МагъчIваялъе рес

Пачалихъияб Думаялда унел руго "Дагъистаналъул къоял"


21 октябралдаса Москваялда унел руго «Россиялъул Пачалихъияб Думаялда Дагъистаналъул къоял» церерахъин. Гьелъие бетIерлъи гьабулеб буго республикаялъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница. Гъоркьияб Палатаялъул Парламенталда рагьун буго «ГIемермиллатазулаб Дагъистан» абураб выставка, рихьизаризе руго Дагъистаналъул махщелчагIаз гьарурал батIи-батIиял тIагIел-алатал. Амма республикаялда халат бахъунеб бугеб криминалияб ахIвал-хIалалъул ва гIадамазул гIузрабазул Дагъистаналъул нухмалъулес гьениб бицен гьабичIо.

Пачалихъияб Думаялда «Дагъистаналъул къоял» абураб церерахъиналда кIалъалаго ГIабдулатIипов Рамазаница абуна жидеда ракIалда бугин Дагъистаналъул экономикаялда жанир росарал бергьенлъабазул бицине. Бицана жив нухмалъуде вачIараб кIиго соналда жаниб экономикияб цебетIеялъул ва промышленносталъул бутIаялда рихьизарурал хIасилазул рахъалъ цогидал регионазда гьоркьоб цебесеб бакIалде бачIине кIванин Дагъистаналдаян. Магъало бакIариялъул къадарги цIикIкIинабизе кIванин. МугIрузул мухъазда пихъ ва цIолбохъанлъи цебетIезабизеги байбихьанин. Гьединго бакIалъул нухмалъиялда гьарурал хиса-басиязулги бицана Рамазан ГIабдулатIиповас. КъогогIан мухъалда нухмалъулел хисанилан.

Амма республикаялда криминалияб ахIвал-хIал хIалуцун букIиналъул, чIвай-хъвеял гьоркьор къотIулел гьечIолъиялъул Дагъистаналъул нухмалъулес Пачалихъияб Думаялъул депутатазе бицинчIо. Мисалъе босани Унсоколо мухъалда 18 сентябралдаса нахъе халат бахъунеб буго изну гьечIого яргъид гIуцIаразда данде къуваталъул идарабаз лъазабураб низам. Изну гьечIого яргъид гIуцIарал жанир ратараб, Временное абураб росулъа нахъе къотIараб халкъ жакъа къоялъги жидерго рокъоре нахъруссун гьечIо. Гьез гIарз гьабулеб буго жидее кванил рахъалъги ва хинаб ретIел-хьиталъул рахъалъги къварилъи букIиналъул. Гьел жанир гIумру гьабун рукIараб росу зазил кварица сверун къан буго аскарияз. Гьединго республикаялъул цогидал шагьараздагун мухъалдаги рукIана чIвай-хъвеялги, инсанасул ихтиярал хвезариялъулги хIужаби.

Пачалихъияб Думаялда унел «Дагъистаналъул къоязда» хас гьабун гьеб хIужаялъул хIакъалъулъ бицине рекъараб гьечIониги. ГIабдулатIиповасда тIадаб букIанин гьеб суал гьениб борхизейилан рикIкIунеб буго «Черновик» газеталдаса МухIамад МухIамадовас.

МухIамад МухIамадов: «Дир пикруялда Рамазан ГIабдулатIиповас жаваб тIалаб гьабизе кколан гьел суалазе. Мисалалъе босилин Временное росулъ бугеб ахIвал-хIал. Гьениб хасаб операция тIобитIулелдаса моцIги хадубги буго. Гьелде тIадеги жакъа лъана хабар Генуб росулъги «Контртерроралъулаб низам» лъазабун бугилан. БичIчIизе захIматаб ахIвал-хIал лъугьун буго гьеб мухъалда. Гьенибе бухьен гьабизе кIолеб гьечIо я гIадатияб халкъалда, я республикаялъул нухмалъиялда. Гьениб кинабго кодобе босун буго федералиял аскарияз. Гьединго бичIчIулеб гьечIо цогидаб хIужаги. Дица бицунеб буго араб соналда Генуб росдал жамагIаталъги республикаялъул нухмалъиялъги гьабун букIараб къотIи-къаялъул. Гьеб къотIи-къаялда рекъон кIиябго рахъалъ рагIи кьун букIана гьеб мухъалда парахалъи цIунизе, республикаялъул нухмалъиялъги абун букIана багьана гьечIого ансадерил жамагIаталъул рахIат хвезабизе гьечIилан. Жакъа абуни тIубанго батIиб сурат буго гьеб мухъалда. Гьоркьоса къотIи гьечIого гIадамазул рахъалдаса ругел гIузрабазул ва федералиял къуватаз гьениб гьабулеб бугеб гIорхъолъан араб пасалъиялъул бицунеб буго информ. алатаз жиб-жиб къоялъ. Гьединлъидал Рамазан ГIабдулатIиповасда тIадаб букIана парламенталда рагьун цевеги вахъун федералиял аскарияз Унсоколо мухъалда гьабулеб бугеб гъалмагъиралъул хIакъалъулъ улкаялъул нухмалъиялдаса магIна бугеб жаваб тIалаб гьабизе».

ГьанжелъагIан гьабураб хIалтIул хIасилазул бицунаго Дагъистаналъул нухмалъулес абуна тIурачIого хутIарал масъалаби гIемерал ругин. Совет хIукумат биххаралдаса нахъе тIатIала ккараб магIишатиял бутIаби цIидахъан хIалтIизаризе ккун ругин. Гьедин республика социалиябгун-экономикияб рахъалъ цебетIеялъе тIубан батIияб программа хIажат бугилан ва гьелъие президент Путинил кумекги хIажат бугилан абуна республикаялъул нухмалъулес.

Амма Россиялъул халкъияб магIишаталъул академиялъул гIелмияв хIалтIухъан Казенин Константиница рикIкIунеб буго гьабсагIаталда бугеб магIишаталъул потенциялиб рахъги цIунун гьабизе кколин ГIабдулатIиповас хIалтIи. Гьелъие абуни коррупциялдаса бацIцIад гьабизе кколин Дагъистаналъул экономика.

Константин Казенин: «Дагъистаналъул финансалъулаб сурсат щула гьабизе ккани рагIдукьа нахъе бачахъизе ккола республикаялъул экономикаялъул буголъи. Дагъистаналъул росдал магIишаталъул бутIаялдаги тIадагьаб прмышленносаталдаги руго гIемерал хIалтIулел бутIаби, амма гьеликналго россиялъул ихтияразул бербалагьиялдаса рорчIун руго. Щайгурелъул бакIалъул хIакимзабазул мурад гьечIо гьел рукIине кколеб низамалда хIалтIи. Гьеб суал роцIинабуни ва гьел киналго магIишаталъул бутIабиги къануналда рекъон хIалтIизе лъугьани цIикIкIинабизе бегьула магъалабазул кадар ва Дагъистанги дотациялъулаб регион гуреб жибго хьихьун бажарулеб республикалъун лъугьине буго».

Пачалихъияб Думаялда Дагъистаналъул къоял халат рахъине руго жеги кIигоги къоялъ, 24 октябралда лъагIан.

XS
SM
MD
LG