МагъчIваялъе рес

ГI. Кебеков восана халкъаздагьоркьосел террористазул сияхIалде


Америкаялъул пачалихъияб департаменталъ хIукму гьабун буго «Имарат Кавказа» абулеб экстремистияб къокъаялъул нухмалъулев Кебеков ГIалиасхIаб халкъазда гьоркьосел террористазул сияхIалде восизе. «Эркенлъи» радиоялъулгун букIара гара-чIвариялда Дагъистаналдаса журналист ва политолог МухIамадов МухIамадица Кебеков гьеб сияхIалде восиялъ кинаб букIаниги хиса-баси лъугьинабуларин, гьев гьадингоги интерполалъ цIех-рехалде лъазавурав чи вугилан лъазабулеб буго.

Халкъазда гьоркьосел террористазул сияхIалде восун хадуб Кебеков ГIалиасхIабилгун кинал рукIаниги гьоркьолъаби гьаризе гьукъун буго Америкаялъ жиндирго гражданазе. Кебеков Имарат Кавказалъул нухмалъуде вачIун лъагIелгIан мех ана. Гьесдаса цебе экстремистияб къокъаялъе бетIерлъи гьабулев вукIана чачанав Доку ГIумаров.

Кебеков гьеб сияхIалде восиялъул гIиллабазул цояблъун бихьизабун буго Америкаялъ гьес «Имарат Кавказа» «Аль-Каидаялъе» мукIурлъулеб бугин интернеталдасан лъазаби. Гьединго гьесул буюриялда рекъон чIванин Дагъистаналдаса СагIид Афандийиланги лъазабулеб буго цолъарал штатазул департаменталъ.

Дагъистаналдаса журналист ва политолог МухIамадов МухIамадица рикIкIунеб буго Америкаялъ Кебеков цебехун рехасараб сияхIалде восиялъ тIаде батIияб жо щибниги кьезе гьечIилан. Журналистас бицухъе Кебеков интерполалъ халкъазда гьоркьосеб цIех-рехалде лъазавун вуго, гьединлъидал кинаб улкаялда ватаниги, кквезе щваниги гьев терорист хIисабалда, тамихIалде цIазе ккола ва Россиялъул хасал идарабазухъе кьезе ккола. Гьединлъида тIадеги гьесде данде Америкаялъ кинал рукIаниги санкциял лъазариялъ батIияб жо щибниги хисизабизе гьечIо.

Гьединго МухIамадовас абуна ахираб заманалда Имарат Кавказалъул иш нахъе кколеб бугила, гьезул къуват лъугIун ине бугин абизе бегьулилан.

МухIамадов МухIамад: «Имарат Кавказалъул иш нахъеккеялъе гIиллалъун буго ИГИЛалда хадур унезул къадар цIикIкIунеб букIин. Гьаб сагIат имараталъул иш квеш ине буго гьезул кьеразулъ ругел, гьезул идеологиялъул рахъ кколел гIадамал дагьлъун ва дагьлъулел рукIиналъ. Ахираб соналъ экстремистазул кьеразулъ ИГИЛ кутакалда машгьурлъулеб букIиналъ Кавказалдаса гIемерав чи гьелгун цадахъ вагъизе ун вуго. Дагъистаналда къуваталъул идарабаз изну гьечIого яргъидгIуцIаразде данде къеркьей цIикIкIинабиялъги Кебековасул къокъаялъул чIаголъи хвезабулеб буго. 2007, 2008, 2010 -12 саназ гьезул букIараб гIадаб жигараб багъа-бачари гьечIеблъи бихьулеб буго».

Гьединго МухIамадов МухIамад рази гьечIо цо-цо экспертаз гъоркьисала сон Дагъистаналда цIакъго гIодобе биччараб букIанин абиялдаги. Гьес лъазабулеб буго гъоркьисала чIахIи-чIахIиял террактал гьаричIониги, цересел саназде дандеккун дагьаб гIодойбиччараблъун букIаниги, Дагъистаналда изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун рагъ-кьал гьоркьоса къотIунго букIинчIин. Гьелъул хIасилалда, республикаялъул жанисел ишазул министрас кьурал баяназда рекъон 2014 соналъ, 161 экстремист чIван вугилан. Гьединго гIезегIан рукIанила низам цIунулезде тIадекIанцIиял гьариялъул хIужжабиги, гьезул хIасилалда 103 къуваталъул идарабазул хIалтIухъан чIван вугилан. Терроризмалде дандечIарал низамалги лъазабичIеб заманго гIемер букIинчIила республикаялда, цебе-цебе киданиги гьеб лъазабун букIинчIеб гIадал мухъалгицин кканила гьезда гьоркьорейинги абун, Хунзахъ мухъалъул мисал бачана экспертас. Амма гьеб гъоркьисала букIараб дагьабниги гIодойбиччай исана Дагъистаналда букIинчIого букIине бегьулиланги рикIкIунеб гьес.

МухIамадов МухIамад: «Гьаб сагIат цIакъго хеккого буго исана сон Дагъистаналда кинаб букIинебали абизе. Гъоркьисалалде дандеккун исана терризмалъулаб багъа-бачари гьаниб цIикIкIинеги бегьула, щай гурелъул хасал идарабаз лъазабулеб буго ИГИЛалда рагъулел рукIарал Дагъистаниял тIад руссине бегьулин абурал баянал ругилан. Хас гьабун гьелъие гIоло лъазабун буго Буйнакскалдаги Хасавюрталдаги цойгидал мухъаздаги терроризмалде данде чIараб низам. Гьел тIад руссун рачIаразда хадуб халкквеялъе ва гьел тIатинариялъе гьабулеб хIалтIи буго гьеб низам цIунулез».

Гьединго журналист МухIамадов МухIамадица рикIкIунеб буго экстремистиял къокъабазул чIаголъи дайги цIакъ дагьлъизе ккани гьезулгун къеркьей къуваталъулал ва гражданиял къагIидабиги цадахъ хIалтIизарун гьабизе кколилан. Гьаб сагIат къуваталъулал къагIидаби цIакъго цIикIкIун хIалтIизарулел ругила, гьелъ гражданиял идарабазе экстремизмалде данде хIалтIи гьабиялъе кIудияб санагIалъибахъи, гьабулеб бугила.

Гьелъие нугIлъи гьабулила жанисел ишазул идарабаз цохIо гъоркьисала вагьабиял хIисабалда хасаб сияхIалде 6 азаргогIан чи восун вукIиналъ. Гьеб сияхIалде гIадамал букIине кколедухъ хIалтIиги гьабун, унго унгоги вугищ гьев чи экстремистазул рахъкколев чийилаги тIатинабун гьабуларила. Вагьабиязулин рикIкIунел мажгитаздеги рачIун бокьараб мехалда рачун гьениса цере ккарал гIадамалгун, гьезул килщазул расеналги, сураталги рахъун, гIадамал инжит гьарулеб къагIидаялъ хIалтIулила хасал идараби. Гьез гIадамал дагьалги цIакъ гьезде данде чIолел ругила, гьезул хъачIаб ва лъавукъаб хIалтIуца гражданиял идарабазе квалквал гьабулеб бугила гIадамазда гьоркьоб букIине кколеб бичIчIикьеялъул хIалтIи гьабизе.

XS
SM
MD
LG