МагъчIваялъе рес

Гуржиялъе нухалда сверун баянлъи жеги гьечIо


Авариялдаса Кахетиялде бахъулеб нухлуда тIад 32 млрд-лде гIагарун гъурущ унин чIезабун буго «Дагавтодор» абураб гIуцIиялъ.

Гьанже августалда байбихьизехъин руго гьенир хIалтIабиги. Дагъистаналдаса олигарх Зиявудин МухIамадовасул квербакъиялдалъун Хунзахъ ва Шамил мухъазул гIорхъода бан буго хъил тIолеб заводги. Авариялдаса Кахетиялде бахъулеб нухде хъил тIезелъун бараб завод бугин гьебин абула, аслияб куцалда.

Гьеб ккола кIиго пачалихъалда гьоркьоб бахъулеб нух, амма Россиялъул хIукуматалъ гьелда хурхун жеги пикру загьир гьабичIо. Ай, гьечIо, Гуржиялъулги Россиялъул президентаз гьеб нухда тIасан гьабураб хасаб хIукму. Гьединлъидал Дагъистаналда цо-цоязда тIубан бичIчIулеб гьечIо жалго лъикIал лъугьун гьабулеб жойищ гьеб нух, гуребищали. Нух гьабун хадусалаги Россиялъ гьенисан доре-нахъе риччазе ругищ гьечIищали.

ГIезегIан заманаялъ гьоркьоб хутIун букIана Авариялдаса Кахетиялде нухлул хабар. Гьеб цIи гьабуна 2008 соналда магIарухъе газ бачиналда бан Россиялъул президент Владимир Путин Болъихъе вачIиндал. Гьанжеялдаса нахъе дагъистаниязе нух бахъизе бугин МахIачхъалаялде гуребги, Гуржиялъул гIорхъотIе щвезегIангиян абун букIана гьес гIадамазда цебе. Гьелъ рахIатхвезабун букIана Гуржиялда цо-цоязул. Масала, Рагъулабгун Гуржиялъул абураб нухги букIаго, Путиние тIадеги цойги нухги щайдай абун суал лъолеб букIана прессаялдасан. Гьелъ лъикIалде рачине гьечIила – щайин абуни Дагъистаналъул мугIруздасан хъачагъалги мигранталги рачIине рес бугила Гуржиялде. Гьеб букIана битIун ЦIунтIадерил мугIрузда чачаназул авлахъалъулав командир Руслан Гелаев чIвараб мех.

Гьелдаса нахъе заманги ана, Гуржиялда нухмалъиги хисана. Гьединлъидал гьабсагIаталда Гуржиялъ ва Гуржиялъ ругел магIарул росабалъ гьеб нух рагьиялда бан пикру батIияб бугин бицана ЭР-ялъе Бадрудин Ибрагьимовас. Гуржиялда бугеб магIарул Тиви росулъа чи ккола гьев.

Ибрагьимов Бадрудин, жамгIияв хIарактчи
Ибрагьимов Бадрудин, жамгIияв хIарактчи

Бадрудин Ибрагьимов: «Гуржиязе цIакъ бокьун буго. Дагъистаналъулгун гIорхъода гьединаб нух рагьизе бугилан абун роххун руго гьел. Цоцахъе ине рес щвезехъин бугелъулха. Масала, нижер чагIазул 40 процент Гуржиялъ, 60 процент Дагъистаналда буго. ГьанжегIагар МахIачхъалаялда букIана гьеб нухлул бицунеб данделъи. Гьенибги абуна дица гьелъул бугеб кIваралъул. Амма Россиялъ щиб бицунебалиги гIенеккизе ккелаха. Гьелъулгун Гуржиялъул дипломатиял бухьенал гьечIелъул жеги. ЦохIо Дагъистаналда бараб жо букIунарелъул».

Гуржиялъул прессаялдасан мисалалъе бачунеб букIараб Рагъулабгун Гуржиялъул нух хасалил заманалда гIазул цIун, къан букIуна. Гьаб цояб – Авариялдаса Кахетиялде унеб нухда гьединал проблемаби рукIунарин бицуна бакIалъул гIадамаз.

Дагъистаналдаса Гуржиялъе нух бахъизе ккеялъул суал Россиялъул нухмалъиялъ гьанжеялдаса 164 соналъ цебеги лъун букIун буго. Мисалалъе, гьадин хъвалеб буго архивалда бугеб цо документалда: «Гьанже хIукуматалъ тIалаб гьабизе ккела Дагъистаналъ Тифлисалъул губерниялъулгун бухьен гьабизе рес кьолеб нух бахъизе. Гьеб нухлул кIвар букIине буго экономикияб гуребги, стратегиялъул рахъалъги».

Гьедин гIурус пачаяс гьединаб нух бахъана Дагъистаналъул ЦIунтIа, БежтIа мухъалдасан Гуржиялъул Кахетиялдехун. Гиназ Барятинскияс Гъуниб кверде босун хадуб бахъун буго гьеб нух.

Гьеб нухда киданиги рукIинчIин я почалъул чуял, яги станциял, тIадежоялъе гьеб нух киданиги къачIан гьечIин, бокьараб ккагиян рехун тун бугилан хъвалеб буго I9II соналда ГIурусазул Географиялъул жамгIияталъ къватIибе биччараб тIехьалда Кавказ лъазабулев чи Динникица. Гьедин жагъаллъун букIиналъ, гьеб нухдасан чода рекIун ун бажаруларила. Дагъистаналдаса Гуржиялъе нух бахъулеб бакIалда хIалтIун вугоан гIурус пачаясул армиялда гъорлъе унел къокъабаздаса кинавниги анлънусиде гIагарун чи.

Бицен гьабулеб нух къачIаялде регIарав чи вукIун гьечIо Россиялда I900 абилел соназул байбихьуда батIи-батIиял рагъалги байбихьун – цин гIурусазулгун япониязул рагъ, цинги граждан рагъ, инкъилаб ва цогидаб.

Цоцада хьибил цурал мадугьалзаби рукIаниги, дагъистанияздагун гуржиязда гьоркьоб нух гьечIин, гьел цоцахъе хьвадизе кколел ругин кIудияб свериги босун – Бакуялдасан яги Орджоникизеялдасанилан бицунеб букIана советияб заманалдаги. Лъабнусиде гIагарун километралъул манзилалда Дагъистаналъул тахшагьаралде рачIиналдасаги Гуржиялде ине бигьа буго цIунтIадериегун бежтIадерие.

Гьебги хIисабалде босун, Авариялъулгун Кахетиялъулин цIар щвараб гьеб нух цIи гьабизе вахъана гьанжеялдаса 20-25 соналъ цеве БежтIаса Къебедов МухIамад. Гьеб мехалда къарзалъе босараб гIарац жеги бецIун гьечIо хIукуматалъ гьесие. ТIадежоялъе гьесда гIемер къо бихьун бугоан гьеб нух рукIалиде бачIинабулаго. Щайин абуни гIурус пачаяс бахъараб нух гIатIид гьабизе советияб заманалда тIад къан букIарал «Хунзахводстрой» абураб къокъаялъул хIалтIухъабаз гьеб тIадеги хвезабун батун буго – нух бахъизеян абун кьураби, щобал кьвагьизарун, гьединан гьарчаз рахчизарун ратун руго даруял иццал.

XS
SM
MD
LG