МагъчIваялъе рес

"Жеги къачIеб мажгит телариланищ?.."


Котровасул къотIноб бугеб салафиязул мажгиталда имам хиси гъалатIлъун рикIкIине бегьула лъил рахъалдаса гьеб гали батаниги. Киналго диназе, хIатта дин гьечIезецин ращадал ихтиярал кьолеб конституциялдаги, "диналъулъ хIалица дин гьабизе тIами" гьечIин абулеб Аллагьасул калам Къуръаналдаги данде кколареб жо гьаби цо хасал къокъабазул политикияб провокация гIадин бихьулеб буго.

ТIубанго гьелда ракI чIана киналго рахъаз тIад калам тун гIалимлъун рикIкIунев, сабурав, гIакъилав гIодов виччарав, кIудияб мажгиталъул имам МухIамадрасул СагIадуевасул калам рагIарабго. "Гьаб мажгиталда имам хисизе ккей рухIияб идараялъул пикру гуро. Гьединаб амру буго " тIасан". Дун гьанив вачIун вуго мажгиталда, Аллагьасул рукъалда кIулал рарал рихьизе бокьичIого, иш гьелде унеб букIун. МаслихIаталъул мурадалда..." - ян абулеб буго СагIадуевас.

Гьеле гьеб "тIасан" амру бачIанин абураб жоялъул гьабизе кколеб буго хIисаб. Республикаялъул бетIерас гьедигIан ургъичIеб амру кьезе рес гьечIо, щалха гьел "тIасан" амраби кьолел гIадамал? Москва? Москваялдаги батIи-батIиял ругелъул Шималияб Кавказалда нухмалъиялъул ва политикияб асаралъул централ. Къуваталъулзе щолищ гьединаб рес политикияб хIукму тIасан гьечIого гьанир ишал гьаризе? Салафиял мекъи ратани гьезул асар дагь гьабизе ккола гIелмуялдалъун, вагIзаялдалъун ва цогидал ракълилал сурсатаз, автоматаца ва БТРаз гурел. Россия жакъа цебе тIураб дуниялалда демократияб нухмалъиялъул пачалихълъунги хIан, I937 сон такрар габулебищ бугеб? Кин доб букIараб Расул ХIамзатовасул?

"...Жеги къачIеб мажгит телариланищ,

Къуръан цIалулезул цIарал хъвалелищ?

Мажгиталда жанир какал ралезул,

Калошал рикIкIунел жеги свакачIищ? - ин.

Рохьореги ун флешкабиги ритIулел, бандитлъиги гьабулел чагIазда рахIму гьабизе кколареблъи хIакъаб жо буго. Гьел руго намусалъулги, диналъулги, къануналъулги нухдасаги ун гIадамазда данде кьвагьдолел чагIи. Амма ургъичIеб, ахIмакъаб политикаялъ рохьоре гъолел ругин, диванал гьечIел къисасазги, рикъулел чагIацаги рачунел ругин гIолилал гьеб нухдеян абурабгиха бугеб пикру. Гьебги гIадада бижараб жо батиларо, рохьорги батIи-батIиял рукIинарищха гIадамал, хутIараб гIаламалда гъорлъго гIадин?

ХIасил калам, гIемераб ва халат бахъараб хIалтIудаса хадуб кIиго сонгIан заманаялъ лъугьун букIараб парахалъиялъе ахир лъезе бокьараб гIадаб жо халлъулеб буго. Гьалдолеб хьагида тIалъел лъурабго цо гьитIинабниги каратI тола жаниса хIухьелги ун гьалдей чучлъизе. Гьеб хIисаб букIанин абизе бегьула Котровасул къотIнобги, кибалиго Югалъулаб автостанциялъул рахъалдеги бугеб кIиго мажгит идараялда гъоркье унарел чагIахъ теялъ. Бугелъул хасаб социалияб ва динияб къокъа жидерго дин бичIчIиялъул кьучIалда цо бакIалда данделъулел.

Гьезул законалда ва пачалихъалда данде гьабулеб хIалтIи батичIони тезе ккола гьел Конституциялъ кьураб ихтияралда. Гьел чагIи гьениса хъамизе, ялъуни гьенирги идараялъул чагIи тIамизе гьабураб хIукмуялъ щибниги щвезе жо бихьуларо, легалияб ахIвал-хIалалдаса легалияб гуреб, ай балъгоял рукъзабахъ, подвалазда, чердаказда, авлахъазда ва рохьор какде гIадамал ритIи гурони. Щал жакъа нилъедехун кьвагьдолел чагIиян гьикъани, гьел руго 90 абилел соназда нилъер тарбиялдасаги, хъаравуллъиялдасаги арал лъимал, жакъа рохьоса нилъедехун кьвагьдолелин абун букIана диргун букIараб цо гара-чIвариялда Рамазан ГIабдулатIиповас.

Гьебго такрарлъилародай мажгиталдасаги махIрум гьарун рагъул ва къватIисел къуватазул къорикье, нухде реххун тарал гIолилаз жакъа? ТIаде жоялъе жакъа щибнги республикаялъул тIалъиялда рачIел гIиллабаз къо бахъанагIан цIикIкIунеб буго протесталъул ва дандечIеялъул потенциал. Гьелъие гIемерал гIиллабиги руго: ТIоцересел - политикиял ва кадровиял хиса-басиязул хIасилалда къватIир ккарал, бюджеталъул моцIудаса батIа гьабураб халкъ.

КIиабилел - коррупция ва криминалалда данде унеб къеркьеялъул хIасилалда жанир ккарал, улка тун арал ва гьезул гIагарлъи ва пикруцоязул аскар. Лъабабилел - социалияб ращаголъи гьечIолъи, хIалтIизе бакIал риларал гIадамал, полициялъул ва къуваталъулазул къурбанал, ихтиярал хвезарурал, риларал, рикъарал, араб бакI лъачIого тIагIарал ва гьезул гIагарлъи, Ротенбергил магъалабазда данде рахъарал нус-нус камазистал ва гьадинго тIалъиялдаса рази гьечIел аза-азар гIадамал.

-Ункъабилел - Рамазан ГIабдулатIиповасул политикиял дандиял, рищиязда къурал къезарурал ва тIаде рачIунел республикаялъул ва думаялъул рищиязул къеркьохъаби. Мандат щолездаса, гьеб щвезе бокьарал, щвечIого хутIарал ва гьезул аскар.

Гьеб ахIвал-хIалалда тIаде бачIунеб финансовияб кризис, къалел хIалтIул бакIал ва ургъунго къватIир гъурал гIадин мажгит биларал вагьабиялги лъикIалъе рукIинищха? Бащдаб лъагIелалъ цебецин тIубанго нумалъиялъул кверщаликь ва парахатаб хIал букIана, нахъойги карчелал цIикIкIунел руго ва гьурал хIалуцунел руго. ЦохIо хьул ва анищ лъезе жо хутIана штурвалалда нахъа гIемерсоназулаб нумалъиялъул хIалбихьи бугев гамихъан вукIин.

Миллияб политикаялъулги, диниялгун жамгIиял гьоркьорлъабазулги рахъалъ улкаялда рикIкIунев политикас цIунилин Дагъистан ва битIараб нухда бачилин. Амма гьава-бакъ расги лъикIаб гьечIоха... Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG