МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул аэропорталдаса викъун вуго лъабго генусев


Генал митингалда
Генал митингалда

16 ноябралда Дагъистаналъул микьго мухъалде транспорт хьвадулеб шагьранух къан букIана гендерица.

Гьез тIалаб гьабулеб букIана жидер росулъа лъабго гIолохъанчи киве ва лъица вачун арабали лъазабеян. Туркиялде роржунаго МахIачхъалаялъул аэропорталдаса рачун ун руго Сулейманов ГIалиги, МухIамадов Шамилги, МухIамадов АхIмадги. Амма нух къан чIарал гендерие тунка-гIуси гурони, низам цIунулезул рахъалъан чIванкъотIараб жаваб щун гьечIо.

Гьел гIолохъаби Стамбулалде щвечIолъи лъайдал тIатун буго гендерие хIакъикъат. Гьезул гIагарлъиялда гьеб бицун буго аэропорталда йикIарай гIаданалъ.

МухIамадов Шамиль: «ГIагарлъиялъ абулеб буго ахирисев чи къватIиве вачIинегIан чIанила жал аэропорталда. Дол васазда берчIвачIила. Цинги цо гIаданалъ бицанила битIун аэропланалде рахунелъул низам цIунулезул ретIелги ретIарал гIадамал рачIанила, жидеда цадахъ рилълъайин чIанила гьел дол васазда. Жал Туркиялде роржине кколин, кинин жал рилълъунелин чIанила гьел гьезда. Гьеб мехалда гьел рухизе лъугьанила гьел.

Мунагь гурел, гIайиб гурел чагIи рухулел рихьидал, гьоркьоб рагIи бицине лъугьун йиго цо магIарулай. Гьеб мехалда гьейги ун йиго доз цадахъ ехъерхъун ячун. Гьейги дов лъабавго васги кирехун аралали жеги лъалеб гьечIо. Гьединлъидал тIокIаб гьабизе жоги гьечIиланги абун, рогьалил какдаса хадур нух къазе къватIире рахъине хIукму ккана нижер. Гьелда цебеги бачIун букIана суал бегьулищдила эб нух къазе абун. БитIараб бицани, лъалеб жо буго элъул зарал бугел чагIи нилъго, бусурбаби, магIарулал, микьго мухъалъул чагIи рукIин».

Гьениб гендерилги нухлулазулги ккун буго кIудияб дагIба. Гьез гьикъулеб бу
кIун буго жидеда бугеб гIайиб щибин нужер гIолохъаби тIагIунилан, Къуръан-хIадисалъ изну кьолищин гьелъие? Амма гьедин гьабичIого тIокIаб рес букIинчIин жидерилан абулеб буго гендерица. Нухлулазулгун гуребги, полициялъулгунги ккун буго гендерил рекъечIеб хабарги тунка-гIусиги. Абулеб буго лъукъарал гIадамалгицин.

(Нух къан чIарал гIадамазул ахIи-хIур)

МухIамадов Шамиль: «Нижее лъазе бокьун буго щибго гIайибги гьечIого, щибго цIех-рехги гьабичIого рачун арал нижер гIолохъаби чIагойищ ругел, хунищ ругел гьел лъица аралали лъазе».

Гьел гIолохъаби - Сулейманов ГIалиги, МухIамадов Шамилги, МухIамадов АхIмадги - ккола гIумрудул 25 сон бугел гIолохъаби. Гьанжеялдаса кIиго анкьалъ цебе низам цIунулез тIобитIун букIана Генуб росулъ хасаб операция. Гьеб мехалда Шамилхъалаялъул полициялде рачун ун рукIун руго низам цIунулез гьезул кIигоял. Килщазул расеназул сураталги рахъун, суравги босун нахъе риччан рукIун руго гьел.

МухIамадов Шамиль: «ГIайиб букIараб батани, гъоб мехалда щайха нахъе риччарал гьел? Гьабун дивангун, жанирги лъун щайха щибниги гьабичIеб? Гурони рачIун гьаб къагIидаялда, гIадамазул рекIелъ хIинкъиги рещтIинабун, хIайваназул бакIалде гIадамалги гьарун гьабулеб пишаялда цIар щиб лъолебаниха…».

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялдаса гIадамалги рачIун, гьаваялдеги кьвагьдолаго, гIадамазул бадибе газги речIчIизабун нухдаса рикьа-риххизарун руго гьез гьел. Гьединго гIадамалгун кIалъан руго Унсоколо мухъалъул полициялъул нухмалъулевги жанисел ишазул министерлъиялдаса вакилги.

МухIамадов Шамиль: «Гьез нижее рагIиги кьечIо, гьадинаб жо бугилан абун бицинеги бицинчIо. «Бихьила-рагIилалда» ратIалъанаха эниса нахъе. Рузманалде ине заманги щолеб букIана… Лъаларо дида, къанунги дивангийин абун ахIдолеб аб хIукуматги букIуна. Яги аб къанунги диванги хасал гIадамазейищ бугеб… Лъалеб гьечIо. Кин батаниги, жакъа бусурбабазе кутакалда захIматаб заман бачIун буго».

XS
SM
MD
LG