МагъчIваялъе рес

Кире нилъ рачунел ругел гьакица?


Дунялалда, хасго Россиялда ахираб заманалда унел лъугьа-бахъинаца Дагъистанги гьаниб лъугьа-бахъунеб жоги нахъисеб кьерде инабуна.

Жакъа дуниял кIудиял, хIатта пачалихъазул ва халкъазул тарих хисизабулел лъугьа-бахъиназда цебе эхетун букIин бихьулеб буго. Россиялъул къватIисеб дуниялалдеги, дунялалъул Россиялдеги бугеб бербалагьи ва гьоркьорлъаби къо бахъанагIан батIи-батIиял лъугьунел руго. Лъида цебе тIамизе кIолеб букIараб моцIалъ цебеги нилъгун гьудулъиялда букIараб Турциялъ нилъер самолет бортизабилин? Лъида цебе тIамулеб букIараб нилъее гьукъилин Египеталде роржине, гьениса нахъе аза-азар туристал ахIилин ва гьенире роржине гьукъилин.

Самолет кьвагьизабун хварал 224 чиясулни бицинарин. Нилъеда квешаб макьилъцин цебе тIамизе кIолароан тIубанго турказул къайялъе блокада лъелин ва нилъеца босараб гьезул къаялъул щибаб капек Россиялъул солдатазде кьвагьулел ракетабазухъ кьолеб гIарац бугин абурал хитIабал рукIинин.

ХIасил калам, къокъаб заманалда жанир нилъедаго лъачIого нилъ ратана тIубанго батIияб улкаялда. Нилъер цонигиясда кIоларо хадусеб моцIалда жаниб кинаб улка ва дунял букIине бугебали. ХIисаб гьабизе рес гьечIо я бизнесалъе, я цIалуе, я хIухьбахъиялъе. Россиялъул жакъа тушбаби раккун руго кIиго батIияб рахъалда - гIагараб машрикъалда, ИГИЛалда лъураб кьабиялъ бусурбаби, магърибалда - Крымгун Украина сабаблъун Европа.

Гьеб ахIвал-хIалалда Россиялъул президентасул рейтинг щибаб къоялъ бахунеб буго. Гьебги цо миллияб хаслъилъун тезе бегьула, къватIисан хIинкъи бугеб мехалда лидерасда сверухъ цолъи. Амма рахIат хвезабулеб буго нилъер улка цебе тIураб дунялалъул пачалихъаздаса къо бахъанагIан Шималияб Корреялда, Туркменистаналда, Азербайджаналда, ай жамгIияталъул пикруялдаса къуватаб квералъул нухмалъулев тIаса вищулеб нухде гIагарлъулеб букIин. АхIвал-хIал захIмалъулеб буго. Улкаялда финасовияб ва экономикияб кризисалъ кверщел гьабулеб буго. Иргадулаб лъагIалие бихьизабураб бюджеталда цебетIеялъул ва социалял программабазе биччалеб гIарац дагьлъун буго.

Бюджеталъул тIалабал тIуразеян хIукуматалъ халкъалъе щолеб жоялъе гIорхъичIвай гьабулеб буго. ГIаламалъул тIалабал цIикIкIине гурин аслияб килисаялъул кIудияв Кириллица халкъ ахIулеб буго намус-яхIалде ва рацIцIалъиялде. Гьебни батIаго жакъа гуребги улкаялъе хIажатаб жо буго, пайда щиб гьеб тIалъиялъе жинцаго гIаксалда гьабулеб буго кинабго.

Нилъеда лъалеб бакIалдаса Россиялда кидаго тIадчагIи рукIана халкъалъе мисаллъун гьеб рахъалъ, гьезда рекъон хIалтIула гIалам. Нилъ намусалъул нухде ахIулаго вагIза гьабизе лъикIан жиндир рукъ тункун баркаталъул цIеяв Кириллица улкаялда экономика гъоркье кканагIан рорхулел Роснефталъул ва Газпромалъул хIалтIухъабазул милионазул харжазде.

Пикру буссинабизе лъикIан Кирилл дацица, масала, Дагъистаналда цо лъимералъе моцIие кьолеб пособие I8 гъурущ бугеб мехалда 450 азаргоялдаса 850 азаргоялде рахинарурал Россиялъул парламенталъул депутатазул харжазде. Гьелги гIурхъи тун гIемераб бечелъиялда, транспорт, сахлъи-цIуни, машина, кабинет, курортазда бакI гIадал санагIалъабазда тIаде кьурал. КIвар буссинабуни лъикIан улкаялъул аслияв кашишас 100 гъурущ ришват полициялъуласе кьезе хIалбихьанин туснахъалда лъурав Бурятиялдаса мужикъасдеги, 1500 бриллиантазул баргъичал ратарай Евгения Васильевалъе кьураб амнистиялдеги.

Гьеб улка намусалде ахIулеб хитIаб гьабизе лъикIан гьес рукъ-рукъалде ун чиновниказе, депутатазе ва пачалихъалъул кверщел кодосел чагIазде. Нахъойги такрар гьабила Россия ва дунял кIудиял лъугьа-бахъиназда цебе эхетун руго. Кире нилъ гьелъ рачинел абураб суалалъе жавабги жеги батулеб гьечIо. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG