МагъчIваялъе рес

"Платон" яги дагъистаниязул Москваялда ккараб "рагъ"


Москваялда халат бахъунеб буго «Платон» системаялде дандечIарал къайи баччулел чIахIиял автомобилал рачунезул акция.  Химки шагьаралда ва Каширское шоссеялда аскIор чIун руго гьел.  Амма гьезда гьоркьобги дандеккунгутIаби лъугьунел ругила, гIадамазда чIалгIун бугила гьеб кинабго, амма жеги гьеб протесталъул акция чIезе теялда гьечIин гьелилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналдаса гьеб тадбиралъул гIахьалчи ХIажиев Мурадица.

Гьесул рагIабазда рекъон гIага-шагарго 100 гIан дагъистанияв вуго жеги гьел акциячагIазда гьоркьов, амма кидалъагIан гьел гьенир хутIилелали лъаларин жиндида, гIемер заман гьез баялда жиндир ракIчIун гьечIилан бицана гьес.

ХIажиев Мурад: «Протесталъул ациялда цин гIахьаллъун, цинги гIахьаллъичIого руго гьанир ругел гIолохъаби. Федералияб нухмалъиялъ батIи-батIиял къанунал ургъун рахъулел ругелъул нижее квалквал гьабизе гьаниб. Гьелъги батилаха, гьаб сагIаталда жаниб дир пикруялда рекъон нижер акциялъул гIахьалчагIазда гьоркьор рикьалаби лъугьунел руго. Цоязда чIалгIун буго гьанир чIун, цойгидаз абулеб буго хIасил ккечIого гьаб гьоркьоб къотIизе тезе бегьуларин абун. Къойил цо жамгIиял хIаракатчагIийин абун цо халкъги щола нижехъе бичIчIуларелщинал жал рицине. Нижер ургъел гьабулеб хвелги гьабун жидерго мурадаз, жидеего цIар гьабизе рачIунин ккола дида гьел гьанире. Цониги пайда бугеб, магIнаяб жоги рагIуларо гьез бицунеб. Руго унголъунги нижер рахъккун нижеда ракIунтарал гIадатиял гIадамалги. Щибаб къойил батIи-батIиял чагIи рачIуна нижее квен-техIги босун. Чадирал чIван гьезда жанир ругел ниж хинлъизе рукIине юргъанал, къандалъаби росунцин рачIана гIадамал. Нижеца махсара гьабулеб букIана гьадин бугони ниж гьанир жеги лъагIалица чIолин абун. Сон нижеца рикIкIунеб букIана гьаб сагIаталда Москваялда аскIор акциялда гъорлъ гIахьаллъулев руго 40 гIан бакIалдаса шофер. Регионазда тIоритIулел рукIарал киналго акциял гьоркьор къотIизе танин абизе бегьула. Бищун ахиралдалъагIан хутIун руго Хасавюрталда аскIоб букIараб акциялъул гIахьалчагIи. Гьанже гьелги рикьа-риххана. Цоял хIалтIилел руго, цойгидал рокъор руго гьаб сагIат».

Гьединго Мурадица бицана итни къоялъ Россиялъул президентасул администрациялда цебе нухаздаса пайда босиялъухъ мухь цIикIкIинабиялда хурхараб «Платон» системаялда дандечIарал шоферзабазул акциялъулъги гIахьаллъи гьабунила дагъистаниязилан. Гьес бицухъе жив гьел дагъистаналдаса юк баччулел чIахIиял автомобилал рачунез вакил гьавурав чи вугин абун гьеб митингалда к «Платон» алъул рахъккун кIалъарав жамагIатчи НурмухIамадов ГъазимухIамадидаги дагъистаналдаса шоферзабазадаги гьоркьоб тунка-гIусиги ккун буго. Гьев жамагIатчияс абулеб букIун буго олигархал Роттенбергазе инчIого гьеб «Платон» системаялда рекъон щолеб гIарац нухал къачIаялъеги, цойги хIажатаб бакIалда хвезабизе пачалихъалъул бюджеталде унеб батани жал гьелда разиял ругилан. Гьеб абун хадуб мун щив чийила, мун жидеца вищарав чиги гурила, жал «Платон»алде тIубан данде ругин, нухал къачIаялъеги цойгидалъеги кколеб гIарац гьеб система гьечIониги жидеца гIезегIан кьолин абун гьесде тIаделъун руго Дагъистаналдаса шоферзаби.

Гьеб тунка-гIусиялъул мухIканлъи цIехезе живго ГъазимухIамад кодове щвечIо «Эркенлъи» радиоялъухъе. Гьеб кинабго лъугьунеб мехалда гьесда аскIов вукIарав цойги Дагъистаналдаса жамагIатчи Къебедов МухIамадица гьадин бицана «Эркенлъи» радиоялъе.

Къебедов МухIамад: «НурмухIамадица дора рицине кколарел цо-цо къваригIел гьечIел жалги рицана. КIалъазе вахъараб мехалда гьас доб «Платон»алъ бакIарулеб гIарац нухал къачIаялъе унеб батани бегьулин абуна. Гьедин абунин абун цо балъхъадерил гIолохъаби тIаделъана гьесде. Гьезул ункъго-щугояс вачун унев вукIана гьев вухизейилан абун. Гьесда кьабизе теларин абун маслихIаталде гьел рачине дунги анаха цадахъ. Гьев вуго ритIухълъиялъе гIоло къеркьелевин вукIунев, жамгIиятчагIазе ва разигьечIезе кумек гьабулев вукIунев чи. Гьединал тадбиразде инеги бокьула гьесие. ГIадамазе жиндихъа бажарараб кумек гьабизе лъугьунев чи вуго гьев. МахIачхъалаялда гьел юк баччулел автомобилазул шофераз жив жидер вакиллъун вукIайин Москваялда, мун кIалъазе лъалев чи вугин абун букIун буго гьесда. Гьес гьедин абулеб букIанаха».

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Манасалда, Гъаякенталда, Хасавюрталда гьеб «Платон» алде данде акция тIобитIулел рукIарал шоферзабазулгун. Гьезул цохIонигиязда лъалев гьечIоан гьев НурмухIамадов ГъазимухIамад щивали. Жидеца Москваялдеги жидерго кьерулъа гIолохъаби гурони батIияв чи витIун вукIинчIин баян гьабуна гьез.

XS
SM
MD
LG