МагъчIваялъе рес

ГЭС балезул энергия харж "бахъиялде" буссун буго


АрбагI къоялъ ГьоцIалъ ГЭС балезул 160 гIан чи хIалтIизе вахъун гьечIо. Гьез лъабго моцIица жидее кьечIеб харж бецIи тIалаб гьабулеб буго гьез. Анкьица цебе гьабун букIараб гьединабго акциялъул гIемер кутакаб пайдаго ккечIин лъазабулеб буго гэсбалез. Нухмалъиялъ анкьида жаниб гьеб налъи бецIилин абуниги, гIарац щвечIого жал хIалтIизе рахъунарин лъазабулеб буго гьез

22 апрелалда ГьоцIалъ ГЭС балел хIалтIухъабазул I60 гIан чи вахъинчIо хъулухъалде. Гьеб къоляъ радалго ГЭСалъул минаялда цереги ракIарун гьез лъазабун буго жидее кьезе бугеб харж кьечIого жал хIалтIизе рахъунарилан. ХIалтIухъабаз бицухъе кIиго моцIил харжги лъагIалил ахиралда хIалтIуда рарал саназда рекъон тIаде кьезе кколеб мухьги щун гьечIо гьезие.
Гьеб акциялда гIахьаллъарав ГЭС балеб бакIалда хIалтIулев ГIалиев МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана акциялъулъ гIахьаллъи гьабулеб бугила ГЭС балеб бакIалъул кIудияб кIиго бутIаялъул хIалтIухъабазила ва къокъаб заманалда жаниб жидее гIарац кьечIони жидеда хIалтIизе рахъине ракIалдаги гьечIилан. Гьес гьединго бицана жалгун дандчIвазе вачIун вукIанила ГьоцIалъ ГЭС базе тIаде босаразул цояб «Сулахъэнерго» идараялъул бетIер ГIалиев НурмухIамад.

ГIалиев МухIамад: «Кинавниги I50 гIан чи вуго жакъа акциялда гьел киналго ккола ГьоцIалъ ГЭС балеб бакIалда бугеб СМУялъул ва лабораториялъул хIалтIухъаби. Январь моцIалдаса нахъе щун букIинчIо нижее харж. Гъоркь анкьицаги нижецаг ьадинабго акция тIобитIун хадуб январалъул харж кьунаха I8 апрелалда. Анкьида жаниб хутIарабги кьелин абун букIана нухмалъиялъ, амма рагIи кквечIо гьез. Гьанже нижеца тIалаб гьабулеб буго февраль март моцIазул харжал ва декабралъул харжалда цадахъ щвезе кколеб букIараб щибаб лъагIалил ахиралда хIалтIуда рарал саназда рекъон тIаде бачIунеб гIарацги кьейилан».

ГЭС балез лъазабулеб буго жидеда чIалгIанила тIалъиялдаги божун гIадада хIалтIун. Гьадингоги захIматал шартIазда хIалтIулел ругел жидее рукIине кколел санагIалъабиги гьаруларила, гьелде тIаде заманалда харжалги кьолел гьечIила. Гьединлъидал щибаб моцIро 25 къоялде харж щвечIони жидеца хIалтIи чIезе тезе бугилан.

ГьоцIалъ ГЭС базе тIаде босун буго «Чиркейгэсстрой» идараялъ гьезго кьезе ккола хIалтIухъабазе мухьги. Щайин гьел хIалтIухъабазе заманалда харжал кьоларелин цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ ахIана «Чиркейгэсстроялъул» нухмалъулев МухIидинов МухIидинихъе.

МухIидинов МухIидин: «Гьезие харжал кьезе гIарац гьечIо нижер идараялъул, щай гурелъул нижеца гьабураб хIалтIухъ «РусГидро» абулеб идараялъ гIарац кьун гьечIо ниже. Кинабниги 400-500 миллион гъурущгIан жо кьезе ккола гьез нижее, гьезул заказалда рекъонлъидал нижеца ГьоцIалъ ГЭС балеб бугеб. Дица чанцIул гьезда гIарац кьейин абуниги дихъ гIин тIамулев чик кун вукIинчIо. Гьанже гьеб акцияги тIобитIиялъги, журналистал гьеб суалалде гьоркьоре лъугьиналъги гьеб гIарцул иш роцIцIиналде хьул буго дир. Амма кин бугониги гьаб апрель моцIгIаги лъугIичIого гьеб щвелин абизе кIоларо дида».

«Чиркейгэстроялда» цебе нужерго налъи щайин тIубаларебин цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ «Русгидроялъул» Дагъистаналда бугеб бутIаялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей ХIайбулаева ПатIиматихъе ахIана. Гьеб суалалъе жаваб жинца кьун бажаруларила гьеб баян гьабизе жидер идараялъул нухмалъиги гьечIила гьаб сагIат хIалтIуда. Радал I0 ялдаги ратичIо гьел хIакимзаби хIалтIуда, бакъанида ункъгоялда ахIун хадубги ХIайбулаева ПатIиматица гьел «Русгидроялъул» нухмалъулев ва гьел хисулев жеги хIалтIуде щвечIин абуна. Гьединлъидал кида ГьоцIалъ Гэс балезе харжал щвезе ругелин абураб суалалъе кьучIаб жавабги щвечIо.
XS
SM
MD
LG