МагъчIваялъе рес

"Хварал рухIазул" дарам ва лъайкьеялъулъ чичиковал


Н. Гоголил "Мертвые души" абураб роман-поэмаялда Чичиковас ричун росулел рукIарал хваразул рухIазда релъана нилъ школалда. Релъана нилъ гьелда советияб пачалихъалъул тарбиялда гIурал рукIун, рацIцIадал гIадамал къадруялда, ссиялда ругеб заманаялъ гьеб асар цIалулеб букIиналъ.

Доб пачалихъалъул азарго гIунгутIи букIун батаниги тIад калам гьечIеб цо тIокIлъи букIана - тарбия кьей. Тарбия кьолеб букIана лъималазул ахикьа бахъараб тIадегIанаб цIалул идарабзде щун. Гьеле гьеб тарбиялъ релъизе тIамуна нилъ хваразул рухIал помещиказухъа ричун росизе хьвадулев вукIарав Чичиковасда тIад. Щай гьес хваразул рухIал росулел рукIарал? Помещикасул гIемерал рухIал ругеб мехалда гьесие рухIазда рекъон кьолаан ракьал ва гьединго Новороссиялде рекьарухъаби гочинарун кьолаан дотациял.

ГЬелъ вахъана Чичиков "рухIазда" хадув. Бугодай жакъа школалъул программаялда довго Гогольги, "Мертвые души" асарги? Нагагь батани, мугIалимасда цебе гIезегIан захIматаб масъала буго лъималазда рухIал ричун росун хайир балагьизе вахъарав Чичиков сурун вихьизави. Щай гурелъул, жакъасеб росдал колохъа Кремлиялъул гьундухъе щун гьересикагътаца, ришваталъ ва кьолеб босулелъ ккураб улкаялда Чичиков сурун вихьизави захIматаб масъала буго. ГIемерисел цIалдохъабазе гьев вуго герой, ай иш лъалев ва цеветIурав чи.

Дихъе щвараб иснайдеразул информациялда рекъон гьаб цо ЕГЭ абураб жоялъ нахъойги раккизарун рагIула гъоркьгоги дагь рукIинчIел чичиковал Дагъистаналда. Кинаб бугеб ЕГЭялдаги Чичиковасдаги гьоркьоб бухьен? Гоголил Чичиковас ракьул бутIа щвезе ва дотациязе гIоло ралагьулел рукIун ратани "хварал рухIал", нилъер заманалъул чичиковаз бюджеталъул гIарцуе, гьечIел рухIазе бачIунеб харжие ва гьечIел студентазе биччалеб стипендиялъе гIоло гьабулеб буго гьебго.

Масала, цересел соназда ришватазухъ кIудиял баллазул ЕГЭялги ричун росун эркенго тIадегIанал цIалул идарабазде росулел рукIана ункъгоялде гIагараун процент абитуриентал. ГIемер машгьурал гурел цIалул идарабазул факультеталги, техникумал ва улищабиги хутIана студентал гьечIого. Гьенирин абуни руго пачалихъалъул къайимлъиялда - мугIалимазе кьолел харжал, студентазе ричалел стипендияби, материалияб кумек, общежитиял, социалияб гIарац, льготаби ва анцI-анцI цогидал санагIалъаби.

Щибха гьабулеб бугеб лъимал гьечIого хутIараб цIалул идараялъул ректорас, яги директорас? Унев вуго Чичиковго гIадин "хварал рухIал" ричун росизе, цIалул идара цIуниялъул мурадалда. Гьел ратичIеб мехалда 18 соналдаса рахъарал 60 соналде щвезегIан жиндир гIага-божарал, росу, районцоял "росулел" руго цIализе хъван цIаралгун. Гьезул 80 процент рачIинецин рачIунаро цIалуде, хъвала гьезул цIарал ругел гIадин. Босула "хваразул рухIазе" биччараб стипендия, цIунула гьелго рухIазе дарсал кьеялъухъ риччарал харжал, гIуцIула кIиго батIияб бухгалтерия.

ХIасил калам, чанго соналдаса рокъов кьижарав бахIарчиясе жинда кавуцин бихьичIеб ВУЗалъул дипломги кьола, чIобогояб цIалул идараялъе пачалихъалъ биччараб гIарацги михъикье бачула. Щибха гьабизе кколеб гьаб ахIвал-хIалалдаса улка борчIизе? Хасго жакъа финансовияб ва экономикияб кризисалъ щекъер ккураб мехалда? РачIине ккола кIванагIан хехго гIарац кьун лъай босулеб къагIидаялде, кинабго дунялалда гIадин.

Пачалихъ нахъе ине ккола лъайкьеялдаса. Пачалихъ бугеб щинаб бакIалда раккулел руго чичиковалги, гьересихIисабалги, ришваталги, бикъулеб гIарацги. Хасав чи бетIергьанаб гурони цIалул идара гьечIони хIажатас гурони гIарац кьун лъайги босиларо. Идараялъул хважаинас студентал гьечIел факультеталги хьихьиларо. КъватIиреги риччала гIицIго къварегIараб къадар ва хIажатал махщелчагIи.

Гьединаб лъайкьеялъул къагIидаялде рачIине гIарац киб бугеб абун суал батани, гьеб бугеб ва унеб бакI нилъеда бихьулеб ва лъалеб буго. Гьеб буго чичиковазул чунтбухъгун гъансахъ, лъайкьеялъул минитсерствоялда, РУНОязда, ОНОязда, школазда, интернатазда, ясли-ахазда, ай киналго пачалихъ гуккулеб халкъ бугеб щинаб бакIалда. Гьениса Гьеб мехалда лъайкьеялъулъ конкуренцияги баккила, чичиковалги лъугIила. БатIияб нух нилъей хутIун бихьуларо. Хабар лъикIаб рагIайги.

------------------------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG