МагъчIваялъе рес

Сапият МaхIамадовалъ цIидаса "рахIат хвезабун" рагIула полициялъул


Информалатаздасан Казбек мухъалъул полициялъул хIалтIухъабазул къимат-къадру хвезабулел лъазабиял гьарунин абун, Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ адвокат Сапият МухIамадова диваналде кьун йиго. Адвокат гьеб хIукмуялда рази гьечIо, гьелъ лъазабулеб буго гьеб кьучIгьечIеб гIайиб бугила, жиндица жанисел ишалазул идарабазул хIалтIухъабаз къанун хвезабиялъул гIемер хIужжаби къватIир чIвазарулелъул, жиндие квешезего хъвараб гIарза бугин гьебилан.

Гьал къоязда Хасавюрталъул диваналда халгьабизе байбихьана адвокат Сапият МухIамадовалда тIасан Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ хъвараб гIарзаялъул. Гьелда низамцIунулез хъвалеб буго гъоркьисала откябралда «Кавказский Узел» сайталда къватIибе бачIараб макъалаялда адвокаталъ Казбек мухъалъул полициялъул хIалтIухъабазде такъсирал гьарияъул гIайиб гIутIизабулеб бугилан.

Цебехун рехсараб макъаялда Сапият МухIамадовалъул рагIабаздасан хъван буго 2013 соналъул 18 октябралда Казбек мухъалъул полициялъул бутIаялги вачун гьебго мухъалдаса Салатгереев Шамиль низамцIунулез вухун вугин. ГIазабги кьун полициялъулаз гьев цIогь гьабияъе мукIурлъизе къваригIун вукIанин, гьеб гIазабкьей хIехьезе кIвечIого Салатгереевас живго жинцаго чIвазе хIалги бихьун букIанилан.

Гьел хIужжабазда тIасан Казбек мухъалъул полициялъул хIалтIухъабазда тIад такъсирияб иш рагьейин абун цIех-рехалъул идарабазде гIарзаги хъван букIун буго адвокат МухIамадовалъ. Гьеб гIарзаялда хъваралда тIасан хасаб цIех-рех тIобитIанин жидеца, амма гьел хIужжаби тадсикълъичIелъул полициялъулазда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьизе гьечIин лъазабун буго цIех-рехчагIаз.

Адвокат МухIамадова Сапиятица гьеб жанисел ишазул министерлъиялъ гьелда тIасан хъвараб гIарза мекъаб бугилан рикIкIунеб буго, тIадежоялъе гьеб гIарза хъваялдалъун гьез жидецаго къанун хвезабулеб бугин абулеб лъазабулеб буго адвокаталъ.

Сапият МахIамадова, адвокат
Сапият МахIамадова, адвокат

Сапият МухIамадова: «Дун гьеб гIарзаялда разияй гьечIо, гьелда тIадеги, дица гьеб къануналде данде кколареблъун рикIкIуна. Щай гурелъул, къануналда рекъон адвокатас жиндирго хIалтIи гьабунин абун, яги гьеб заманалда загьир гьабураб пикруялъухъ, гьев кинабгIаги жавабчилъиялде цIазе бегьуларо. Дица гьеб гIарза адвокатасул хIалтIуде гьоркьобе лъугьин рикIкIуна, гьебин абуни къануналъ гьукъараб жо буго. Лъилниги ихтияр гьечIо адвокатасул хIалтIуде гьоркьоре лъугьине. Гьелда тIадеги дица рикIкIунеб буго диваналъ гьеб гIарза къабул гьабизецин бегьулароанин. Щай гурелъул гьениб хъвалеб буго Казбек мухъалъул полициялъул хIалтIухъабазда тIад я такъсиргьабиялъул иш рагьун букIинчIила, яги гьел диваналде цIцIан рукIинчIила, гьединлъидал дица гьез Салатгерев вуханин абурал рагIаби кьучI гьечIелъун ругилан.

Дица гьев вухиялъулъ гIахьаллъарал полициялъул хIалтIухъабазда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьейин абун Хасавюрталъул цIех-рехалъул идараялде хъвараб гIарза цIех-рехчияс тIагIинабуна. Хадуб дида лъана гьес гьел полициялъул хIалтIухъабазул гIагарав васасухъе кьун букIин, гьедин ургъунго гьоркьоб инабуна гьеб. Гьеб гурониги гIемераб хIужжаби руго гьез къанун хвезабиялъул. Диваналда гьеб кинабго бихьизе кколаан, ва гьединаб лъамияб гIарзаялъул халгьабизецин бегьулароан. Гьезда бичIчIизе ккола такъсиргьабиялъул иш рагьизе инкар гьаби, гьеб такъсир гьабичIин аби кколареблъи».

Гьединго Сапиятияца абулеб буго лъагIалица цебе къватIибе бачIараб гьеб макъаялда тIасан гIарз гьанже хъваялъе, ва гьелда рекъон жавабчилъиялде я Салатгереев Шамиль яги гьеб бахъун букIараб «Кавказский Узелги» жалго тун цохIо жий цIаялъе гIилла кколила гьаб сагIат жий низамцIунулез къанун хвезабиялда хурхарал ишалгун хIалтIилей йикIин.

Сапият МухIамадова: «Жанисел ишазул идарабазул хIалтIухъабаз къанун хвезабиялъул хIужжабазда хурхун рагьарал такъсиргьабиялъул чанго ишалъулъ гIахьалъи гьабулеб буго дица. Гьел ишазулъ руго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда тIадегIанал хъулхъазда ругел чагIиги. Гьел низамцIунулезул ишаздалъун къварилъи ккаразул рахъккун хIалтIулей йиго дун. Гьел ишал дица рагIалде рахъинаричIого рукIине, дун батIияб жоялде юссинайизе, ургъунго дие квешезе гьабун буго министерлъиялъ гьеб багъа-бачари. Гьеб макъалаги багьанадай ккун цохIо дидасан гIарз хъван букIиналъги нугIлъи гьабулеб буго гьелъие. Салатгеревасда ва «Кавказский Узелалда» цадахъго дунги жавабчилъиялде цIалей йикIарайанигицин бичIчIилаан дида. Гьезие къваригIун буго дир хIалтIуе квал-квалал гьаризе, гьединлъидал дун жавабчилъиялде цIазейилан лъугьун руго гьел».

Гьединго Сапиятица абулеб буго жибго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ диваналде кьураб гIарзагицин мекъи хъван бугилан. Гьениб абулеб бугила жиндица жанисел ишазул министерство хIакъир гьабулел рагIаби абун ругилан. Гьеб гIадалаб жо бугин абулеб буго адвокаталъ щай гурелъул министерлъиялъул къадру-къимат хвезабуларила, жиндица гьезул минайищила инжит гьабун бугеб. Къадру-къимат хвезабурал гIадамазул цIарал хъван рукIине кколила гIарзалда, гьенийин абуни киса-кибего министерлъиян хъван ругони, цIарал реххсараб бакIго гьечIилан.

Гьеб цебехун рехсараб гIарзаялда тIасан баян тIалаб гьабун «Эркенлъи» радиоялъ республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъгун бухьен гьабуна. Гьелъун нухмалъулей ГIубайдатова Фатинаца лъазабуна кинабгIаги баян гIарзаядда хъван бугила, тIокIаб тIаде кинаб букIаниги информация жидеца кьолеб гьечIилан.

XS
SM
MD
LG