаса Жабир ГIалиевасул рагIабазда рекъон, «Дирекция Новострой» ГУПалъги рукъзал ралел гьечIо рукIине кколеб къагIидаялъ. Цогидазе кин минаби ралел ругебги бихьун, ГIалиевас ГУПгун къотIи-къай гьабун буго жинцоги лъелин минаялъе фундамент ва ГУПалъ гьелда тIад хвезабураб гIарац бецIилин. Къадал фундаменталда лъуна «Дирекция Новостроялъ», амма гьезул хIалтIудаса рази гьечIо ГIалиев. «БатIи-батIиял кирпичазул къед бан батана, минаялда жанир киналгIаги хIалтIаби гьарун гьечIо, гьединго фундаменталда тIад хвезабураб гIарац бецIулеб гьечIо. Абулеб буго пачалихъалъ бихьизабураб норматив бугин гIарцул. Гьеб нормативалдалъун рарал минаби щуго соналдаса риххулел руго. Диваналдаги чанги нухалъ гIарза кьуна, амма диванчагIаз гIадатиял гIадамазул ургъелазда гIин тIамулеб гьечIо», - ян бицана ГIалиевас.

Шушия росулъ гIумру гьабулей Эльмира Багирчаевалъ «Кавказский узел» информагентствоялъе бицана 14 соналъ жинца гIумру гьабулеб бугин хинлъи гьечIеб, штукартурка жаниб гьабичIеб, чIабар лъечIеб минаялда жаниб. Гьелъ бицаралда рекъон, мина баразда гьелъ гьарулеб букIун буго жаниб рукIине колел хIалтIаби гьареян. Амма гьелъул гьариялда лъицаниги гIинтIамун гьечIо. Прокуратуралде хъвана кагъат Багирчаевалъ, амма гьениса бачIна жаваб минаялъул жаний лъугьун хадуб ратарал гIунгутIабазда тIаса гIарза кIиго соналда жаниб кьезе кколеб букIанин ва гьанже гьединал гIарзабазул халгьабуларин.

​Багирчаеваги гьелъул росуцоялги кумек балагьизе ун руго «Тумазул миллияб шураялде». Гьеб Шура гIуцIана 2012 соналъул сентябраялда тIолготумазул данделъиялда. Миллатцоязул ихтиярал цIунизе гIуцIулеб бугиланги абуна. Шураялъ гIарза битIана ГIабдулатIиповасухъе. Гьениб хъван буго, рарал минабазе къимат кьеялъе хасаб комиссия гуцIеян. Гьединго гочинарурал тумаз гьарулеб буго риххун инехъин ругел минаби къачIазе гIарац бичаян. Дагъистаналъул нухмалъулесул пресс-хъулухъалда «Эркенлъи» радиоялъе абуна гьеб гIарзадул хIакъалъулъ жидеда лъалин ва гьелъул халгьабилин.

Гочинарурал тумазул жамагIаталдаса Муслим ХIасанхIусеновасни абулеб буго жиндир батIаго хьул гьечIин ГIабдулатIиповас гIинтIамилин гIадамазул ургъелаздаилан.

Муслим ХIасанхIусенов: «ГIорхъолъа ун квешаб хIал буго гьениб. Щай абуни щуго соналъ рарал минаби риххун инехъин руго. Араб анкьалда дун щвана Ахаралдеги, Шушиялдеги ва цогидал росабалъги. Пачалихъалъ гIадамазе рарал минабазул балагьалде буссараб хIал буго. Щай щуго-анцIго соналъ цебе бараб мина жакъа биххизе хIадураблъун букIине кколеб? Гьединал минабазда жанир гIумру гьабулел руго гIадамал. Лъица гьел минабазул жаваб кьелеб? Чанги кагътал хъвана, амма хIасил гьез кьолеб гьечIо. ГIабдулатIиповасги жо хисилин дир хьул гьечIо. Гьесул хабар гIемер букIана, амма ишал рихьулел гьечIо. Митингазде рахъизе ккараб хIал буго гIадамазул. Гьанир ругел минаби – минаби гуро, бокьал руго».

Гочинарурал тумазул буго цогидал кIудияб масъалаги. Ракьазул масъалаби тIуралел гьечIин Дагъистаналъул хIукуматалъилан ахIи балеб буго гьезги гьединго лъарагIазги. Караман поселокалда ругел ракьал жидер ругилан абулеб буго лъарагIаз, тумаз абулеб буго гьел ракьал хIукуматалъ жидее кьурал ругин.

Караманалъул дандечIеялда гIахьаллъулел руго цояб рахъалдаса Альбурикент, Кяхулай ва Тарки поселоказдаса лъарагIал, цогидаб рахъалдаса – Чечняялдаса гочарал тумал. Гьеб дандечIей сон-жакъа байбихьараб гуро ва чамалиго соналъ халатбахъунеб буго. ЛъарагIаз абулеб буго жидер умумузул ракьал ругин Караманалда. Тумазни бицунеб буго Дагъистаналъул хIукуматалъ бичараб хасаб документалъул хIакъалъулъ. Гьелда рекъон, 90-лел соназда Чечняялдаса гочарал тумазе кьуна Караманалда ракьал. Дагъистаналъул нухмалъиялъ жеги тIубан гьечIо Караманалъул суал.
XS
SM
MD
LG