МагъчIваялъе рес

Гьонода гуребги хутIила дур цIар...


Араб рузман къоялъ ХIамзатовасул къотIноб М.Горькийил цIар кьураб гIурусазул театр тункун цIун букIана шагIир МухIамад АхIмадовасда баркизе бачIараб гIаламалъ.

Живго гIурус театралъул минаялъул цебесеб рахъги цIун букIана ахадаса тIараде щун бахъараб АхIмадовасул сураталъ. ГьедигIан кIудияб сурат къадада чIварав чи жеги Дагъистаналъул тарихалда вукIинчIин абизе бегьула. Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас юбилей гьабизе хасаб хIукумуги бахъана, юбилеялъул сордоги жинцаго бачунеб букIана.

МухIамад АхIмадовасда баркулел чагIаздаса ункъго чиясул букIана тIад калам гьечIеб, пасихIаб, гIенеккараз кIвар буссинабизе рекъараб кIалъайин абилаан дица. ТIоцевесев ккола гьедигIан тIадегIанаб даражаялда АхIмадовасул юбилей гьабиялъе жив сабаблъун ккарав Рамазан ГIабдулатIипов. У. Дун мекъи ккечIо. Рамазан ГIабдулатIипов, гьев вукIинчIевани нухмалъуда я поэзиялъул театр рагьулароан, я гьеб даражаялда АхIмадовасул юбилей тIобитIулароан. Гьаниб цо-цояз абила тIобитIизе АхIмадов викIинчIевани ... аслияб жо буго поэт вукIин абун.

АхIмадов гьечIони цогидасул тIобитIилаан, чан чиясда лъалеб щив хIакъикъияв поэт вугев, щив гьечIовали? ТIаде жоялъе жакъа нилъер халкъиялги халкъиял гурелги поэтазул къадар бащалъун бугеб мехалда. Гьеб даражаялда юбилей тIобитIи буго гIицIго Рамазанил хIукуму ва амруян абизе бегьула. Живго Рамазаница юбилеялъул сордо кутакалда махщалида, гIакъилабги, гIелмиябги, кепаб, гIенеккарал релъизарулебги калам жубан бачунеб букIана, чIамучIлъизабичIого.

Живго ГIабдулатIипов Москваялъул Хъвадарухъабазул Союзалде восарабго абуна: "Дица ункъмухъилал кучIдул хъварал рихьигун Расул ХIамзатовас абуна цо нухалъ, дидани мун саламатав серьезный чиян кколаан, мунги вагъарун вихьула кучIдул хъвазеян. Гьелдаса нахъе дица кучIдул тун руго. Нужеца дун нахъойги тIамулев вуго лъугьинчIел кучIдул хъвазе" - ян. Кутакалда лъикIаб кIалъай гьабуна жинцаго залалдаса рагIиги гьарун даргиязул хъвадарухъан МухIамадрасулица. Рехсана АхIмадовасул шигIруялъе гIоларел рахъалги, рачана лъикI лъугьарал бакIалги. Юбилеязда букIунеб цохIо рецц-бакъ гьабулеб гIадатги хвезабун гьес хIакъикъияб къимат кьуна творчествоялъе. Амма АхIмадовасда баркизе рачIарал гIемерал гьалбадерида гъорлъ бищунго гвангъараб, гIакъилаб ва гIенеккарал кверде росараб кIалъай букIана чачаназул хъвадарухъан Канта Ибрагьимовасул.

"Дагъистан буго некIсияб, бечедаб тарихалъул улка, шагIирзабазул, гIакъилзабазул, устарзабазул ракь. Нижер доба абула, Чачаналде бакъ Дагъистаналдаса баккулин. Гьениб кIудияб гъварилъи буго, нижер чачаназул ракьалде гIелмуги, маданиятги, динги бачIана Дагъистаналдаса. Жакъаги Дагъистан буго Кавказалда рухIияб центрлъун, гьелъие мисаллъунги вуго нужер президент Рамазан ГIабдулатIиповги, дунялалда гьаниб гурони гьечIеб шигIрияб театрги.

МухIамад АхIмадов гъваридав ва гьунар тIокIав поэт вуго. Нижер Союз гIемер ургъана щибдай гьесие сайигъат гьабилебин, ахирги лъана нижеда кинаб сайигъат лъикIаб букIунебали..." - янги абун дагьалъ вуцIцIун чIана ва чвантинив квалквадана гьобол. "Бищунго лъикIаб сайигъат букIун буго гIарац, гьале..." - янги абун АхIмадовасухъе конверт бегьана. Залалда хъуялда релъана ва варххиялда хъат чIвана.

РукIана хIукуматалъул, парламенталъул вакилзаби баркиял гьарулел ва гIемерал АхIмадовасул гьудулзаби Москваялдаса. ГIаммал рагIаби ва цоцада релълъарал рукIана баркиял. Ахиралда рагIи кьуна живго АхIмадовасе. ЦIалана гIурус ва авар мацIалда жиндир гIумруялъул ва творчествоялъул нухлул бицараб кечI. Абуна баркалаялъул рагIаби живго кIодо гьавун данделъиялде рачIаразде. КIалъай букIана магIнаяб ва лъикIаб. Ахиралда республикаялъул искусствоялъул хIаркатчагIаца лъикIаб концерт кьуна. ЦохIо Синдикъовас дагьабго программа хъвалисизабуна жиндир цIар абилелде аргъангун цеве вачIун, Жамалудиновалъ АхIмадовасулин ккун Бахумеседол кечIги ахIана.

Гьунар бугел гIадамал дагьал санагIат гьечIел, мекъдарулел рукIунелъул. ГIенеккаразе гьелъул кIудияб батIалъиго букIинчIо. Юбилеялъул сордо лъугIун рукъ-рукъалде унел гIадамазда хадув валагьун вукIана кIиго АхIмадов - цояв гIурус театралда цебе бугеб болъодул хIокIида эхетун, аскIосел чагIигун накъиталда. КIиабилев валагьун вукIана театралъул фасадалдаса тIубараб шагьаралъухъ. ВукIун лъикI гьенив АхIмадов.

Гьеб буго хутIараб Россиялда цебе Дагъистан гIелмуялъулги, маданияталъулги, шагIирзабазулги ватIан, Кавказалъул рухIияб центр бугин абураб пикру тасдикъ гьабулеб гIаламат. Гьеб гурищ нилъееги къварегIун букIараб? Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG