МагъчIваялъе рес

ЧIамучIаб цIех-рех - жаваб щвечIеб суал


Шималияб Кавказалдаса журналистал чIваялъул цIех-рех халат бахъунеб бугин, гьеб дурго жавабчилъиялда гъорлъе босеян гьарана президент Путинида, инсанасул ихтияразул рахъалъ мажлисалъул вакил Максим Швеченкоца. Кьезе бугиш гьелъ пайда ва кин тIобитIизе кколеб журналистал чIваялъул цIех-рехилан абурал суалазда тIасан, батIи-батIиял эксперталгун гара-чIвари гьабуна нижеца

Гьал къоязда инсанасул ихтияразул рахъалъ мажлисалъулгун Россиялъул президентасул букIараб дандчIваялда гьелъул вакил Максим Шевченкоца цоги нухалъ ракIалде щвезабуна Владимир Путинида Шималияб Кавказалдаса журналистал чIваялъул цIех-рех гIодобе биччан унеб букIиналъул.

ЛъагIелалъ цебе дица дудехун гьелъул бицен гьабун букIанилан абуна Максим Шевченкоца президентасда, амма гьелдаса нахъе гьабураб хIалтIицин гьечIин. ХIатта гьел журналистазда гьоркьоса лъабгоязул цIех-рехин абуни тIубанго чIезе тун бугин.

Гьел ккола Дагъистаналъул президентасул пресс-хъулухъалъул вукIарав нухмалъулев Гьарун Къурбановги, Дагъистаналъул инфомациялъулгун миллияб политикаялъул вукIарав нухмалъулев Загир Аруховги, «Новое Дело» газеталъул вукIарав мухбир АхIмаднаби АхIмаднабиевги.

Шевченкоца гьарулеб буго гьел чIвай-хъвеязда тIасан рагьараб такъсир гьабиялъул иш Улкаялъул ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъухъе кьун, гьединго журналистал чIвай ва гьезул гIумруялде квер борхи жамгIияталъего кIвар бугев чиясде квер борхиялда бащалъизабеян.

«Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабурал гIадамазул цонигиязул хьул гьечIо кIиабилеб нухалдаги президент Путинида гьараниги гьеб ишалда жаниб лъалеб цебетIей лъугьинилан. Мисалалъе «Черновик» газеталъул мухбир МухIамад МухIамадовасда гьадин бихьулеб буго журналистал чIваялъул иш хадуб бехъерхъиялъе гIилла.

МухIамад МухIамадов: «Бищун кIудияб гIиллалъун гьениб буго цIех-рехалъул идарабазда жанив политикияб кIваралъул чIвай-хъвеял рагIа-ракьанде щвезаризе бокьарав цониги чи гьечIолъи. Цо лъилалиго тIадкъялда рекъон гьарурал чIвай-хъвеязда жанив кидаго вукIуна цо кинав вугониги кIудияб ишалъул хIаким.

Гьединлъидал цIех-рех чагIазухъ киналго баяналги далилаги рукIаниги гьеб чIвай-хъвеялъул хIакъалъулъ, гьеб рагьизе гьезул гъира свинабула батIи-батIиял хIужабаз. ТIоцебесеб иргаялда гьезул жидерго букIунаро божи цIех-рех рагIалде бахъинегIан живгоцин чIаго хутIилин абураб жоялда. Гьединлъидал цIех-рехчагIазул жигар бахъилин гьеб иш рагIалде бахъинибазиеян абураб жоялда божи гIададисеб жо буго.

Гьединабго гьари Максим Шевчекоца Путиниде гьабуна букIана лъабго соналъ цебе ХIажимурад Камалов чIвараб мехалъго. Шевченкоца абулеб букIана гьеб иш федералияб даражаялъул цIех-рехалде бачеян. Дида ккола гьаб нухалъниги гьелда гъорлъе бакIалъулаб цIех-рехчагIи гурел, Пятигорскиялдаcа гьединго, Москваялдаса махщел бугел хIалтIухъаби гъорлъе рачани хIасил букIинилан. Гурого бакIалъулал хIалтIухъабаз гьабураб хIалтIуде гIей гьабун чIанани гьелъ кьезе жо гьечIо».

ЖамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиеваги абулеб буго хас гьабун Путнида гьеб ишалде кIвар кьеян гьарунилан гьелдаса бугеб пайда жинда бихьуларилан.

ГIисалмухIамад Набиев: «Цере рукIарал цIех-рехчагIаз хвезабураб кинабго материал, цIех-рех рагIалде бахъунареб къагIидаялъ ургъунго гьабураб хIалтIи гьанже цIигьабизе кIвелин абураб жоялда дун божуларо. Щай абуни цо нухалъги президентасда гьарун букIараб мехалъ кIиабизеги гьесда гьарунилан мехалъ рагIалде бахъиниланиш?

Чан цIех-рехчи хисун ватилев, чан хIужа тIагIинабун батилеб. БачIинахъего гьеб иш Шималияб Кавказалъул цIех-рехчагIазухъе, гьеб ишалда жаниб хасаб интерес гьечIел чагIазухъе кьун букIарабани хIасил ккелаан букIараб».

Дагъистаналдаса журналист АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваялъул ишалъул цIех рех халат гьаби тIалаб гьабун букIана, араб соналъул сентябралда Цолъалараб миллатазул гIуцIиялъул данделъиялда халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб «Артикль-19» абураб идараялъги.

Гьезул баяназда рекъон 10 соналда жаниб дунялалда чIван вуго 500 журналист. Россиялъул журналистазул цолъиялъул баяназда рекъон ахираб къого соналда жаниб Россиялда чIван вуго 351 журналист. Гьезул гIемерисезул цIех-рех букIине кколеб хIалалъ гьабулеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG