МагъчIваялъе рес

Чабхъенал: мегIер бахун доб рахъалдаса бербалагьи


КватIичIого басмаялда бахъизе буго цересел гIасрабазда Гуржиялъе чабхъад рахъунел рукIарал дагъистаниязул хIакъалъулъ гуржияз хъвараб гIелмияб макъала. Гьелъул авторал ккола Кавказ лъазабиялъул рахъалъ Тбилисиялъул пачалихъияб университеталда цебе рагьараб институталъул директор Цира Барамидзеги гьелъул бетIергьанчи, гьебго институталъул профессор Сардион Зеделашвилиги.

Чабхъад рахъарал дагъистанияз Гуржиялъа бачIараб давлаялда гъорлъ букIунаан къиматаб къайи-цIа гуребги, хIатта гьезул лъималги гIолохъан руччабигицин. Гьедин гьел лъималгун гIолил ясал, Дагъистаналдеги рачIун, гуржияз ричун росулаан. Амма росизе рес гьечIез гьел дагъистаниязухъго толаан. Гьедин гуржиязулъа лъугьарал наслаби руго гьабсагIаталда Дагъистаналда. Хъузхъулин абула гьезда. Гьеб ккола магIарулаз некIо Гуржиялда абулеб букIараб цIаралдасан бачIараб жо – Хъизихъ.

Хъизихъалде чабхъенал гьарулаан Сарир пачалихъалъул хан КIудияв ГIумаханидаса, имам Шамилидаса байбихьун дагьалниги цIар бугелщинал магIарул церехъабаз. Гьедин Къарби гIурухъа рикIкIад гьечIого бараб некIсияб хъала буго ГьерекIли КIиабилес. Ниахурисцхили – Ниахуралъул хъала. Чабхъадулал тIаде кIанцIидал жиндирго кулпат бакIарулеб букIун буго гьес гьениб жанибе. Гьедин цо нухалда КIудияв ГIумаханасулгун Къарби гIурухъ ккараб рагъулъ гуржи-ханасе кумекалда рукIун руго гIурусазул аскаралги.

Гьелъул хIакъалъулъ гьадинаб баян кьолеб буго тарихчи Маркъо ШагIбановас.

Маркъо ШагIбанов: «Доб мехалъ лъукъана чода тIад вукIарав КIудияв ГIумахан. Сачма кьвагьун бачIун, мачIчIалда щун буго гьесда. Амма гIурусаз хъвавухъе, гьеб ругънадаса хварав чи гуро гъов. МагIарулал рачIун рукIана гьал цере ругел мугIрузда нахъасан. Сагареджо абураб шагьар буго гьезда цебе, гьенисан буго нух Типлисалдеги. Гьеб кIиябго шагьаралде кIанцIизе хIадурулел рукIарал гъол Къарби гIор тун цояб рахъалда чIана. Цогидаб рахъалда рукIана гIурус аскаралги (гуржиязе хIалае рахъарал - авт.). Гьел рихьидал, ГIумаханица буюрухъ кьезегIанго чIечIого, магIарулал гьеза тIаде кIанцIизе лъугьана. Амма цо-цо гIурус тарихчагIаз хъвалеб буго гIурусалгун гуржиял магIарулазде тIаде кIанцIанилан. Гьеб мекъи буго. ГIаксалда букIана гьеб. ГIурусазул гIарадабиги рагъулаб цогидаб техникаги букIинчIебани, гъол къолеблъи хIакъаб жо букIана».

Гьенисан магIарул аскарал чанго километралъ гурони рикIкIад гьечIеб Билкан шагьаралдехун уна.

Чабхъадулазул хIакъалъулъ гьарурал халкъиял кучIдулги руго магIарулазул. Масала, гьезул цоялда абулеб буго гьадинан:

Оноге ЦIоралде, цIумур бараб хIинчI,

Мун ЦIоралде ани, цIоролин керен.

Бахунге Алазан, гIангис буртина,

Алазан бахарал нахъруссунарин.

ГьабсагIаталда магIарулаз гIумру гьабулеб Сарусо росдада дандбитIун буго Ахалсопели росу. Гьенибе Дагъистаналдаса тумазул хан Сурхайица гьабураб чабхъадул гьадин бицунеб буго тарихчи Маркъо ШагIбановас.

Маркъо ШагIбанов: «МагIарулаз Шорохъги абула, Хъаладухъ гIоринги абула (Ахалсопелиялда гъоркьехун чваххулеб гIор – авт.). Гьелда тIадехун буго Ахалсопели. Борда лъарагI абун хасало рачIун чIолеб росу букIана магIарулазул гьениб. Нахъа гьениб Гавази абураб росуги букIана. 1730 соналъ тумазул Сурхай-ханги вачIун гьеб росу бухIана, цинги таманаб халкъ лагъзал хIисабалда бачун ана Гъумекибеги Кура мухъалдеги. Гьезул цогидаб бутIа гочана, магIарулал (дагъистаниял) дагь щолеб мухъин абун, Алазаналдехун. Гьадабго заманалда – 1730 соналда – гуржиязул ханзабазулгун къотIи-къайги гьабун гьанир чIана магIарулал. Квачараб мехалъ гьенир рукIун, хутIараб мехалда (дунял хинлъидал) магIарухъе рахъунаан гьел. Нахъа, гIурусал гьанире рачIиндал, 1852 соналда гьаниб лъугьана Ахалсопели росу. Гуржи мацIалдаса гьеб буссинабула ЦIияб росу абун».

Гьанив цевехун рехсарав профессор Сардион Зеделашвилица ЭР-ялъе бицана гьел чабхъенал гуржиязе гьедигIан кIудияб балагьлъун рукIинчIин. Гуржиязе къварилъи цойги хIужаялъ гьабунилан.

Сардион Зеделашвили: «Нужедаги гIезегIан лъикI лъалеб батиларищха доб заманалда Кавказалдего сири базабулел Авар Нуцалазулги гьезулго ракьцоязулги хIакъалъулъ. Дие, битIараб бицани, бокьуларо гьеб заман. Амма Гуржиялъе гьеб кутакаб балагь, къварилъи букIанин абиларо дица. Гьелдасаги кIудияб балагьал рещтIун рукIана монголал, гIарабал тIаде кIанцIидал, гьединго турказ гуржияхъа умумузул ракьал рахъидал (гьанжеги гьезухъ руго гьел). КIудияб къварилъиян рикIкIине бегьула гIурусаз гуржиязе гьабураб оккупацияги. 1801 соналда Россиялъ Гуржия махIрум гьабуна пачалихъалъул даражаялдаса. Георгийил къотIи-къаялда рекъон, Россиялъ Гуржиялъе кумек гьабизе кколаан Ираналдаги Туркиялдаги данде рагъизе. Амма гьеб къотIи тIубазабичIо Россиялъ. Гьединго пачалихъ хIисабалда жиндаго жаниб нухмалъи гьабизе биччачIо Россиялъ Гуржиялъе. Гьеле гьеб букIана нижее кIудияб къварилъилъун. ЛекIианоба (чабхъенал) гьабулеб букIана Ираналъул тIадкъаялда рекъон, ялъуни гьез гьусун. Пачалихъ хIисабалда Гуржия биххизабизе къваригIун гьарулел рукIинчIо магIарулаз гьел чабхъенал, мал-мулкалъе гIоло гьарулел рукIана».

Сардион Зеделашвилица гьединго тIаде жубана жиндир кIудияв эмен цеве гIемер унаанин гIиял рича-хисизе Дагъистаналде. Гьедин магIарулалгун ракълида рукIайин, гьел кутакалда лъикIал гIадамал ругин жидеде гьес гьабураб васиятги бугила.

XS
SM
MD
LG