МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул "экологияб гьумер" чорокаб буго


Гьекъолеб лъин чIезабулеб КОР канализациялда релъараб бугин МахIачхъалаялдайин, рикIкIунеб буго экологаз.
Гьекъолеб лъин чIезабулеб КОР канализациялда релъараб бугин МахIачхъалаялдайин, рикIкIунеб буго экологаз.

Экологиялъул рахъалъ бищун рацIцIадал шагьаразул рахъалъ тIолгороссиялъ хIадурараб рейтингалда рекъон Дагъистаналъул тахшагьар МахIачхъала буго сияхIалъул ахирисел бакIазда. Рейтинг хIадурулаго хIисабалде босун буго гьава-бакъалъул, гьекъолеб лъеда гъорлъ заралиял хутIелал гьечIолъи ва цогидалги мисалал. Амма Дагъистаналдаса экологал киналго гуро гьеб пикруялда тIад рекъолел ругел.

Гьеб рейтингалъул сияхIалда Дагъистаналъ кколеб буго 85 бакI. Бищун цересел бакIазда буго Уфа, Саранск, Вологда, Москва, Воронеж, Краснодар, Омск, Липецк, Владимир ва Санкт-Петербург гIадал шагьарал. Гьеб рейтинг хIадурулаго гьелъул гIуцIарухъабаз хIисабалде босун буго гьава-бакъалъул бацIцIалъи, гьекъолеб лъим, транспорт ва цогидалги экологиялъулгун хурхен бугел мисалал. Гьезул щибалъул рахъалъ кигIанасеб къадаралда бацIцIадго гьеб бугебали, щибаб шагьаралъул хIисабги кьун буго. Кьун руго кинал рукIаниги баянал кьечIел шагьаразул цIаралги. Гьел шагьаразда гьоркьоб буго Дагъистаналъул тахшагьарги.

«Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабуна бищун кIудиял кинал гIиллаби ругел МахIачхъала экологиялъул рахъалъ нахъеккараб букIиналъеян. Эколог Мунгиев АхIмадица гьел гIиллабазда гъорлъ тIоцебе рехсана гIадамазул рукIа-рахъин. ГьитIинаб къоялдаса байбихьун эбел-инсуца лъималазда малъулеб гьечIила сверухъ бугеб тIабигIаталъе зарал гьабизе бегьуларин, кьишни-къул жанибе рехулел хасал бакIал рукIунин, кигIан гьитIинабги чороклъи гьекъолеб лъеда гъорлъе гьабизе бегьуларилан. Гьелъул мисалин абуни гьал къоязда тIолабго дагъистаналдаго бихьанин, Октябарлъул инкъилабалъул цIар кьураб канал бацIцIад гьабулаго. Гьеб каналалъуса къватIибе камураб чороклъи бахъичIин къватIибе. РацIцIа-ракъалъиялъул тадбиразде халкъ ахIизе кколел хIукуматалъул хIакимзабазеги гьелъул ургъел гьечIин.

Гьединго Мунгиев АхIамдица бицана МахIачхъалаялда экология чорок гьабуле бугин кьишни-къулал гъорлъ ругел заралиял хутIелаз.

Мунгиев АхIмад: «Кьишни-къулалда гьоркьор ругел диоксин абурал заралиял хутIелазул рахъалъ МахIачхъалаялъ Россиялда кколеб буго кIиабилеб бакI. Гьел диоксинал абурал заралиял хутIелазин абуни ккезабула гIадамасда ракалъул унти. Гьебмехалъ жеги гIажаиблъи гьабунги рукIуна нилъер гIадамал гьеб унтуца унтарал гIадамал цIикIкIунел ругин абураб мехалъ. ГIахьучIал рицунелги рукIуна радиациялъул асарал цIикIкIунел рукIиналъ гIемерлъулеб бугин ракалъул унтиян. Валлагь гуроха. Низам гьечIого бухIулеб кьишни-къулалъ цIезабулеб буго гьава гьел заралиял хутIелазул, гьеб гьава цIцIулел нилъги руго. КIиабизе, гьеб кьишни-къулалда тIад кваналел гIачиги руго дагъистаналда, гьездаса бечIчIараб рахь гIадамазе бичулел фермаралги руго. ХIасил-калам ботIрониб пикру хIалтIуларел хIакимзабаз гьелъул миллатцин гьабулеб гьечIо, гьеб ахIвал-хIалалда гIумру тIамулел нилъги руго».

Экология цIунулеб гьечIолъиги, рацIцIа-ракъалъиялъул рахъалъ гIадамал нахъе ккун рукIинги гьеб жакъа Россиялдаго цIакъ актуалияб суаллъун бугин ахираб заманалдаян бицана, Дагъистаналъул Пачлихъияб Университеталъул экологиялъул факультеталдаса мугIалим ГIалибегова Заираца. Амма теориялъул рахъалдасан гурони практикаялда экология щиб кколебали лъицаниги хIисаб гьабулеб гьечIин. РацIца-ракъалъи цIунизе кколин бицунел рукIин гурони рагIабаздаса ишалде вачIунев чи дагь вугин.

Амма кин букIаниги гьедигIанго хъарцинаб хIалалда гьечIин Дагъистаналда экологиялъул ишилан рикIкIунеб буго ГIалибегова Заираца. Гьалдасаги чорокал регионал чанги ругин.

ГIалибегова Заира: «Мисалалъе цогидал пачалихъазда ругел гIадал, гьава чорок гьабулел заводал нилъер гьанир гьечIо. Бугеб жо цIунун гурони тIокIаб экология цIуниялъе гIуцIизесел шартIал дида Дагъистаналда рихьулел гьечIо. Кьишни-къул гьелъие бихьизабураб къалиялъубе рехичIого цебе ккараб бакIалде рехун толеб буго нилъеца. Гьеб буго чороклъи. Нилъедаго хурхараб гурони, цIакъго кIудияб экологиялъулаб кризис дида Дагъистаналда бихьулеб гьечIо. МугIрулги, гIоралги, ралъадги цоцада аскIор гIадин рукIиналъ, экологиялъе гIунгутIи бугеб бакIги Дагъистан гьечIо. Гьединлъидал дида бичIчIулеб гьечIо щибги хIисабалде босун гьез гьеб рейтинг хIадурарабали».

Кьишни-къулалдаса экологиялъе бугеб заралалде тIадруссанго гьаниб тIаде жубазе бегьула Мунгиев АхIмадил рагIабазда рекъон Дагъистаналда цониги рагIуларо легалияб къагIидаялъ хIалтIулеб кьишни-къул бакIарулеб идара. Гьеб цо, кIиабизе босани бакIарараб кьишни-къул цIидасан хIалтIизабун гьелъул 70 проценталъул хIадуризе бегьуланилин батIи-батIияб къайи-цIа, махх-кIачалдса байбихьун кагъат ва цIул-цIаялде щвезегIан. Кьишни къулалъул хутIараб процент тIагIинабизе бигьаго букIунин ва гьелдсаан экологиялъе зарал дагьаб букIунанин, амма гьеб киналъего гIарац биччазе Дагъистаналда лхиданиги ракIалде кколеб гьечIин.

XS
SM
MD
LG